Квералъ хъварал тIахьал  

 

   Дагьалъ цебе «ХIакъикъаталда» бахъун букIараб «Дагъистаналъул рухIияб бечелъи» абураб макъала. Гьелда бицун букIана РАНалъул ДФИЦалъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гIараб мацIалда квералъ хъварал ва басмаялда рахъарал тIахьазул фондалъул хIакъалъулъ.

Фондалъул нухмалъулев МухIамад ШехмухIамадовас гьадин бицана гьенир цIунун ругел къиматал тIахьазул ва документазул тарихалъул хIакъалъулъ.

 

— Диналде данде рагъ балел соназ квералъ хъварал тIахьал ва документалгун кагътал цо бакIалде ракIаризе ва гьезул хасаб фонд гIуцIизе хIаракат бахъарал чагIи ккола ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамад, ГIоротIаса МухIумаев МухIамадрасул, Гиничукьа СагIидов МухIамадсагIид, ШихсагIидов Амри, Хунзахъа Айтберов Тимур, Гъазданушиса Разаев ХIасан. Гьеб тадбиралъе квербакъана тарих бокьулел ва гьелъул къимат лъалел институталъул директорлъун рукIарал ХIажи ХIамзатовас ва ХIажигIали Данияловас.

Фондалда ругел гIараб гIелмуялъул квералъ хъварал къиматал тIахьазул цояб ккола Къарахъа МухIамад-ТIагьирил «Шамилил цо-цо гъазаватазда Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб тIехьалъул оригинал, ай гьес жин- дирго квералъ хъвараб тIехь. Гьел- да руго живго хвезегIан МухIамад-ТIагьирица гьелда тIад гьарурал гIемерал хъвай-хъвагIаялги. Гье- динго гьеб тIехьалда руго гьесул вас ХIабибуллагьица гьарурал хъвайхъвагIаялги. Къарахъияв живго вукIана гьеб тIехьалда хъварал гIемерисел лъугьа-бахъиназул нугI ва гIахьалчи. Имамас МухIамадТIагьирида бицунеб букIун буго гьаб пуланаб бакIалда гьадинаб рагъ-кьал кканилан. КIвар бугел лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ бицине Къарахъиясда аскIове ахIулев вукIун вуго пуланаб лъугьа-бахъи- налда гIахьаллъарав наиб.

Дагъистаналъул тарих лъазабиялъе кIвар цIикIкIараблъун ккола ХI гIасруялда Дербенталда вукIарав гIалимчи Абубакр МухIамад Дарбандияс хъвараб ва XIV гIасруялда гьелда тIасан хъвараб «ТIарикъаталъул энциклопедия» (копия). Гьеб ккола доб заманалда рукIарал бищунго цересел гIалимзабазул гIелмияб даражаялда хъвараб тIарикъаталъе баян кьолеб тIехь.

 

    Фондалда цIунун буго Гъумекиб мажгиталда аскIоб рощнол гохIде рехун батараб Къуръаналъул анкьго том. Гьелда тIад руго чIухIун къачIарал лакайдул мужалатал. Къуръаналъул цо-цо аятал байбихьулел руго меседалъ хъварал хIарпаздалъун (медальон). Лъималаз гьел медальонал бакI-бакIаздаса нахъе къотIун руго. Къуръан хъван буго кIудияб махщалида. Гьеб буго жакъагицин цIакъ захIматго гурони бахъизе кIолареб гIадаб даражаялъул тIехь. 700 соналъ цебе квералъ хъвараб гьеб Къуръаналъул буго цIакъ гIажаибаб къисмат. Фондалда хIалтIулел рукIарал гIалимзабазул биценалда рекъон, гьеб кколеб буго Надир-шагьас гъумекдерил Сурхай-ханасе сайгъаталъе битIун бачIараб Къуръан. Гьелда цебе Надир-шагьас Сурхай-ханасе сай­ гъаталъе битIун бачIун букIун буго хъатинибе унеб Къуръан. Гьелъул магIнаги букIун буго «гьа- динаб гьунаралъул махщелчагIи руго дир» абураб. Ханас шагьасде битIун буго: «Дун гIадав херав чиясда цIализе бихьулеб куцалда Къуръан хъвазе кагъатищ гьечIеб дунялалъул пачахIасул ракьалда», — ян. Гьесул бадибчIваялъе жаваб хIисабалда битIун бачIараб Къуръан кколеб буго гьаб. ГIага-шагарго гьеб Къуръаналъул бакIлъи бахуна 55-60 килоялде ва гьеб тIаде борхизе къваригIуна ункъо чи.

ХIурият бергьинегIан Дагъистаналда гIалимзабаз ва хIакимзабаз гIараб мацI хIалтIизабулеб букIана официалияб мацI хIисабалда. Фондалда ругел документазги бицунеб буго нилъер гIалимзабазда, хасго ди- ниял церехъабазда, гIараб мацI цIакъ лъикI лъалеб букIараблъиялъул. Фондалда цIунун буго XVI гIасруялдаса ХХ гIасруялъул лъе- берабилел соназде щвезегIан гIараб мацIалъ хъвараб анцIазаргоялдаса цIикIкIун кагъат-документ. Маса- ла, Жамалудин Гъумукъияс турказул пача ГIабдулмажидихъе хъвараб кагътида бадибчIвай гьабулеб буго Шамил имамасул рагъда тур- казухъан кумек щвечIилан. «Дир хIисабалда, Аллагьасе гьаб ракьалда Шамил имамасдаса бокьулеб рухI гьечIо. Гьев кIодо гьавизе щвей ккола дуеги бугеб кIодолъи», — ян хъван буго кагътида.

  Фондалда цIунун буго басмаханаялда бахъараб 200-гIанасеб къиматаб тIехь. Гьезул бищун къи- маталлъун рикIкIуна Темир-ХанШура шагьаралда МухIамадмирза Мавраевасул басмаханаялда рахъарал тIахьал. ТIоцебе гьениб бахъун буго цIакъ берцинго къачIараб Къуръан, хадуб мадрасабазул цIалул тIахьазул программаби.

ГIадатиял гIадамаз лъай босиялъул мурадалда, Мавраевас гIалимзаби тIамун руго гIараб мацIалъ хъварал асарал Дагъистаналъул миллиял мацIазде руссинаризе ва гьел гIажам хIарпаз хъвазе. Гьел асарал, тIахьал, брошюраби гIадин, гьес басмаялда рахъана. Гьеб кколаан гIадатияб халкъалъе гIаммаб лъай кьеялъул мурадалда гьабулеб хIалтIи. МухIамадмирза Мавраевас бахъун букIана СалтIаса ГIаликъадихъ цIаларав ва заманаялъ Гьидалъ наиблъи гьабурав кIудияв гIалимчи, жиндирго эмен МухIамадгIали ЧIохъиясул «Дагъ- истаналъул гIалимзабазул фатваби (жавабал)» абураб 700 гьумералъул тIехь. Гьенир рорхулел руго жакъа къоялъги къваригIарал ва тIуразе кколел суалал.

     Амма фондалъул гьеб бечелъи цIуниялъе чIезаризе ккола хасал шартIал. Гьел цIунулел гьечIони, кагъат хола, гьелда хIапаро бала. Жакъа фондалда чIезарун руго, нижер ресазда рекъарал, шартIал. Амма, тIадехун рехсараб куцалда, хасал шартIал чIезаричIони, хIинкъи буго фондалъул тIахьал ва документал гIемерал соназ цIунун хутIунгутIиялъул.

   Цоги, жакъа тIадчIей гьабизе ккараб ва захIматго «унтараб» масъалалъун хутIулеб буго гIараб мацIалъ хъвараб фондалъул нахърателалда тIад хIалтIизе бокьарал, бокьаниги, лъикIаб даражаялда таржама гьабун бажарулел гIараб мацIалъул гIалимзаби-специалистал Дагъи- станалда къанагIат гурони гьечIолъи.

 Нури Нуриев