Харахьиса ГIумарил ТIайгиб

Гьоркьохъел гIасрабазда Харахьи росу рикIкIунаан лъай камил гьа- булел бакIазул цояблъун. Гьениса гIадамаз кIудияб квербакъи гьабуна Дагъистаналда исламияб гIелму тIибитIизабиялъе ва лъай кьеялъулъ авар мацI хIалтIизабиялъе.

Биценалда рекъон, цебе зама- налда росу букIун буго КъвекIада ва Щулалъуда абурал бакIазда. ГьабсагIаталда Харахьи бугеб бакIалда хьуцI букIун буго. Гьениб бугеб лъим гьекъезе бегьулеб букIун гьечIо. Гьедин «хвараб лъим» абу- леб букIанила. Дагь-дагьккун рос- дал цIарги гьелдасан бачIараб бугин рикIкIуна цо-цояз. «Лъим» абураб рагIи цо-цо чагIаз «хьиниланги» абула. Гьединго Харахьи росу хьин- даллъиялда бугелъул, «хьин» абу- раб рагIул жибго бакI бихьизабулеб магIнаги букIине рес буго. КъвекIада букIун буго све- рухъ щула гьабураб, кIудияб росу. ХIалтIизабизе ракь дагьаб букIун буго. ГIадамаз бетIербахъи гьабулеб букIун буго гIи-боцIи гIезабун, чан гьабун, ракь хIалтIизабун. Цин гьел рукIун руго мажусияллъун (язычники), хадуб босун буго насраниязул дин. Гьелъие нугIлъи гьабула КъвекIада ратарал хъанчаз. Цо заманалда гьеб кIиябго росуги цолъун лъугьуна Харахьи ва гьеб заманалдехун росдал гIадамаз исламги босула. Биценазда рекъон, гьанжеялдаса 600 соналъ цебе хьуцIги бакъвазабун, КъвекIада Щулалъуда росдал гIадамал рахъуна гIумру гьабизе санагIатаб бакIалде. Байбихьуда гьенир дагьал чагIи гурони рукIун гьечIо. ТIаде кIанцIизе чи вачIани, гьесда данде рагъизе, борхалъудаго чIун рукIуна. Гьанжеги цIунун хутIун буго «ГохIда кавудахъ» абун гьеб бакIалда лъун букIараб цIарги. Гьенир лъун рукIуна къаси мехалъ рахалел кIудиял каваби. Цогидаб рахъалдасан росдае цIуна-къай гьабулеб букIун буго кьуруялъ. Каваби рагьулел-къалеб мехалда, гьезул гьаракь добе, рикIкIаде, Гьарадерихъе рагIулаанила.

КIудияв ТIайгиб

Харахьи росу лъугьараб заманлъун рикIкIине бегьула XIV-XV гIасраби. Ракьги тамахаб, мегъги кIудияб, гьава-бакъги хинаб бакI букIиналъ росу дагь-дагьккун кIодолъун буго. XVI гIасруялдехун Харахьи гIун вуго гIараб гуребги, авар мацIалъулги хъвай-хъвагIай тIокIкIун лъалев машгьурав гIалимчи – ТIайгиб. Ихтияразул рахъги камилго лъалеб букIун буго гьесда. М.-С. СагIидовасул цIехрехалда рекъон, ТIайгибица ургъана гIараб хIарпаздалъун авар мацIалда хъвадарулеб къагIида – гIажам. Масала, гьадин хъвалеб буго СагIидовас Харахьиса ГIумарил ТIайгибил хIакъалъулъ: «Дагъистаналда гIараб хъвай-хъвагIаялъулъ ТIайгиб машгьурав вуго гIараб грамматикаялъул текстазе, мантIикъ гIелмуялъул ва диалектика- ялъул трактатазе гIемерал баянал кьурав чи хIисабалда. Нижехъ буго 1580 соналъул байбихьуда ТIануси росулъ ТIайгибица квералъ хъвараб тIехь — «Аль Вафийа шарх-ашшафийа». Гьелъул рагIаллъабазда магIарул рагIабазе баян кьун буго гьес. Гьелдасан бихьула доб заманалда кигIан камилго авар алфавит гIуцIун букIарабали. ТIайгиб гьаву- на 1563 соналда, хвана 1668 соналда. (Амма хадуб нилъеда бичIчIизе буго М.-С. СагIидов мекъи вукIараблъи. – автор). Гьесул хъвай-хъвагIаяздасан бихьула ТIайгибица Ч хIарп парс къагIидаялъул Ч-ялдалъун хъва- леб букIин. ГIандиса ГIалиМирзацайин абуни гьеб хIарп цин гIараб ДЖ-ялдалъун, хадуб парс къагIидаялъул Ч-ялдалъун хъвала. Гьединго Кь хIарп бихьизабизелъ- ун хIалтIизабулеб буго ташдидгун цадахъ гIараб КЪ. ГIали-Мирзалин абуни гьеб гьечIо». ТIайгибица рагIаллъабазда баянал кьурал тIахьал ккола цIакъго лъикI гIараб мацIги лъалел гIадамаз цIалулел рукIарал исламалъул тIахьал. Цогидазухъе гьел къанагIатги щолароан. Гьединлъидал гIалимзабазе баяналъе хъварал жал рукIана магIарул мацIалда ТIайгибица гьел тIахьазул рагIаллъабазда дол рагIабиги. Масала, гьел рукIана къанагIатго дандчIвалел рагIаби: варанидул кьили, дургвач хIинчI (ихдалил хIинчI), пурцихIинчI (галка), тубайдах – дудак, релълъ (тIил, хьоп), гIачIараб варани (жеги къинлъичIеб варани). М.-С. СагIидовас хъвавухъе, цIакъ гIемер руго магIарулазе хасиятал гурел сипатазе, хIужабазе, рухIчIаголъабазе ТIайгибица авар мацIалда кьурал баянал. Гьесул хъвай-хъвагIаязе хасиятаб буго магIарул гьаркьазул бечелъи бихьизабизелъун хIарпазда тIад батIибатIиял ишараби лъей. Хадубккун гIажам хъвай-хъвагIаялде сверана гьеб къагIида. Гьедин гIараб алфавиталъул хIарпазул къадарги 48-ялде бахинабуна. Харахьи бицуна, херлъидал КIудияв ТIайгиб Шамалде ун, гьенив ХIалаб шагьаралда вукъун вугилан.

ДандеккунгутIаби

М.-С. СагIидовас хъвавухъе, цебехун бицараб авар хъвай-хъвагIаялъул къагIида 1580 соналъул байбихьуда ургъун букIана 1563 соналда гьавурав, 1668 соналда хварав Харахьиса ТIайгибица. Амма гIумрудул 17 гурони сон букIинчIев гIолохъанчияс гьединаб къагIида кин ургъулеб? Гьединлъидал хIисабалде босизе кколеб буго ТIайгиб лъабго батIияв вукIанин херехьдерица абулеб хIужаги. Гьезул кIигоял рукIун руго гьоркьохъел гIасрабазул заманалда — XVI ва XVII гIасрабазда, лъабабилев вукIун вуго XIX гIасруялда, ХХ гIасруялъул байбихьуда, гьев хун вуго 1920 соналда. Гьединлъидал XVI гIасруялда вукIарав ТIайгибида Харахьи абу- ла КIудияв ТIайгибилан. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго гIарабалъ хъвараб Дагъистаналъул литература лъикI лъалеб букIарав ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадил хъвайхъвагIаязги. Машгьурав гIалимчи Амри ШихсагIидовасул пикруялда рекъон, гьединаб цIар бугев гIалимчи цо гурони вукIун гьечIо: «Харахьиса ТIайгиб 923/1521-22 соназда гьавунин абу- раб хIужаялъе нугIлъи гьабулеб жо гьечIо. ТIайгиб вукIана Къудукьа МухIаммадил (1652-1717), МохIоса Дамаданил (хвана 1724 с.) заманалда. Вукъун вуго Харахьи». ТIайгиб гьа- вурав ва хвараб сонги чIванкъотIун лъаларинги тIаде жубалеб буго ШихсагIидовас. Амма гьесул пикру тIубан дандекколеб гьечIо лъабго гIалимчиясул пикруялда. Гьел ккола ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадги, Гини- чукьа Инквачил МухIамадги, Хун- захъа СагIидил МухIамадсагIидги. НурмухIамадил МухIамадица хъвалеб буго: «Харахьиса ГIумарил вас ТIайгиб ккола Бакъбаккул рахъалъул шагьаразде ун, бергьун кутакалда гIараб гIелму цIаларав гIалимчи. Гьесул гIумрудул сонал ккола 928 (1521-1522) – 1008 (1599- 1600).

Инквачил МухIамад: «Харахьиса ГIумарил ТIайгиб Бакълъулазул мухъалда (Гумбет) къадиясул хъулухъги жибго тун росулъе вачIана гьениб къавуда унти тIибитIизе байбихьидал, 988 сон (1580-1581). Гьаниб А. ШихсагIидовасулги М.-С. СагIидовасулги баяназда дандеккун, цIикIкIун божилъи гьабизе бачIунеб буго ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадилги Ги- ничукьа Инквачил МухIамадилги хъвай-хъвагIаязда. Гьелда бан абизе бегьула КIудияв ТIайгиб вугин унгоунголъунги XVI гIасруялда вукIарав чи (1521/1522 – 1159/1600), вукъунги вугин Шамалда, ХIалаб шагьаралда. КIиабилев ТIайгибил хIакъалъулъ баянал дагьалъ цIикIкIун руго. Гьесул эменги ГIумар вукIун вуго. М.- С. СагIидовасул фондалда буго квералъ хъвараб тIехьалъул цо кесек. Гьадин хъвалеб буго гьелда: «Гьижраялда рекъон 1079 соналда (1668-69), Дугъри-нуцаласул вас МухIаммад-ханица ханлъи гьабулеб заманалда гьаб «Вафиййа фи шарх ал-Кафиййа» абураб тIехь квералъ хъван лъугIизабуна Харахьиса ГIумарил ТIайгибица, дирго мугIалим, Хунзахъа МуллаМухIаммадил доба ТIануси, рузман сордоялъ». Гьаниб бицен гьабулев Дугъ- ри-нуцаласул вас МухIаммад лъа- ла МухIаммад-нуцал КIиабилев гIадинги. 1669-1670 ва 1687-1688 со- налда гьарурал хъвай-хъвагIаяздаги буго гьесул хIакъалъулъ. Жибго доб тIехь ккола «алКафийа» абун Ибн ал-Х1ажиб (хва- на 1249 с.) абурав гIалимчияс гIараб синтаксисалъул хIакъалъулъ хъвараб цIалул тIехьалъе Рукн ад-Дин алХIасан бин МухIаммад ал-Астрабади абулев гIалимчияс кьураб баян. ХI. ГIумаровасгун А. ШихсагIидовас кьураб баяналда щаялиго гьеб тIехь хъвараб заманлъун бихьиза- бун буго 1077 (1668/69) сон. Амма гьезго тIаде жубалеб буго квералъ гьарурал гьел хъвай-хъвагIаязул цояб тIанчида хъван бугила гьа- дин: «Гьаб тIехь квералъ хъвана ГIумарил вас ТIайгибица, Хважал васасул вас», — ан. А. ШихсагIидовас кIиабилев ТIайгиб хвараб сон лъаларин хъваниги, гIемерисел тарихчагIаз мугъчIвай гьабулеб буго гьижрияб 1108 соналде (1696/97). Гьебги буго Кьохъа гIалимчи СултIан-МухIаммадица чIезабураб хIужа (гьев кколаан ГIободаса ШагIбанил дурц, XVIII гIасруялъул гIалимчи Кьохъа Салманил наслуялъул чи). Гьесул баяналда рекъон, «гIараб гIелмуялъул бергьарав гIалимчи Харахьиса ТIайгиб хвана гьижрияб 1108 соналда». Накъшубандияб тIарикъаталъул шайих Багинуса ШугIайбица рикIкIунеб буго ТIайгиб хванин, гьижрияб 1148 соналда (1735/36). Лъабабилеб тарихалъул дандеккунгутIи буго гьениб – Багинуса ШугIайбица рехсолеб буго 4 тарих, СултIан-МухIаммадица – 0. Амма ТIайгибица квералъ тIахьал хъвараб заманлъун аслияб куцалда гьез 1660 сонал рихьизарулел руго, гьединлъидал гьев хвараб сонлъун 1696/97 сон букIине бегьулин ракIалде кколеб буго. Щайгурелъул щакаб жо буго жигараб куцалда тIахьал хъвалаго араб заманалдаса хадубги ТIайгибица дунялалда жеги 75 сонги бан бати. Гьесул биография мухIкан гьабизе рес кьолеб буго, гьижрияб 1050 соналда (1630-31) ТIайгибил эмен, Хважал вас, ГIумарица цогидалдаса босун квералъ гьабураб хъвайхъвагIаялъ. Гьелъул сурат бахъун бачIана Сасикьа ГIаламудин Шейхилавин абурав гIалимчияс. Гьаниб цебехун бицухъе, доб ТIануси квералъ хъва- раб тIехьалда живго ТIайгибицаги тасдикъ гьабулеб буго жиндир эмен ГIумар, кIудияв эмен Хважа вукIаравлъи. Гьеб документалъ рес кьолеб буго ТIайгиб хвараблъун 1696/97 сон рикIкIине. КIиабилев ТIайгибил хоб буго Харахьи росулъ, НагитIа абулеб бакIалда. Исана январалда нижеца (гIалимчи Тимур Айтберовгун, Хара- хьиса Хъайтмазов ГIабдулбасиргун цадахъ) халгьабуна гьениб лъураб гьелъул. Амма регьел ккун, зонода тIад гьабураб хъвай-хъвагIай цIализе бажарулеб хIалалда батичIо. Дагьа-макъабго цIунун хутIараб зонол тIасияб рахъалда рихьулел ругоан накъишал.

МугIалимги мутагIилзабиги

XX гIасруялъул байбихьуда Дагъ- истаналъул гIалимзабазул биогра- фиязда тIад хIалтIарав Дургъелиса Назирица хъвалеб буго: «ТIайгиб вукIана Къудукьа Мусаласулги МохIоса Дамаданилги заманалъул чи. Гъваридав, камилав, унго-унгояв гIалимчиги вукIана. БатIи-батIиял тIахьазе рагIа-ракьанде щварал бая- нал кьуна гьес. Гьелдалъун бихьула ТIайгиб гIатIидаб пикру-лъаялъул чи вукIараблъи. Аллагь разилъаги гьесда. Харахьиса ТIайгибида ку- такалда лъикI лъалаан диналъул кьучIги. Гьесул руго жинцаго хъва- рал хIалтIабиги, цогидазе кьурал ба- яналги». Къудукьа Мусаласул МухIамадил заманалда рукIарал гIалимзабазда гъорлъ Алкъадариса ХIасаница рех- солев вуго Харахьиса ТIайгибги. КIиабилев ТIайгиб динияб лъай босулев Гъолода росулъ вукIана гIезегIан мехалъ. ЦIоралъул магIарулазул пачалихъияб центрлъун кколаан гьеб бакI доб мехалда. Амма гьев цеве цIаларав мугIалим кIиго батIияб куцалда рехсолев вуго. Цо баяналда рекъон, ТIайгиб цIалана Гъолодаса Малла-МухIамадида цеве. ГIали Каяевас хъвалеб буго гьев вукIанин «МухIаммад бину Вали бину Муса» абурав мугIалим (хв. 1128/1715-16 с.). Гьаниб цIикIкIун божилъи гьабизе бачIунеб буго тIоцеве рехсолев мугIалимасда (амма рес буго ТIайгиб гьев кIиясдаго цеве цIалун вукIинеги). ТIайгибил хъвай-хъвагIаяздасан бихьулеб буго гьесул мугIалим Гъолодаса МаллаМухIамад дунялалъул боцIудасаги, рекIелгъеяздасаги, цогидалдасаги инкарги гьабун, рухIияб рахъ цебетIезабиялда тIад хIалтIулев чи (аскет) вукIараблъи. Гьебго жо жиндирго мутагIилзабаздасаги тIалаб гьабулеб букIун буго гьес. Масала, гьадин хъвалеб буго ТIайгибица щибаб къоялъ Гъолодаса МаллаМухIамадица жидеда цере лъолел рукIарал тIалабазул хIакъалъулъ: «гIужда битIун къойил щуябго как базе, тIокIалъ чIечIого Аллагь ракIалде щвезавизе, пайда гьечIеб хабаралдаса жиндирго мацI цIунизе, мунагь-хIакъалдаса рикIкIад чIезе, Аллагьасул калам – Къуръан, гьединго Аварагасул хIадисал ва имам Гъазалил «Мингьадж ал-абидин» абураб тIехь лъазабизе». Гьелго тIалабал Гъолодаса МаллаМухIамадица ТIайгибил эмен ГIумарида цереги лъолел рукIун руго (гьев дова цIалулеб мехал- да). Гьелда бан ТIайгибица хъвалеб буго: «ПалхIасил, инсуца бицухъе, Малла-МухIамадида аскIоб чанго сон бан буго гьес лъай босизе къваригIун. Цинги лъайги щун тIадвуссине хIадурулеб мехалда Малла-МухIамадица дир инсуе насихIат гьабун буго гIужда битIун къойил щуябго какги базе, тIокIалъ чIечIого Аллагьги ракIалде щве- завизе, пайда гьечIеб хабаралдаса жиндирго мацIги цIунизе, мунагьхIакъалдаса рикIкIадги чIезе, Аллагьасул калам – Къуръанги, Аварагасул хIадисалги, имам Гъазалил «Минхадж ал-абидин» абураб тIехьги лъазабизе. Инсуца бицунаан Малла-МухIамад хванилан рагIидал гьев цIакъ пашманлъун вугила, ба- диса магIуги бачIун бугила, амма ха- дубго абун бугила «Инна лиллагьи ва инна илайгьи раджигIун» (нилъ киналго Аллагьас рижарал руго, гьесухъе руссинеги руго)». Гъолодаса Валил вас МухIамадида цере цIалулел рукIарал мутагIилзабазул бищун цеветIурав вукIанин ТIайгибилан абурал ба- яналги руго. МугIалимас гьесие гьадинаб васият гьабун бугила: «Метер къиямасеб къоялъ нижер рахъ ккве дуца, пайда босе Къуръ- аналдаса, тафсираздаса, Гъазалил гIелмуялдаса, тIокIаб жоялъ нилъ хвасар гьаруларо», — ян. ХIакъикъаталда абуни гьаниб гъалатI ккун батула ТIайгибил мугIалимасул цIар хъвалаго. Гъоло- да вукIана Мусал вас МухIамадвали. Гьединлъидал Каяевас хъва- вухъе, Мусал вас Валил, гьесулги вас МухIамад гуро гьев вукIарав. Гьединго гьаниб рехсолеб бугеб мугIалимас ТIайгибиде гьабураб васиятги хIакъикъаталда МаллаМухIамадица гьабураб буго. ГIали Каяевас кьурал баянал абуни мекъал рукIине рес буго. Баянаб буго ТIайгибие лъай Къудукьа Мусал МухIамадил мактабалда щвараблъи. Дагъистаналда, гьединго Бакъбаккул рахъалда бищун церетIурал гIалимзабазда цеве цIалун хадуб ТIайгибица байбихьула, рагьун жинцаго мадрасагун, мутагIилзаби цIализе росизе. М.-С. СагIидовасул фондалда буго НурмухIамадил МухIамадица квералъ хъвараб макъала — «Дагъистаналъул гIалимзабаз ГIабдурахIман ал-Джамил «ШархI ал-Кафийа» абураб хIалтIи малъулеб букIараб куц». Гьениб бицунеб буго Дагъистаналъул мадрасабазда Ибн ХIаджибал «Кафиййа» абураб хIалтIиги гьелъие кьурал баяналги, гьединго ГIабдурахIман ал-Джамил «ШархI ал-Кафиййа» ва «Фаваид ад-Дийаийа» абурал хIалтIаби лъазарулел рукIараб къагIидаялъул. Бицунеб буго ГIабдурахIман ал-Джамил хIалтIуе Дагъистаналъул гIалимзабаз гьарурал баяназул, цинги гьел мадрасабазда малъулел рукIараб куцалъул. Дагъистаналъул гIалимзабазда гьоркьов авторас рехсолев вуго «Харахьиса кIиабилев ТIайгибги». ПалхIасил, гьоркьохъел гIасрабазда Дагъистаналда рукIарал гIелмиялгун лъай кьеялъул центразул кьерда лъолеб буго НурмухIамадил МухIамадица ТIайгибил мадрасаги. ТIайгибил мутагIилзабазул цояв ккола XVII гIасруялда МачIада гIумру гьабулев вукIарав устар Шайх-МухIаммад (гьесул зонода хъван буго гьев хвараб сон: гьижрияб 1106 сон – 1694/1695). ГIолохъанлъуда гьев цIалун вуго ГIободаса ШагIбанидаги Харахьиса ТIайгибидаги цеве. МутагIилзабазе дарсал кьеялда цадахъго ТIайгибица хъвалел рукIун руго гIелмиял хIалтIабиги, квералъ хъвалел рукIун руго цогидаз рахъарал тIахьалги. Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул фондалда буго ТIайгибица квералъ гьабураб чанго хъвай-хъвагIай. Масала, МухIаммад ал-ХIусайн бину Мас‘уд ал-Ферра‘л «Китаб ал-мафатих», Шейх-Задал«Хашийа ал-Тафсир кади алБайдави». Нахъе цIунун хутIун руго исламиял ихтияразулги, жинсиял гьоркьорлъабазулги, гIараб грамматикаялъулги хIакъалъулъ Харахьиса ТIайгибица гьарурал баянал, жиндирго мугIалим Къудукьа Мусаласухъе хъварал кагътал. ТIайгибица хъвана «Хашийат тагьмис», гьединго МахIмуд бину МухIаммад ал-Кирмани аш-Шатибил (хвана 807/1404 с.) «ал-Иджаз» абураб хIалтIуе ГIали ал-Багъдадица кьураб «Халл ал-Иджаз» абураб баяналъе жиндирго баян.

Бакълъулазул къади

Инквачил МухIамадиде мугъчIвайги гьабун, тIадехун бицунеб буго «Харахьиса ГIумарил ТIайгиб Бакълъулазул мухъалда (Гумбет) къадиясул хъулухъги жибго тун росулъе вачIанин гьениб къавуда унти тIибитIизе байбихьидал, (988 сон (1580-81)» абун. Машгьурав гIалимчи Тимур Айтберовасда батун буго гьелъие нугIлъи гьабулеб документ. Гьелдалъун рес буго гьединго КIудияв ТIайгибилги КIиабилев ТIайгибилги биографиялда хурхун цIи-цIиял суа- лал рижизеги. ПалхIасил, Айтберовас хъвалеб буго жиндихъ бугила «Бакълъулазулги Чачанлъиялъулги эмиразул къотIи-къай» абураб документалъул копия. XVII-XVIII гIасрабазда официалиял документал хъвалаан гьитIинал тIанчазда, хадуб гьезда мугьруги чIвалаан. Мугьру чIвалеб бакIалде цебеккунго кIкIуйги речIчIизабун букIунаан. Гьелъул ко- пия бахъун бугоан гьеб кагъат хъваравго чияс – Харахьиса ТIайгибица, Бакълъулазул амирасул мирзаяс (секретарас). Гьеб ккола гьанжесеб Гумбет мухъ. Бакълъулазул дова гьединав чи мирзалъун яги къадилъун вукIиналда щаклъи гьечIо. Амма Айтберовасул баяназда рекъон, гьес гIумру гьабулеб букIун буго XVII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда. Доб цебехун кьураб баяналда абулеб буго, Бакълъулазул къадиясул хъулухъги тун, ТIайгиб гьениса 1580 соналда анилан. Гьадинаб магIна букIине бегьула гьелъул. Бакълъулазулгун Чачанлъиялъул эмиразда гьоркьоб къотIи-къай ккараб заман кида букIарабали бихьизабун гьечIелъул, гьединго XVI-XVII гIасрабазда ТIайгиб абун кIиго батIияв чи вукIинчIилан Айтберовасги рикIкIунеб бугелъул, гьеб документ хIадур гьабун батизе ккола ХVI гIасруялъул ахиралда КIудияв ТIайгибица. КIиабилеб иргаялда, Инквачил МухIамадица хъвалеб буго ТIайгиб Бакълъулазул дова къадилъун вукIанин. Айтберовасухъ бугеб документалда абулеб буго гьев мирза, секретарь, вукIанилан. Амма рес буго гьев кIиявго гIалимчи Авар ханасул вакиллъиялда бугеб МелъелтIе хIалтIизе ритIун рукIун ратизеги. Гьедин батани гьеб документ КIиабилев ТIайгибица хIадурун батула.

Лъабабилев ТIайгиб

Граждан рагъул заманалда, 1920 соналда, гIарадаялъ росулъе кьвагьун бачIараб жоги щун, хвана гьев кIиявго ТIайгибил наслуялъул чи — лъабабилев ТIайгиб. ПалхIасил, батIи-батIияб заманалда Харахьи вукIун вуго ТIайгиб абун цIар бугев лъабго гIалимчи. Гьедин гьеб тухумалъ гIелму тIибитIизабулеб букIун буго лъаб- го гIасругун бащдаб заманалъ. Гьел сабаблъун гIелму тIибитIизабулеб гIадат билълъанхъана Дагъистаналъул цогидал росабалъги (Кьохъ – Салманил наслу, ГIириб – ТIалхIатил наслу ва цогидал).

Маркъо ШАГIБАНОВ, ГIабдулбасир ХЪАЙТМАЗОВ