«МагIарулазул ярагъ: хвалчабигун тункIихер, хадур — гIарадаби ва ракетаби»

 

 

Хвалчаби Кавказалде Россиялдасаги цере щвана

 

  «Дагъистанияс живго мурадалде щваравлъун рикIкIунаан йокьулей чIужуги, гъабардаязул чуги, базалай абураб ханжарги, мадьяразул туманкIги бугони», — ян хъвалеб буго гIалимчи ХIасан Алкъадарица.

  Мадьяразул тункIил (гьелда абулаан мажариланги) бакIлъи букIана 18 килограмм. Гьелда мажарин абиялъе гIиллаги букIана – нилъер умумул татаразул Маджар абураб шагьаралде даран-базаралъ щолел рукIин.

  МагIарухъ жеги-харги цIунун хутIун руго парс, гIараб ва цогидалги мацIаздаса рачIарал некIсиял хвалчабазул ва хунжрузул цIарал. Масала, мисриязул хвалчен (Египеталдаса бачIараб), паранг хвалчен (Франция), тисс маймун (Дамаскалдаса машгьураб хвалчен, цогидаб яргъида гьоркьоб гьелъул кIудияб къимат букIана).

   Кавказалъул рагъул заманалда ва гьелде щвезегIан магIарулазул яргъилаб сурсаталъул бицунеб букIана тарихчагIаз дагьалъ цебе МахIачхъалаялда т1обит1араб данделъиялда.

  Тарихчи Маркъо ШагIбановасул рагIабазда рекъон, Наполеонилгун букIараб рагъдаса ва Кавказалде гIурусазул пачаясул аскараз гьабураб гьужумалдаса хадуб, гIурусазул нухмалъиялда бичIчIана жидерго хвалчаби, цогидал халкъазул яргъида дандеккун, гIемерго къадарал рукIин. Хвалчабийин абуни Кавказалда раккана Россиялдасаги цере.

  Маркъо ШагIбановас бицухъе, хунжрузул кIудияб машгьурлъи Кавказалда букIун буго нилъер эраялде щвелалде XIII гIасруялда. МагIарулазул хунжрул рукIана чIахIиял ва бакIал, гьезда цохIо гъуризе гурони, борлъизе кIолароан. Гъабардаялдаса хвалчаби рукIана чIедерал, цIакъго чIахIиял гурел. Шапсугазул хвалчаби — къокъал ва гIатIидал, гьез лъураб ругъун хвалилаб букIунаан.

 

МагIарулал къабул гьарулел рукIинчIо

 

   Дагъистаниял, аслияб куцалда, лъелал аскаразда рукIунаанин бицана тарихчи Тимур Айтберовас. Амма гьезул нухмалъулев чотIа вукIунаан. 

Айтберовас бицана цо гьадинаб хIужаялъул хIакъалъулъги. Гуржиялда, гиназ Амелахвалил бакIалда рукIарал ансадерида рагIун буго Надир-шагь Дагъистаналде гьужумгун вачIунев вугилан. Гьениса къватIире рахъун кIиабилеб къоялъ Сугъралъе щун руго. Гьебгиха цадахъ гIемераб рагъулаб сурсатги бугел чагIи.

Амма гьелдаго цадахъ абизе ккола, магIарулал къабул гьарулел рукIун гьечIо Закатала мухъалда ЧIарлъиялъул магIарулазул аскаразда гъорлъе. Гьелъие гIиллалъун букIанила магIарулазда кьерда чIун рилълъине лъангутIи.

   МагIарулал доз тIасанккарал гIадамаллъун ва хъачагъаллъун рикIкIунел рукIун руго. Гьеб гуребги, магIарулал рагьараб рагъулъ рагъулароанила, амма мугIрузда рагъизе гьезулъе рахарал чагIи рукIинчIила.    

 

ТункIихер

 

       МагIарулаз тункIихер хIадурулаан бищунго гIадатияб куцалда. ГIемерисел росабалъ мажгиталъул къел ракьанда яги годекIанир рукIунаан жаниса рикIарал кIудиял ганчIал. ТункIихер къваригIарав чияс вачIун гьенивегун, балаан гьеб ганчIида жанибе чIабатIгун тIурччи ва селитра. Цинги, чанго чиги тIаделъун, цо цIулал алаталъ хIарулаан гьеб кинабго. Гьелъул лъугьараб хIур, дагьабго лъимги тIаде тIун, буцулаан. Гьеб жо балаан чахъдал тIомол гьабураб таргьинибе. Цинги гьеб кутакалда кIобокIулаан буцараб жоялъул гарал лъугьинегIан. Гьел гаралги цIалкIиниреги ран цIалкIулаан. Гьедин цIалкIун бачIараб хIур кколаан тункIихер. Дол хутIарал гаралги цIидасан цIалкIулел рукIун руго гьагъабго хIур лъугьинегIан. Гьедин тункIихер гьабулел бакIал рукIанила Даргъорги, Унсоколорги, Веденорги, Гъунирги. Гьенире селитрагун чIабатI бачIунеб букIун буго Кьохъа, Муниса, Гъуниса, ХIотIочIиса, Хьиндахъа, Нахъахьиндаллъиялдаса ва ГIандаллъиялдаса. Рагъулаб хъулухъ гьабиялда бащалъулеб букIун буго гIадамазе гьеб иш. Гьелда цадахъго тункIихарие хIажатаб жо гьел мастерскаязде щвезабурал хъизамазе имамасул рахъалдаса гIарцул 1,5 гъурущги кьолеб букIун буго.

Ярагъ къанагIатаб мех букIиналъ гIурусазул гIарадабаздасан риччарал гумпараби ракIараралъухъги цо-цо росабазул гIадамал магъалоялдаса эркен гьарулел рукIун руго Шамилица.

Гьединго магIарулазда лъалеб букIун буго гранатаби цIезеги. Амма тункIихер гIураб къадаралда букIинчIолъиялъ гьез гьел салулги цIезарун, гумпараби гIадин речIчIулел рукIун руго тушманасда.

 

МагIарулазул гIарадаби ва ракетаби

 

  Тарихчи ХIажимурад Доногъохъ ругел баяназда рекъон, имам Шамилица гIуцIараб «Имамат» пачалихъалда киданиги букIун гьечIо артиллерия. ГIарада гьабизе Дагъистаналда байбихьун буго XVIII гIасруялда ва цохIо Кубачи гурони тIокIаб кибниги гьабулебги букIун гьечIо. Руго баянал Надир-шагь Дагъистаналде вачIунаго гьесухъа чанго гIарада бахъун букIанинги, амма хадур гьел кирниги хIалтIизарунин абураб баян гьечIо.

Шамилида кIванин артиллерия рагъулаб тайпаялде гъорлъе бачинеян рикIкIунеб буго Доногъоца.

   Цин гIарада биун тIезе ва гьелдалъун артиллерия гIуцIизе бегьулин абураб пикру гьесухъе щвезабун буго тункIихергун гулби хIадуриялъул рахъалъ Имаматалда жаваб кьолев вукIарав Гьидалъа МухIамадица. Чанго маххул чIолоялдаса хIадур гьабизе кколаан гIарададул хIара ва гьеб щулаго букIинелъун, тIасан оцол тIомги букъизе бегьулин абун буго гьес. Шамилицайин абуни, лъугьунареб жо бугилан, нахъчIван буго гьеб пикру.

     Амма 1840 соналъ Чачаналдагун Дагъистаналда хIалбихьун буго жидерго гIарадаби хIадур гьаризе, Доногъохъе щварал архивалдаса баяназда рекъон. Гьеб мурадалда Имаматалъул тахшагьар Даргъоб бан буго махх биунеб мастерская. Гьенив аслияв махщелчилъун вукIун вуго Унсоколоса ХIажи-ЖабрагIил абурав чи. Махх бииналъул балъголъаби гьес лъазарун руго Маккаялде сапар гьабулеб мехалъ Египеталда вукIаго. ТIоцебе хIадур гьабураб гIарададул гуллаялъул битIккун гьечIо, кьвагьун хадуб гьеб кесказде щущан ун буго. Амма хадусел гIемерго щулиял лъугьун руго. Гьеб мастерскаялда кIун буго лъикIаб чанго кьвагьулеб алат хIадуризе. Гьелъул хIасилалда, 1843 соналда чабхъеналъ унаго Шамилил букIун буго жиндирго гIадамаз хIадур гьабураб лъабго гIарада.

Гьединго магIарулаз хIалбихьулеб букIун буго жидерго ракетабиги гьаризе. Гьел гьаризе гьезда малъулеб букIана Шамилил рахъалде вачIарав гIурусазул солдатас, гьесда абулеб букIун буго ГIурус ХIасанилан. Гьеб букIун буго XIX гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда Великобританиялъул армиялда хIалтIизабулеб букIараб, Уильям Конгрив абурав чияс ургъараб ракета.

   Хадубккун гьеб ракета хIал­тIизабизе байбихьун буго цогидал пачалихъазул армияздаги, гьелдаго цадахъ Россиялдаги. «Конгривил ракетадул» гIуцIи букIун буго гьадинаб: кисанго гьеб букIун буго маххул гъат тIад жемараб, бакьулъ букIун буго каратI, кьвагьун хадуб гьеб картIиниса къватIибе речIчIарулан ракетадул кIкIуй, ракета унеб рахъ рекъезабизе гьелда букIун буго тIеренаб хIосги.

   Амма гьединаб ракета хIадуризе ккани, хIажалъулаан лъикIаланго къадар маххул ва тункIихералъул. Гьезул абуни мугIрузда кIудияб къанагIалъи букIана. Гьединлъидал гьеб ракетаялдаса пайда босизе рес щвечIо доб мехалда.