Шамил имамасул кагътал

 

Шамил имамас ЦӀулдаса МухӀамадтӀагьирихъе хъвараб кагъат

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир хирияв, вокьулев вац МухӀамадтӀагьирихъе. Аллагьасул саламал лъеги дуда. Амин.

Цинги. Дихъе нилъер хирияв вац Даниял-султӀанил рахъалдасан кагъат бачӀана. Гьениб гьес дихъа изну гьарулеб буго мун жинда аскӀов теян. Дуда лъан букӀа, дир изнуялъул нуцӀа дуе рагьун букӀин. Дуе гьесда аскӀов вукӀине бокьани, дир гьелдалъун щибгӀаги дуде ракӀ квешлъиги букӀине гьечӀо.

Вассалам. Талат, гӀашура къо, 1268 соналъул мухӀаррам моцI/1851 соналъул 4 ноябрь.

 

 

Ачил МухIамадица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат

 

Гьал мухъал хъварав пакъирав къади, рес къотIидал, къадилъи гьабулев Ачил вас МухIамадил рахъалдасан кIудияв Шамил имамасухъе. Алагьасул саламал лъеги дуда азаазариде рахун, Аллагьасул къиямасеб къоялъ рохелги Жиндирго тIадегIанаб заталде балагьиги дуе рикъзилъун гьабеги.

Цинги. Дур рахIмуялъул, гурхIелалъул ралъдалъан гьарулеб жо буго ва дур лъикIлъабазул гIоралдасанги хьул лъураб жо буго дуца нилъер вац-гIалимчи Дибирасе рахIматгурхIелалъул бербалагьи гьаби. Наиб Алдамил рахъалдасан жиндиего ккараб жо сабаблъун, гьев рекIел къварилъиялде ккун вуго. Гьединго хьул буго, мун гьесул рагIабазухъ гIенеккилин абун, жиндие бугеб захIмалъи-къварилъи гьес дуда бицине букIине.

Вассалам.

 

Шамил имамас ЦIатIанихъ ва БуцIра росабазул жамагIатазухъе хъвараб кагъат

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго вацал цIетIендерил ва буцIулдерил росабазул жамагIатаздеги, гьединго гьезда сверухъ ругел бакIазул агьлуялдеги. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. Дица ГьоцIдерил росдал агьлу дир гьитIинав вац наиб Албурил наиблъиялда гъорлъе бачана, гьелъулъ бугеб маслихIатги бихьун. Цинги дица нужги гьезул бакIалда дир вац наиб ХIусенил ихтияралда гъорлъе рачана. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго нуж гьесие мутIигIлъеян, кинабниги гьесул амру-нагью тIубаян, ай гьабеян абураб гьабеян, теян абураб теян. КигIан гьитIинаб жоялъул бугониги, нуж гьесде гIасилъуге, гьев живго гIасилъабазулъе лъугьинчIого вугебгIан заманалъ. ХIакълъунго, гьелдаса вуссарав, гьелъухъ гIенеккичIев чияс ахир-къадги гIайиб жиндирго гьабе.

Гьалдалъун тана. Вассалам. Хамиз къо, 1268 соналъул 26 жамадул ухра/1852 соналъул 5 апрель

 

 

Шамил имамас ХIажи ГIаскариясухъе, ГIалимухIамадихъе ва ХIажи Насруллагьихъе хъвараб кагъат

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир хириял вацазухъе ХIажи ГIаскариясухъе, ГIалимухIамадихъе ва ХIажи Насруллагьихъе. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. Дихъе чIикIасезул чIахIиял чагIи рачIун рукIана цо цIакъго кIвар бугеб суалалда тIасан, ай жидерго цо пуланаб магIарда росу баялда тIасан дихъа изну гьаризе. Гьеб сабаблъун, васвасдизеги лъугьун, дида цIакъ ургъел чIван буго. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, нужеца ракI-ракIалъ, цIакъ мухIкан гьабун, истихара гьабеян абун, гьеб кIвар цIикIкIараб ишалъе къучIлъун букIиналъе гIоло. Гьалдалъун тана. Вассалам.

Итни къо, 1268 соналъул 11 жумадалухра моцI/1852 соналъул 2 март.

 

 

ХӀажимурадица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат

ТӀадегӀанав БетӀергьанасул цӀобалде хьул лъурав ХӀажимурадил рахъалдасан муъминзабазул амир Шамилихъе. КъотӀи гьечӀел даимал саламал лъеги дуда.

Цинги. Дица духъе битӀулеб буго лъебералда лъабго гъурущ дол насраниял хисун, дозухъ щвараб боцӀудаса кколеб хумус. Гьединго гьашимиязул бутӀаги дица Жамалудинида кодобе кьуна, дос диде, гьеб жиндихъе битӀеян абун, амру гьабун букӀиндал. Дирги дуе васият буго, дугӀа гьабеян абун, дунги Гуржистаналде вахъине хӀадурлъун вуго. ГӀуцӀана гӀарапа къоялъ, талат къоялъ.

Вассалам. Дица доб хумусалъул бутӀа Ибрагьимихъе кьуна, гьесул бодул хӀисабги гьабун. Вассалам.

 

 

Шамил имамас наиб ПатагIалихъе хъвараб кагъат

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго гьитIинав вац наиб ПатагIалихъе. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. Дихъе чанго нухалъ Гозолоколо росдал агьлуялъул гIарз щвана, жидер ракьал ва хIаримал нужер чагIазул ракьалгун хIарималгун жура-гъуран ругин абун. Гьединго дихъе гьезул гьари щвана жал дур вилаяталде гъорлъе рачеян абун, гьелъулъ жидеда маслихIатги бихьун. Дица гьезул гьари тIубана ва дида амру гьабулеб буго, дуца гьезул тIалаб гьабеян, дуца шаргIалъулгун низамалъул хIукмабиги гьезда гьоркьор рилълъанхъизареян. Гьалдалъун тана.

Вассалам. Талат къо, 1268 соналъул 6 шагIбан/1852 соналъул 24 май