«Аманат» киназего рекIее гIуна… ТарихчагIазе хутIизегIан

 

 

24 маялда Москваялда бихьизабуна «Аманат» абураб фильмалъул премьера. 26 маялдаса байбихьун улкаялъул киналго кинотеатразда бихьизабизе буго гьеб.

    Имам Шамилил кIудияв вас, АхIулгохIда рагъ унеб заманалъ инсуца гIурусазухъе аманаталъе кьун вукIарав Жамалудинил хадусеб къисматалъул бицунеб гьеб киноялъул хIакъалъулъ нижеца гIатIидго хъван букIана газеталъул цересел номеразда. 7 маялда МахIачхъалаялъул «Синема Холл» кинотеатралда букIана гьелъул цебелъейги (презентация). Имам Шамилил кIудияв вас, АхIулгохIда рагъ унеб заманалъ инсуца гIурусазухъе аманаталъе кьун вукIарав Жамалудинил хадусеб къисматалъул бицунеб гьеб киноялъул хIакъалъулъ нижеца гIатIидго хъван букIана газеталъул цересел номеразда. 7 маялда МахIачхъалаялъул «Синема Холл» кинотеатралда букIана гьелъул цебелъейги (презентация).

Гьаб нухалъги ниж гьеб темаялде тIад руссиналъе гIиллалъун кканин абизе бегьила, 24 маялда, Москваялда букIараб премьераялде гIемерал хIакимзабиги, гьединго Россиялъул киноялъул актералги, машгьурал артисталги гьенире рачIун рукIин.

Республикаялъул бетIер Сергей Меликовги, хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги ва цогидалги рукIана гьенир. Гьединго премьераялъухъ балагьизе вачIун вукIана РФялъул президентасул администрациялъул нухмалъулесул заместитель МухIамадсалам МухIамадовги. Гьез фильмги беццана.

    «Аманат» фильмалда аслиял ролал хIарал, гIурусазул хIалбихьи бугел актераздаса байбихьун гIолохъанал артистазде гIунтIун гIемерав чи вачIун вукIана гьениве. Фильмалъул афишаялъул сурат тIад бахъараб кIудияб баннералда цебе жидерго суратал рахъулел, журналистазе комментариял кьолел рукIана гьел. 

Мисалалъе, «Аманаталда» гIурусазул пача Николай ТIоцевесесул роль хIарав машгьурав актер Андрей Соколовас гьадин бицана жиндирго героясул ва Дагъистаналъул хIакъалъулъ:

    — ЦIакъ рекIее гIуна дие Дагъистанги гьелъул гIадамалги. Гьеб киноялдаги бихьизабулеб буго магIарулазул гIамал-хасияталъул хаслъиги, гьезул къвакIунчIейги, эбелалаб ракьалъе рухI кьезе барахщуларел гIадамал гьел рукIинги. Амма, кин букIаниги, дие киноялъул бицен ккезабун гуреб, абизе бокьун буго хIакъикъаталдаги хIикматаб ракь бугин гьебилан. ТIабигIатги гIораллъаралги, тIоцеве гьениве щварав чи асир гьавулеб берцинлъиялъул ракь буго. ГIайиб гурищ, дие цо-кIиго къо гурони базе щвечIо гьениб. Цоги нухалъ вачIинчIого рес гьечIо.

Фильмалда Николай ТIоцевесесул даражаги, пача хIисабалда гьесул машгьурлъиги, къадру-къиматги бихьизабун бугониги, дица абила, кIиабилеб планалъул роль букIанин гьебилан. Аслияб бакI киноялда ккола Шамилил вас Жамалудиницаги гьесул гIадатияб гуреб къисматалъги, — ян бицана А. Соколовас. Фильмалда Николай ТIоцевесесул даражаги, пача хIисабалда гьесул машгьурлъиги, къадру-къиматги бихьизабун бугониги, дица абила, кIиабилеб планалъул роль букIанин гьебилан. Аслияб бакI киноялда ккола Шамилил вас Жамалудиницаги гьесул гIадатияб гуреб къисматалъги, — ян бицана А. Соколовас.

Жамалудинил рокьи ккун букIарай Лиза Оленинал эбел — Мариял роль хIалеб буго Екатерина Гусевалъ. ГIемерисезда лъалей актриса ккола гьейги. Мисалалъе, 2000-абилел соназда машгьурлъараб «Бригада» телесериалалда аслиял ролазул цояб хIалеб букIана Екатеринаца. «Аманаталда» гьелъул героиня — Мариял вас чIвала Кавказалъул рагъда. Гьелъул ясалъул абуни рокьи ккола, тушманлъун гурони гьелъ къабул гьавуларев чиясухъ, ай имам Шамилил васасухъ. Жамалудинил рокьи ккун букIарай Лиза Оленинал эбел — Мариял роль хIалеб буго Екатерина Гусевалъ. ГIемерисезда лъалей актриса ккола гьейги. Мисалалъе, 2000-абилел соназда машгьурлъараб «Бригада» телесериалалда аслиял ролазул цояб хIалеб букIана Екатеринаца. «Аманаталда» гьелъул героиня — Мариял вас чIвала Кавказалъул рагъда. Гьелъул ясалъул абуни рокьи ккола, тушманлъун гурони гьелъ къабул гьавуларев чиясухъ, ай имам Шамилил васасухъ.

Гьелъиеги цIакъ рекIее гIун буго Дагъистан.

   Амма гIажаиблъи, гьанжелъизегIан «Аманат» фильмалда хурхун жидерго пикру загьир гьабичIо цониги нилъер тарихчияс. Имам Шамилил заманги, гьесда хурханщинаб тарихги тIокIкIун лъалев ХIажимурад Доногъоги вуцIцIун чIана. ЮцIцIун чIана наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ саламатаб тIехь хъварай тарихчIужу ПатIимат ТIахIнаеваги. Нижехъе щварал баяназда рекъон, фильм гьелъие рекIее гIун рагIуларо. Уяб бугищ-гьечIищали гьелъухъе жиндихъего ахIизе нижер рес ккечIо. Тимур Айтберовги, ахираб заманалда тIагIун чIун вуго. Амма гIажаиблъи, гьанжелъизегIан «Аманат» фильмалда хурхун жидерго пикру загьир гьабичIо цониги нилъер тарихчияс. Имам Шамилил заманги, гьесда хурханщинаб тарихги тIокIкIун лъалев ХIажимурад Доногъоги вуцIцIун чIана. ЮцIцIун чIана наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ саламатаб тIехь хъварай тарихчIужу ПатIимат ТIахIнаеваги. Нижехъе щварал баяназда рекъон, фильм гьелъие рекIее гIун рагIуларо. Уяб бугищ-гьечIищали гьелъухъе жиндихъего ахIизе нижер рес ккечIо. Тимур Айтберовги, ахираб заманалда тIагIун чIун вуго.

ХIасил-калам «Шамилил заманалъул хIакъалъулъ бахъараб цIияб фильмалъул хIакъалъулъ жиндирго пикру загьир гьабуна тарихчи Зураб ХIажиевас:

— ТIубанго гьеб кино дида бихьичIо, премьераялдеги ккечIо. Амма, тарихчи хIисабалда, дие гьеб бахъараб куц рекIее гIечIолъи загьир гьабизе, гьеб фильмалъул проморолик бихьиги гIуна. ТIоцебесеб рахъ босани, кино букIана какиеги чурун, бисмиллагьги бахъун ракIалъ ниятги гьабун бахъизе кколеб. Амма дида лъала гьединаб ниятгун гьез гьеб бахъичIолъи.

КIиабизе, дие рекIее гIечIо гIолохъанав Жамалудинил роль хIарав актер. Я гьурмал гъалипалдалъун, я сипаталдалъун нилъеда тарихалъул тIахьазда вихьарав Жамалудинида гьесул щибниги релълъен-хъвайцин гьечIо. Гьеб жо ккола, мисалалъе, цо кида бугониги Рамазан ГIабдулатIиповасул хIакъалъулъ кино бахъизе ракIалде ккани, гьесул роль Сайгидпаша ГIумахановас хIараб гIадаб жо.

Хадуб, фильмалда жаниб гьез бищун цебе босун буго гIолохъанчи Жамалудинилги гиназасул яс Лиза Олениналги рокьул тема. Амма гьеб рокьул хабар буго цониги тарихияб документалдаги батичIеб, гьадингояб хабар, рагIарасул рагIаралдаги божун нилъехъе щвараб баян. Мисалалъе, школалда ва университеталда букIунаан Патялги Магалги рокьи-мокьи рагIулин, гьез цоцахъе кагътал хъвалел ругин абун, шуршудилаго бицунеб гIахьучI. Гьединал гIахьучIазда божун бахъулеб жойищ букIунеб тарихияб кино.

— Дуе абизе бокьун буго гьеб фильмалда Жамалудин вихьизавизе кколаанин кIудияв имамасул вас талихIкъосун, гьитIинаб лъимер букIаго гIурусазухъеги ккун, гьесул къисмат хисараб куц ва инсухъе гьев нахъ вуссиналъул хIакъалъулъ, гурищ?

     — Гьениб батIаго гIочIода чIвазе кколаро имам Шамилил букIараб кIодолъиги гьесул бажариги. Гьеб гьадингоги, лъазе бокьарал чагIазда, лъала тарихиял тIахьаздасан. Дие абизе бокьун буго, мисалалъе, дида бичIчIичIин фильмалъул авторазе щиб гьениб бихьизабизе бокьун букIарабали. Жамалудин, магIарухъ гьавурав чи, гIурус ракьалде ккун хадув, гьезул гIадатазда гъоркьги куцан, гIолохъанчи гIедал, инсуца хIарам гьабунщинаб жоялъул хIалбихьулев вукIаниланищ? Гьебищ аслияб жо? Ялъуни, живго пачалъун вугебгIан заманалда Кавказалда рагъги къотIизе течIев, хъачIав, гурхIел гьечIев пача хIисабалда тарихалда хутIарав пача Николай ТIоцевесев, хIеренав, хIалимав, Жамалудинил ботIрода кверал рахъулев, адаб бугев чи вукIанилан халкъалъе загьир гьавизейищ гьезул мурад букIарабали? Амма киназдаго лъала гьев (пача Николай I) гьединав вукIинчIолъи. Кавказияздехун гуревги, жиндирго халкъалдехун, ай гIурсаздехунцин вукIана гьев хъачIавлъун. Гьев хун хадув тIалъуде вачIарав гьесул вас Александр КIиабилес байбихьана реформаби гьаризе. Гьев пачалъун вачIун лъабго соналдасан лъугIана Кавказалда рагъги.

Къокъаб хIасил, цоги нухалъ абуниги, тIубанго кино дида бихьичIо. РагIа-ракьанде щун гьелъул анализ гьабизе дир изнуги гьечIо, лъугIизегIан гьелъухъ валагьун гьечIелъул. Къокъаб хIасил, цоги нухалъ абуниги, тIубанго кино дида бихьичIо. РагIа-ракьанде щун гьелъул анализ гьабизе дир изнуги гьечIо, лъугIизегIан гьелъухъ валагьун гьечIелъул.

    Амма, кин бугониги, дирго разигьечIолъи дица загьир гьабуна. Дида кинго бичIчIичIо щай гьез кино бахъулелъул цониги тарихчи гIакълучилъун ахIичIевали. Я ТIахIнаева, я ХIажимурад Доногъо, я дун гьез ахIичIо. Гьез бахъана жидедаго берцин бихьараб хIалалда фильм ва гьеб бихьизабулеб буго гьанже халкъалдаги. Гьабейин абе, дир дагIба гьечIо. Амма гьелъул гIолелги гIоларелги рахъал рукIин хIакъаб буго, гьеб дица гьаниб бицана. Дихъа бицинчIого хутIаралъе фильмалъухъ балагьун халкъалъги кьела къимат, — ин абуна З. ХIажиевас.

    Гьединаб пикру буго цIияб киноялда хурхун тарихчиясул. Амма Москваялда букIараб премьераялде рачIун рукIанщиназ «Аманат» зодобе бахинабун беццана. Шамилил заманалъул хIакъалъулъ, РФялъул Культураялъул министерствоги гIахьаллъун, бахъараб тIоцебесеб кино ккола гьеб. Ахираб заманалда нилъер республикаялдехун бербалагьи къо бахъанагIан лъикIлъулеб букIин бихьулеб буго. Гьаб нухалъ гьелъие сабабалъе ратанин абизе бегьила Жамалудинги гьесул «Аманатги». Гьеб гурищха нилъееги къваригIун букIараб?

Ашахан ЮСУПОВ