Аралъул хIисаб гьабуни…

ТIоцебе Дагъистаналде исламалъул байрахъ бачIарав чи ккола Сал­ман бину РабигIатил Багьили. Гьев вачIана, ислам тIибитIизабулаго, Дербенталде щвезегIан. Гьелдаса хадуб гIемерлъана гIарабаз Дагъиста­налде гьарулел гъазаватал.

 

ГIабасилазул халиплъиялъул за­маналда Дербент шагьар лъугьун букIана битIахъе гIелмияб центр­лъун. Гьарун-Рашидил заманалда гьевги вачIун вукIана цо нухалда гьениве, жиндирго лъималгун ца­дахъ. Гьенир гIемерал машгьурал гIалимзабиги рукIана.

 

Нилъеда лъалев тIоцевесев маш­гьурав гIалимчи вукIана Гъумеки­са ГIали (КIудияв ГIали). Дагъи­станалда машгьураб «Мухтасар» тIехьги гьесде гIунтIизабула. Гьев вукIун вуго ИбнухIажар Гьайта­миясул заманалъул чи. ХIежалда гьел дандчIванги руго. Гьесда ха­дув машгьурав гIалимчи вукIана ГIободаса ШагIбан. Гьесда хадув ваккана Къудукьа Мусалав. ГIелму тIалаб гьабун, гьев хIижазалъул ракьалде ана доб заманалда дуня­лалдаго машгьурав СалихIил Яма­ни абулев гIалимчиясухъе, 6-7 со­налдаса ватIаналдеги тIад вуссун гIелму тIибитIизабуна. Гьелдаса ха­дуб Дагъистаналда рахъана кутакал гIалимзаби.

 

 

БатIаго бицен гьабизе бокьун буго 19-20-абилел гIасрабазда вукIарав кIиго гIалимчиясул хIакъалъулъ: ХIоцоса Доногъонол МухIамадил васал ГIабдулатIипилги Нажмуди­нилги.

 

Босеха ГIабдулатIипил, авараг веццун хъвараб, «ТалагIлагIа» на­зму. Алкъадарияс жиндие (тахмис) гьабураб, гIараб мацIалда хъвараб ва гIажамияталъул кинабгIаги махI жиндилъ гьечIеб. Босеха Нажму­динил «Азгьаруравиягь» — Ава­раг (с.гI.в.) веццун гIараб мацIалда хъвараб, гIарабазул улкабиго гIажаиблъизарулеб. Гьел назма­би руго, Дагъистаналда лъица щиб гIараб мацIалда хъван батаниги, тIолго дунялалъулго чIумазулъ мар­жанал. Дица гуро гьезие гьединаб къимат кьолеб бугеб, гьеб кьолеб буго тарихалъулги гIелмуялъулги ритIухълъи цIунулел чагIаз.

 

 

Руго гьезул гIараб мацIалда цIакъго пасихIал жеги назмаби. Гьеб буго Дагъистаналда инкъила­балда цебесеб заманалда букIараб диналъеги, адабияталъеги, гIараб хъвай-хъвагIаялъеги, цересел уму­музул кIалзул хазинаялъеги, биялъ белъун хъвараб нилъер тарихалъе­ги нугIлъун бугеб хIужа. Гьайгьай, маданияталъеги адабияталъеги нугIлъи гьабулел хIужаби гIемерал руго, рукIунги ратила, амма гье­зул гIемерисел гъанкъизаруна, тIагIинаруна, рухIана.

 

ГъазимухIамад имамасул, ХIамзат имамасул ва 25 соналъ ха­лат бахъараб Шамилил къеркьеялъ­ги гьелъие нугIлъи гьабула, нилъер тарих меседил хIарпаз хъвазе ре- къараб букIиналъе. Амма жакъа­ги камуларо гьелде рагIад рехиза­булел, хIакъикъаталда канлъиялде рагIад рехизе ресго гьечIеблъиги бичIчIуларого.

 

Щалха рукIарал Доногъонол МухIамадил васал? Цояв дунялалъул миллатго гьабичIев, жиндие кколеб инсул бутIаялдасаги инкар гьабурав, жиндир гIумру гIелмуялъе вакъпу гьабурав, дунялалъул политикаял­де гъорлъе лъугьинчIев, пачаясул изну гьечIого хIежалде анин абун, ватIаналдаса къватIивеги витIун, 39 сонил ригьалда чияр ракьалда хва­рав гIелмудал ралъад ГIабдулатIип.

 

Гьесул гьитIинав вац Нажмудин – бечедав, боцIи-малги, гIелмуги бу­гев, динияб гIелмуялъе гIарабазул гIалимзабаздаса нахъе кколарев чи вукIана. ГIарабазул цересел машгьу­рал шагIирзабазул шигIрабаздаса ратIарахъизе лъалареб хIалалъ жи­делъ гIажамияталъул махI гьечIел гIараб шигIраби хъвалев шагIирги гIалимги, цIияб политикаялде дандечIарав политик, хIукуматалъ халкъалъул тушманлъун рикIкIарав ва 1925 соналда Ростовалда, «трой­каялъ» чIвазе хIукмуги гьабун, чIварав чи.

 

 

Гьединаб буго гьаб дунялги дуня­лалъул гIумруги хисардулеб, цоялъ цояб гьересиги гьабулеб жо. Хису­лареб жо цохIо Къуръанги хIадисги буго. Аралъул хIисаб гьабуни, ни- лъер лъикIалщинал гIалимзабиги, бажари бугел чагIиги цоял чIван, цоял гъурбаталде ритIун, хвана. Ал­лагьас цIунаги гьанжеги цIидасан гьебго кIкIалахъе гIумруялъул гьоко гириялдаса.

 

Щивха ворчIарав репрессиялъул кIичIикьа? Нажмудинида данде рукIарал, батIи-батIияб багьанаги батун, цоял чIван, цоял ватIаналдаса къватIире ритIун, тIагIинаруна. ГIалихIажи ГIахъушияв ахирал­да хIукуматалъ къадру-къиматал­да цIунун вукIарав, кIиго соналъ жиндирго рокъов туснахъ гьавун хадув хвана 1930 соналда, 83 сонил ригьалда. Гьесул рукъалъул агьлу- хъизан Гъиргъизиялде битIана. Гье­сул наслудал чагIи гьабсагIатги руго гьенир.