«БатIи-батIиял рукъалаби рараб юргъанлъун бихьула Дагъистан»

 

«Ахираб заманалда этнографиялдехун бербалагьи хисулеб буго. ГIадамазе бокьулеб буго жидергоги цогидал халкъазулги гIадатал ва рукIа-рахъин лъазабизе. Цо-цояз абуни гьелъие гIоло жидерго махщелцин хисизабулеб буго. Масала, тохтурас лъазабулеб буго умумузул заманалда букIараб халкъияб дару-сабаб, гьанжелъагIан музеязда яги кабинетазда жанирги чIун гIелму лъазабулел рукIарал гIадамал рахъунел руго некIсиял росабалъе хьвадулел гидал-оператораллъун. Амма этнографиялъе кьучI лъезе ккола тарихияб лъаялъ». Гьедин байбихьана Гъуниб районалъул Ругъжаса тарихиял гIелмабазул кандидат Майсарат Мусаевалъулгун нижер гара-чIвари.

 —Майсарат, дица цIалун букIана Юлий Цезарь, Александр Македонский гIадал, бащадаб дунял кверде босарал чагIаз чияр ракьал рахъилалде цере цин гьезул гIадаталги рукIа-рахъинги лъазабулеб букIанилан. Этнографал гIадал чагIи кколел рукIун ругоха гьел.

    — Унха, жидеца кверщел гьабураб ракьалда хадубккун жидерго сиясат билълъанхъизабизе ккани, гьез гьеб бакIалъул гIадамазул гIамал-хасиятги цебеккунго лъазабизе ккелароанищха.

      Гьединго Россиялъ Кавказ мутIигI гьабулеб заманалдаги гьелда церехунги нилъер гьаниреги гIемер рачIунаан сапарчагIиги, тохтурзабиги, тарихчагIиги, художникалги. Гьез нахъе тарал хъвай-хъвагIаяз нижее кIудияб кумек гьабуна доб заман цебечIезабизе. Масала, Усларица (XIX гIасруялда Кавказалъул мацIалги рукIа-рахъинги лъазаризе Россиялдаса витIун вачIарав гIалимчи барон Петр Карлович — авт.) хъвалеб буго дагъистанияз гIелмуялъул гьабулеб букIараб къиматалъул. Жидер лъималаз гIелму цIализе бокьичIеб цониги хъизан гьечIин Дагъистаналдаян бицунеб буго гьес. Гьединго Н. Львовасги хъван буго «Рокъобги хъизамалдаги магIарулазул гIумруялъул» хIакъалъулъ. Жеги гIезегIан руго тохтурзабаз нахъе тарал гьединал хIалтIабиги. Гьезие кутакалда интерес букIараб къагIидаха нилъер. Гьезда гIайиб щиб, цониги бакIалде щведал, нилъеегоги бокьуларищха батIияб халкъалъул рукIа-рахъинги гIадаталги лъазе. Цо-цо мехалда нилъер гIадатал ричIчIичIого, гьел цIакъ вахIшиял, гIалхулал ругинги хъван батула гьез.

    Дица абула Дагъистан бугин батIи-батIиял рукъабаздасан букъараб юргъан гIадаб бакIилан. Цого кьолбол чагIиян кканиги, щибаб халкъалъул буго жиде-жидер хаслъи. Гьединлъидал этнография гьабсагIат модаялда буго. Амма мода ун-бачIун букIуна. Нижеда тIадаб жо ккола соналдаса соналде тIагIун унеб тарихалъул хъвай-хъвагIай гьаби. Гьанже глобализациялъул заманалда сверухъ лъугьа-бахъунелъул хIисаб гьабизецин бажарулеб гьечIо. Бер къапилалде хисулеб-сверулеб буго дунял. Интернеталъ нахъе цуна телевидениегун радио, батIи-батIиял технологиял. Гьединлъидал хIинкъи буго нилъер рукIа-рахъиналъулги гIадатазулги хаслъи цогидал халкъазулазда гъорлъ жуба-гъубалин абун.

— Гьеб хаслъиялдехун гIадамазул интерес кидалъагIан букIинин кколеб дуда?

    — Нилъеца къимат гьабулебгIан мехалъ букIине батила гьелъул кIвар. Амма дида ккола дагь-дагьккун гIиси-бикъинал хиса-басиял лъугьинин гIадатазулъги рукIа-рахъиналъулъги. Масала, табасараназул халичаби кьералги хисизарун рессулел руго гьанже. Амма рессулеб къагIидаги накъишалги гъолго руго. Гьел накъишазулги жидерго магIна букIуна. Цо хасаб мацI буго гьезул.

   Этнографлъун яхъинегIангоги рокьулаан дие нилъецаго рессарал халичаби. Дица гьеб дирго рокъобги тIамун буго.

     Дирго лъималазулъги куцана умумузул рукIа-рахъиналдехунгун гIадатаздехун рокьи. Амма гьезул лъималаз гьелъул кIвар гьабилебищали лъаларо. Гьединго цогидазул лъималазгиха. Глобализациялъ пикру хисизабизе рес бугелъул. Гьединго цIирахъарал жал бищун ахиралда гурони щоларо Кавказалде. Консерваторал гIемераб бакI буго гьаб. Амма гIезегIан мехалъниги хутIилародайха гьелде цIияб заманалъул унти бахинчIого? КIудияб ригьалъул гIадан йигониги, гьанжесел шартIазда гIумру гьабизе бокьула дие. Амма руго цо-цо рахъал хисичIого хутIизе анищан ккаралги. РухIияб культура хутIулебани умумуздасан нилъехъе бачIараб куцалда. Гьединал чагIи цIикIкIун ругебгIан мехалъ цIунизе кIвелаан нилъерго хаслъи.

— Масала, умумузул гьалбадерил цебе къимат гьабулаан. Гьанже лъуг1ун унеб буго гьелъул маг1на. Цо рахъалъ босани, лъазего лъаларев чи киндай умумуз рокъове виччалев вукIарав?

     — Жакъасеб гIумруялъул шартIал батIиял ругелъул кколаха нилъеда гьедин. Амма доб мехалда иш батIайисн букIана. ЦIикIкIун божилъи букIана цоцаздехун. Гьединго даран-базар сабаблъун баккараб гIадат буго гьеб. Пуланаб росулъе вачIарав чиясдасан кинабгIаги зарал букIунароан гIадамазе – гьес гьезие гIицIго ракI хинлъизабулел харбалги лъикIаб къайигилъидал босун бачIунеб букIараб.

     Гьанже сордо борчIун гьобол лъихъниги чIоларо, нахъ вуссун ине транспорт букIиналъги магIарухъ гостиницаби рагьиялъги. Амма, кин батаниги, гьоболасдехун умумулъанго бачIараб хинаб бербалагьи букIуна нилъелъ. Умумузул гьалбал киса рукIаралалиги лъала.

— Расулица кочIолъ хъвалеб буго тIагърал рехизе ТIадмагъилъе рилълъаян. Гьеб унго-унголъунги букIараб гIадатищ яги шагIирас ургъараб жойищ? Гурони, магIарухъ матриархат букIин бихьизабулеб буго гьелъ.

     — Матриархаталъул бицани, гьеб кьучI гьечIеб жо ккола. Цоял чIола букIанин гьедин, цогидаз абула букIинчIин. Дир хIисабалда, тIагърал рехи ккола гIицIго гIадат (матриархат гуреб). БатIи-батIиял рукIаралъул гIадаталги. Мисалалъе, букIун буго заман чIужугIаданалъ рос жинцаго тIаса вищулев. Кавказалъул рагъул заманалда имам Шамилицаги цIи гьабун буго гьеб. Щай абуни, гъазаваталдаса хадуб бихьинал дагьлъун, руччаби гIемерлъун рукIиндал.

  Тумазулги букIун буго гьединаб гIадат — росасе кьезе гIурай ясалъ сардилъ болкъотIноеги яхъун, ахIулеб букIун буго жиндирго рекIелъ восарав чиясул цIар. Цинги гьес гьей ячине кколейги йикIун йиго.

— Буртинаялда гIандадерилин щай абулеб? Цогидаб бакIалда гьабуларого букIунищ?

   — Кавказалда буртина гIемерал бакIазда гьабулаан, амма цогидазухъа гьеб гIандадерихъа гIадаб лъикIаб, щвалде щвараб лъугьунеб букIинчIо. Гьедин бачIараб буго гIандадерил абун цIарги. ХIисаб гьабидал, гьелдаса гьабизе бигьаяб жоги батиларин ккола дида — я бе­ссизе, я букъизе кколаро. БухIараб лъимги тIун, данде букIкIараб тамахаб квас зурула, лълъулълъала, цIацIала, нахъойги зурула. Гьедин лъугьуна буртина.

    БессичIого гьабураб ххамин абизе бегьула гьелде, квасул ххам. Жибго буртинадул чан батIияб ретIел магIарулаз гьабулеб букIараб? Буртинадул тIагъур, вехьасул куртка, гурдецин букIана гьелъул. Амма бищунго машгьурлъана гIандадерил буртина.

   Гьелда тIасан гIелмияб диссертация хъвана Правовой академиялда хIалтIулей йигей Раисат ГIизудиновалъ.

— Цебе бихьиназулги руччабазулги жиде-жидер дандеруссиналги кучIдулги рукIун руго. ХIатта, мацIгицин буго. Масала, Къорода буго гIицIго руччабаз бицунеб мацI.

 

   — БолмацIалда гьабсагIатги гье­ чIищха бихьиназулги руччабазулги жидерго междометиялцин. Миса- лалъе, руччабаз гурони абуларо, вай, вуй, гьарайилан. Гьединго гIицIго бихьиназ абула ияхI, вахIилан. Цебе магIарухъ гваялгун дан- деруссиналги рукIунаан бихьи- назул батIаго, руччабазул батIаго. ЦIоросаролъ чIучIине, квас самизе ва цогидабги ишалъе данде ракIарулаан руччаби халатал кьиндалил сардаз. Цоялъ бачIунаан бухIилаго кинаб букIаниги тIагIам, цогидалъ пихъмичI, къокъго абуни, гьел рукIана жидеего рекIелгъеялъеги хIалтIуе кумекалъеги ургъарал тадбирал.

   Гьединго гIицIго бихьиназул дан- деруссиназул цояб кколаан — ихдалил рекьуде гIагарлъулелъул, рос лъабго моцIалъ чIужуялдаса батIаго чIей. Хъун оцгун, кванан гьангун, рухIжаналда оцбаялъулъ гIахьаллъизе хIадурлъулел рукIунаанила гьел. Къец бан рекьаризеги, рекеризеги, кIанцIизеги къуват къваригIунеб букIиндалха.

— Цо-цо росабалъ гьанжеги цIунун ругел гIадатазухъ яги беразул ссуялъухъ балагьун, къватIиса рачIарал къавмазул цIарал абула гIадамаз. Гьелъул магIна щиб?

  — Тарихчи Дубровиница, масала, хъвалеб буго ругъеж ягьудиял кколаанин. Щайин абуни, росабазе унеб мехалда гьезул ясаз бутIрулги кIкIвалин, чи хвараб мехалда руччабаз ботIродаса расалги тIолилан. Амма гьез бутIрул кIкIваялъул тIубан батIияб магIна буго.

   Муни росулъ ягьудиял рукIанилан абизе кIола дида. Дун дое щвана. Гьениб гьабсагIатги буго жугьутIазул абун басрияб хабзал. Амма бищун кIвар кьезе ккараб жо гьениб цогидаб буго — гьез жакъа къоялъги щибаб шамат къоялъул къаси хIедучирахъал ракулел руго. Гьелъул магIна щибин гьикъидал, лъаларин жаваб кьуна гьез, жидедаги гьедин гьабулеб батанила умумуз. Гьебин абуни ккола жугьутIазул гIадат – шаббат – шамат къоялъул къаси хIедучирахъалги ракун, хIухьбахъи гьаби.

— Дуца гIелмияб хIалтIи хъван буго хъваршисезул рукIа-рахъиналъул хIакъалъулъ. Мун гьений сунца гIажаиблъизаюрай?

   — Дун гьение щвараб тIоцебесеб соналъ (1986 сон букIанин ккола) жеги токцин бачун букIинчIо росулъе. Хадусеб соналъ бачун батана. Гьениб дие бицана росдал гьадинаб гIадаталъул хIакъалъулъ. Нилъеда лъала росас цIар тIамурай гIадан, исламалда рекъон, цогидав чиясе инчIого, цIидасан гьевгун рекъезе бегьулареблъи. Гьединлъидал хъваршисезул (Хъварши, Хонох, ТIаса ва Гъоркьа Инхокъвари, КIванкьада, Санкьада, Хъвайни росабалъ) вукIун вуго лъабго къоялъ гьединай чIужугIадан ячунев хасав чи. ТIад тIанкIги бугеб, сурмияб кьералъул тIагъурги букIунаанила гьесда тIад, киназдаго лъалевги вукIун вуго гьев. Гьединай гIадан ячун-йиччаралъухъ гIарацги кьолеб букIун буго гьесие. Хъваршисез бицунеб букIана нагагьлъун гьей гIадан нахъе йиччаларин чIани, долъул росас гьесие цIикIкIун гIарац кьезе кколеб букIун бугила.

    Гьелдасаги гIажаибалги жеги гIезегIан гIадатал рукIун ратила. Амма гьезул цо-цоял кIочон тун, цогидал намуслъун яги гIурус мацI лъангутIиялъ дун гIадин магIарухъе рачIарал этнографазе рицинчIого хутIун ратила.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.