Дагъистаналъул тарихалда – 300 магIаруласул цIар

Машгьурал гIадамал

 

Магаева ПатIимат
(1949)

Магаева ПатIимат – Дагъистаналъул халкъияй артист, ДРя-лъул ва РФялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан.
Гьаюна 1949 соналъул 22 июлалда Унсоколо росулъ, магIарул театралъе кьучI лъурав Дагъистаналъул халкъияв артист, РСФСРа-лъул мустахIикъав артист Магаев ГIабдурахIманил хъизамалда.
ПатIимат ккола машгьурай кочIохъан. Гьелъ ахIула магIарул халкъиялги гьанжесел поэтазулги кучIдул.
Бищунго лъикIазул цояллъун рикIкIуна гьелъ ахIулел Афгъанистаналда хъулухъ гьабуразе сайгъат гьарурал кучIдул.
1988 соналда цIакъго машгьураблъун лъугьана гьелъ ахIулеб «Афгъанистан» абураб кечI. Гьебго соналда ПатIиматица лъугIизабуна МахIачхъалаялъул культпросвет-училищеги.
Гьелъул «Наиб Идрис», лирикияб «Гуржи-Меседо», махсародул «Пайда гьечIев», «Цебеги гьанжеги», «Цебе тIамула» ва цогидалги назмабазгун кучIдуз гIенеккаразул рекIее кIудияб асар гьабула. Гьелъухъа бажарула магIарул некIсиял кучIдузе цIияб гIумру кьунги.
2006 соналда Польшаялъул Закопане шагьаралда тIобитIараб МугIрузул халкъазул XXXVII Халкъазда гьоркьосеб фестивалалда, кечI ахIун, ПатIиматица босана кIиабилеб бакI.

ГIумаров МухIамад
(1950-1998)

ГIумаров МухIамад – машгьурав кочIохъан, композитор.
Гьавуна Шамил районалъул Гьолокь росулъ, 1950 соналда. Школа лъугIун хадув цIалана ДГУялда.
МухIамадихъа бажарана ракI-ракIалъго ахIулеб кочIодалъун гIенеккарал асир гьаризе.
Гьев вукIана космосалда жиндир гьаракь рагIарав цого-цо вугев Дагъистаналдаса кочIохъанлъунги. Гьесул «Дагъистаналъул цIум» абураб кечI Москваялъул роржиназе нухмалъулеб централдасан космосалде, гьенив вугев Муса Манаровасе сайгъат гьабун ахIана. Дагъистаналъул тIоцевесев космонавтасе гьеб букIана ракIалдаго гьечIого рохеллъун.
МухIамад вукIана Дагъистана-лъул гостелерадиоялъул хоралъул
солистлъун. «Хочбар» абураб миллияб операялда гьес ахIана хунздерил хан Нуцал-Ханил аслияб партия. Гьес магIарул ва гIурус мацIазда ахIулаан анцI-анцI магIна бугел, гIадамазе асар гьабулел кучIдул. Гьезда гьоркьоб хасаб бакI кколаан эбелалде, къункърабазде ахIулел асараз.
Аслияб куцалда ахIулаан Расул ХIамзатовасул, ГIумархIажи Шахтамановасул рагIабазда кучIдул.
МухIамад ГIумаров нилъедаса ватIалъана 1998 соналда, 48 сонил ригьалда. Вукъун вуго гIагараб росулъ.

ТIолбоев МухIамад
(1951)

ТIолбоев МухIамад – Россиялъул БахIарчи, М. Громовасул цIаралда бугеб институталъул летчик-испытатель.
Гьавуна 1951 соналъул 20 январалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ.
1973 соналда Ейск шагьаралда лъугIизабуна В. Комаровасул цIаралда бугеб тIадегIанаб рагъулабгун авиациялъулаб летчиказул училище ва хъулухъ гьабуна Одессаялъул рагъулаб округалъул истребительнияб авиациялда парашюталъул десант хIадур гьабулеб бутIаялда цин летчиклъун, хадуб — гьелъул нухмалъулевлъун.
1977 соналда, самолетазул хIалбихьиялъул хъулухъалде иналда бан, капитанасул чиналда армиялдаса нахъе ана.
1981 соналда гьес лъугIизабуна СССРалъул Авиациялъулаб промышленносталъул министерствоялъул летчикал-испытателазул школа.
1984 соналда лъугIизабуна Москваялъул авиациялъулаб институт.
М. ТIолбоевас хIалбихьи гьабуна МиГ-23М, МиГ-25, МиГ-29, МиГ-31, Су-24, Су-27 гIадал самолетазул. Гьес кIигониги нухалда рещтIинаруна моторалъе жагъаллъи ккарал самолетал.
Гьес лъалкI тана советияб космосалъулаб программа тIубазабиялъул хIалтIулъ.
1993 соналда лъугIизабуна Патрис Лумумбал цIаралда бугеб Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул университет.
1993-1995 вищана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун. 1994 соналда космонавтазул отрядалдаса нахъе ана.
1995-1998 соназда М. ТIолбоев тIамуна республикаялъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул рахъалъ советалъул секретарьлъун ва Чачаналда рагъ унеб заманалда гIемераб хIалтIи гьабуна Дагъистаналъе хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъул мурадалда.
1999-2000 соназда гьев вукIана Россиялъул МВДялъул Москва округалъул жанисел ишазул яргъилал къуватазул авиациялъул командующиясул заместительлъун.
1992 соналда Россиялъул президентасул указалдалъун ТIолбоевасе кьуна Россиялъул БахIарчи абураб цIар. ГьабсагIаталда полковник ТIолбоевас жигараб гIахьаллъи гьабула Россиялъул жамгIиябгун политикияб гIумруялъулъ.
Гьев мустахIикълъана «ЗахIма-талъул БагIараб Байрахъ» орденалъе ва чанго медалазе.

 

МахIачев ХIажи
(1951-2013)

МахIачев ХIажи – жамгIиявгун политикияв хIаракатчи, Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместитель, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат.
Гьавуна 1951 соналъул 19 марталда Хасавюрталда, Буртунаялдаса НухIил хъизамалда. Гьесул эмен вукIана милициялъул хIалтIухъан, кверзул махщел бугев инсан.
Школа лъугIун хадуб ХIажи цIализе лъугьана медучилищеялде ва гьенисан армиялде хъулухъ гьабизеги ана. ТIадвуссиндал хIалтIана совхозалда ва гьединго автотранспорталъулаб магIишаталда контролерлъун.
ЛъугIизабуна ДГУялъул юридикияб факультетги, цIунана юридикиял гIелмабазул докторасул диссертацияги.
1988 соналда ХIажил жигарчилъиялдалъун гIуцIана Шамил имамасул цIаралда бугеб Халкъияб фронт. 1992 соналда гьев вищана Аваразул халкъияб багъа-бачариялъул председательлъун. 1991 соналда вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун. 1995 ва 1999 соназ вищана Дагъис-таналъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. 1995 соналда тIамуна ОАО «Дагнефть» цолъиялъул генералияв директорлъун.
2000 соналда гьес гIуцIана республикаялда лъай кьеялъе, маданияталъе кумек гьабулеб рахIму-цIобалъул фонд.
2003 соналда ХIажи вищана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул ункъабилеб ахIиялъул депутатлъун ва гьенив жамгIиял гIуцIабазул комитеталъул нухмалъулесул заместительлъун хIалтIана.
2007 соналдаса ХI. МахIачев вукIана Москваялда президентасда цебе бугеб Дагъистаналъул кидагосеб вакиллъиялъул нухмалъулевлъун.
Къадаралде щвана 2013 соналъул 19 декабралда.

(Хадусеб букIине буго)