Дур кIодолъиялъ гIадин, кIодо гьабичIо дир халкъ

Мун довайищ вугев, магIарул имам,

Инсул тIалъиялъул тIабгIалъул бутIа?

ТIаде вахъун Шамил вачIуна дихъе,

Дун дова гьечIилан, дун гьанив вугин.

Дора ракьулъ ругин янгъизал рукьби,

Рокьи, хIасрат танин Дагъистаналда.

Доба къеркьеялъул къанщарал берал,

Къо гьалдараб гъугъай ичкери рохьахъ.

17 сентябралда имам Шамил гьавуралдаса 225 сон баялъул хIурматалда Авар театралда тIобитIана адабияталъулгун маданияталъул тадбир. Шагьараздасаги районаздасаги гьенибе гьеб сордоялъ гIемераб гIалам бакIарун букIана. ГIодор чIезе бакI щвечIого, рахъун чIаралгицин рукIана. Рохизе ккараб хIужа букIана гьенир гIолилал гIемер рукIинги.

Театралде жанире лъугьиндал, жанахIа­лъур гIуцIун рукIана батIи-батIиял районаздаса вакилзабаз хIадурарал миллияб кванил церелъеял.

Тадбир гIуцIиялъе квербакъи гьабуна «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъ ва Авар театралъул хIалтIухъабаз.

Пардавги рагьун, тадбиралде байбихьараб лахIзаталдаса нахъе, доб заманалде сапар гьабураб ва жакъа нилъехъе Шамил тIадвуссараб гIадаб асар букIана залалда.

Дун АхIулгохIалъул ахаде щвана,

Амма къуват гIечIо тIаде вахине,

ТIаде кин вахинев хвалчабаз, хунжруз

Русс-руссун ратидал гьелъул сухъмахъал…

Тадбир берцинго нухда бачана Генуса авар мацIалъул мугIалим Асият ГIабдулаевалъ ва исламиял дандеруссинал нухда рачунев МахIмуд МухIамадовас.

Унсоколо районалъул бетIер ГIиса Нур­мухIамадовас бицана исана Дагъистаналдаги Россиялъул цо-цо шагьараздаги Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубаялъул хIурматалда гIемерал тадбирал тIоритIизе ругин.

Шамил имамасул фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевас абуна жакъа Шамил кIодо гьавун тадбирал тIоритIиялъе нилъер гIезегIан ресалгун сурсатал ругониги, букIине кколеб даражаялда гьеб хIалтIи жеги гьабулеб гьечIин.

«Дун гIемер щола батIи-батIиял районазде, шагьаразде. Школлъималгун дандчIвайдал, имам Шамил щив кколевали лъаларелги ратула. Гьеб чIахIиязул гъалатI буго. ТIубанго кIвечIониги, цо гьитIинаб къадаралъгIаги, имамасул нухдасан нилъго ине хIаракат бахъизеги гIун бачIунеб гIел куцазеги ккола. Гьесул нух — гьеле наслабазе кьезе кколеб тарбиялъул мисал», — ан абуна ГI. Хархачаевас.

ДРялъул бетIерасул жамгIияв кумекчи, ГIашилтIаса АхIмад ГIабдуразакъовас абуна жидер росулъ гIун бачIунеб гIел умумузул нухдасан ине, магIарул рукIа-рахъиналда рекъон хьвадиялде жакъаги кIвар кьолин.

«Цониги рукъ батиларо ГIашилтIа Шамилил сурат къеда бачIеб. ГьитIинаб къоялдаса нахъе бицуна гьесул ва гьес нахъа тараб нухлул хIакъалъулъ. Школалдаги кIвар кьола рухIиябгун патриотикияб тарбия кьеялде.

Доб рагъ боркьараб заманалда, гIешдерил руччабаз бихьизабураб бахIарчилъиялъулги къохIехьеялъулги хIакъалъулъ гIемерал биценал руго. Шамилицаги ахиралда абун буго, гIешдерил руччаби хьолбохъ рукIаралани, жакъа гьаб бакIалде ккезе букIинчIин гьаб ишилан.

Имамасул хьибил ккун рагъарал гьел бахIарзазул баракаталъ ккун бугин абизе кIола нижер росу», — ян бицана гьес.

Шамилиде гьарурал жидерго асарал цIалана ГIиса Шарапудиновас, ТубхIат Зургьаловалъ,  Шамил МухIидиновас.

ГIуцIарухъабаз хIадурун букIана цIакъ берцинаб, магIнаяб литературиябгун музыкалияб композицияги.

Байбихьи лъуна «ЧIарадисезул хоралъ» ахIараб «Наибзаби, муридзаби» абураб машгьураб кечIалъ.

Цебеккунго бицун букIана гьеб сордоялъ, хас гьабун гьеб тадбиралъе хIадур гьабураб «Шамилилги ШугIайнатилги къиса» абураб гьитIинабго спектакльги бихьизабизе бугин. МахIмуд МухIамадовас хъвараб сценариялда рекъон лъураб постановкаялда ролал хIана Авар театралъул актераз. Гьениб бицен гьабулеб букIана Шамилилги Моздокалдаса Анналги лъай-хъвай ккеялъул ва гьезул хадусеб гIумруялъул. ЦIакъ рекIее асар гьабулеб, бадиб магIу ххулизабулеб церерахъин букIана гьеб.

Шамил имамасдеги гьесул наибзабаздеги гьарурал магIарулазул машгьурал шагIирзабазул кучIдул цIалана МухIамад Дудуевас ва Рамазан Халидовас. Жинцаго Шамилиде гьабураб кечI цIалана ЧIарада районалдаса ТIагьират Жаватхановалъ.

Авар театралъул артистка Разият Дибировалъ, кочIохъаби Мадина ГIабдулаевалъ, АхIмад Кусалаевас ахIана назмаби, гьединго нашидал ахIизе рачIун рукIана ХIалимат МухIамадова, ПатIимат Асилдарова ва «ЧIикIаб» къокъа.

Школлъималазги гьабуна тадбиралда жигараб гIахьаллъи. Балагьаразе асар гьабиледухъ назмабигун кучIдул цIалана Гъизилюрт шагьаралъул №1 гимназиялъул цIалдохъан МухIамад ИсмагIиловас, МахIачхъалаялъул №8 лицеялдаса ХIамзат ШагIбановас ва ГIашилтIа росдал школалъул цIалдохъабаз.

Тадбиралъул ахиралда кIалъазе вахъарав «АхIулгохI» гIуцIиялъул нухмалъулев, жамгIияв хIаркатчи Гъайирбек ГIабдулаевас, тадбиралда гIахьаллъи гьабизе рачIаразе бар­калаги загьир гьабун, абуна жидер гIуцIиялъ, халкъалъул кумекалдалъун, жеги чанго гьадинаб тадбир тIобитIизе бугин.

Гьениб гьесие кьуна тIадегIанаб шапакъат — Шамилил цIаралда бугеб орденги.

Гьеб берцинаб дандеруссиналъе ахир лъуна киназго цадахъ ахIараб «АссубхIубада» мавлидалъ.

МухIамад Манапов

Дур кIодолъиялъ гIадин,

                               кIодо гьабичIо дир халкъ