ТIалакъоро магIарда данделъи

 

  

Имамзабазул гIадатлъун лъугьун букIана зама-заманалдасан кIудияб лъугьа-бахъиналда цебе тIолго халкъалъул вакилзабаз гIахьаллъи гьа­бурал мажлисал ахIулеб. Гьеб гIадат батIаго цIакъ тIибитIана Шамил имамасул заманалда. ТIоцебе гьев имамлъун вищулеб гьединаб дан­делъи букIана 1834 соналда ГIанди магIарда. Чачаназулги Дагъиста­налъулги гIорхъода букIиналъ гьеб цIакъ санагIатаб бакIлъун букIана гьединал ишазе.

 

Амма 1845 соналда данделъи тIобитIизе ккана гьанжесел Хунзахъ, ГIахьвахъ ва Шамил районазда гьоркьоб бугеб ТIалакъоро магIарда. ХIатIирухьазда риччарал чуязул хIихIиялъул, хъубчул, чухъби, буртаби ретIарал, тIад къохьол тIагърал лъурал гIадамазул гаргаралъул, кьолеб ва буссинабулеб саламалъул, дугIа-алхIамалъул, бачунеб зикруялъул цIун букIана мугIрузул тIогьиб бугеб майдан. ГIадамаз цоцазул лъай-хъвай гьабулеб, гьоболлъи ва гьудуллъи лъугьинабулеб букIана. Лъебелал, цIунтIал, гьид, къехI, бакълъулал, гъунисел ва чIарадисел, гIахьвалазул тIолалго къавмазул вакилзаби, багвалал ва чIамалал, хунздерил тIалъиялъул росабазул гIадамал, чачаназул, даргиязул, лаказул, лъарагIазул вакилзаби къоялги нухда ран, гьенире рачIарал Дагъистаналъул халкъазул камурав чи вукIинчIо гьенив.

 Шамилида цадахъ гьенир рукIана гIорхъаби цIунун щиб, тушманасда хадуб хъаравуллъи ккун щиб, гIандадерил мугIрузда, нахъ бакIазда, гъумекдерил рахъалда ва Даргъоб тарал хутIизегIан киналгоязде гIунтIун наибзаби, квер гIунтIулеб щибаб бакIалдаса рачIарал гIалимзаби -цIаларал чагIи, гьездаго гьоркьор ГIурадаса МуртазагIалиги Сивухъа Гъазиясул СагIдуги.   

 ТIалакъороб имамас гьединаб мажлис гьабиялъе гIилла букIана гIурусазул аскарал тIаде кIанцIизехъин рукIин ва гьелда цебе тIолабго мугIрузул тIалъиялъул халкъ ишалде бахъинабизе, гъункизабизе хIажат букIин ва тушманасул хIинкъи нахъчIваялъе план ургъизе ккей. Гьелда хурхун гьенир рищизе кколаан аскаралъе нусил бутIрул, ярагъ, гулла-хер, квен-тIех кин ракIарилел ва ратизаризе ккелелали дандбазе, кинаб росдаца щиб кьелеб рагъда ругел муридзабазеяли мухIкан гьабизе кколаан.

Тушман нахъчIваялъе гьединаб кутакаб хIадурлъи гьабизе ккеялъе гIиллайин абуни букIана гIурус пачаяс Кавказалъул рагъазе ахир лъезе тIадкъайги кьун, Чачаналдеги Дагъистаналдеги гIурус генерал, 63 сон барав граф Воронцов витIун вачIун вукIин. Гьелъул хIакъалъулъ имамасухъе хабар бачIана гIурусазул аскаразда гьоркьор ругел балъго хIалтIулел гIадамаз. Воронцовасе рагъуе ахир лъезе тIадкъайги кьолаго пачаяс гьесде гIарзцин бахъана рагъ цIакъго халат бахъунеб бугин ва Россиялъул империялъул югалъул гIорхъаби щулалъизаризе къваригIун бугилан. Гьелде тIадеги Европаялда цебе Россиялъул ва гьелъул армиялъул къадру гIодобе кколеб букIана мугIрузул халкъал мутIигI гьаризе кIолеб гьечIилан. Генерал Воронцовин абуни вукIана рагъул кIудияб хIалбихьи бугев, Наполеониде, шведазде, турказде данде вагъиялъул хIалбихьи ва икъбал бугев цIар рагIарав генерал.

Ва гьале, 1845 соналъул маялъул ахиралда ва июналъул байбихьуда Грозныялдаса, Каспиялъул гIодоблъиялдаса мугIрузде балагьун бачIунеб букIана Кавказалъул рагъазул тарихалда киданиги бихьичIеб, анцIила лъабго генералас, гьоркьор гьунаралъул рахъалъ цIар арал Клю- ки фон Клюгенау, Пассек, Меликов, Аргутинский, Викторов, Фрейгат гIадал ва цогидалги генералал бетIерлъиялда ругеб пехотаялъул 23 батальоналдаса, 1600 рекIарасдаса, 1000 милициясдаса ва гIурусазул рахъалде арал дагъистанияздаса данде гьарурал, 46 гIарада бугеб, гучаб армия.

 Гьеб цIар рагIараб, Кавказалда гуребги, югалъул рахъалда жинда релълъараб къей гIурус армиялъе киданиги ккечIеб походалъул ккараб хIасил киназдаго лъала. Воронцовасул армия щущахъ биххизабуна, 3 азаргогIанав чи чIвана, гьездаго гьоркьов чанго генералги. Августалъул байбихьуда лъугIараб гьеб рагъдаса живго Воронцов хIалица ворчIана асирлъуде ккечIого. Гьеле гьеб рагъде хIадурлъи гьабизе ракIарун рукIана имамасул муридзаби ТIалакъоротIе. ТIадехунги абухъе, гьенир гIахьаллъарал гIалимзабазда гьоркьор рукIана нилъеца рехсарал МуртазагIалиги СагIдуги. Мажлис тIобитIиялъе бищунго жигараб квербакъи гьабурал гIадамазда гьоркьов низам гIуцIулев, гара-чIвариял тIоритIулев вукIаразул цояв кколаан ГIурадаса МуртазагIали. Базалияв, куц-жинс рекъарав гIалимчи ва рагъухъан хIисабалда машгьурав гьев гьеб къоялъ майданалда киса-кивего вихьулаан. Шамил имамасдаги бихьула МуртазагIалил тухалчилъиги, гIетIулъ тIерхьун чугун гьев дове-гьаниве къваригIел тIубазе унев, хIажатал гIадамал има- масухъе ахIулев, нахъе ритIулев ва гара-чIвариял гьарулев. ГIолохъанав гьесул тулаклъиялда ва бажариялда рухIдаллъарав имамас гьесда абула:

— Я, МуртазагIали, гъоб мехалъ мун чIван вукIаравани щиб дица гьа- бизе букIараб жакъа ТIалакъоротIа? — ян.

Ахирги, бакъаникакалги ран, нусил бутIрулги рищун, щивав наибасда гьоркьор гьелги цогидалги къотIабиги гьарун, ТIалакъоротIаса гIаламалъул цо бутIа ГIандирехун тушман гIагарлъулев вугеб рахъалде, цогидал жиде-жидер росабалъе аскаралде гIадамал рахъинаризе, гулла-хер, квен-тIех хIадур гьабизе рагъарана. Жиндирго тIадкъай тIубазабизе ГIураде МуртазагIалиги ана. Ва унаго гьесда цебечIана тIоцебе имамасулгун лъай-хъвай ккараб ва гьев вихьараб куц.

Гьеб ккана лъабго-ункъо соналъ цебе. Доб риидал гьидерил ва хIебдалазул рахъалда муридзабазул къокъагун цадахъ росабалъа росабалъе щун сверулев вукIунаан имам. Щибаб росулъ гьес хал гьабулеб букIана гIадамазул рукIарахъиналъухъ, диналъул бугеб хIалалъухъ ва гьебго заманалда рагъде рачине бегьулел гIолохъабазухъ, гьезул бугеб хIадурлъиялъухъ. Гьедин унаго имам щвана ГIурадеги. Гьев вачIиналъул хабар лъарал росдал гIадамал ракIарана годекIанире. ЖамагIаталъул хIал-хIукму, диналъул, цIаларал чагIазул ахIвал-хIал цIехана имамас. Росдал дибирасги цогидазги мухIканго бицана имамасда. Ва гьелдаго цадахъ бицана МуртазагIали абурав гIолохъанав, цIакъ гьунар бугев цIаларав чи вукIиналъулги. Аммайин абу- на гьез, МуртазагIалица росдал рахIат хвезабун бугин цIаларав чи вукIиналъухъги балагьичIого, руччабазда хадув лъугьунев вукIиналъ. Имамасул цIакъ ццин бахъана. Жин- да аскIове ахIейин абуна. Ва гьале вачун вачIана МуртазагIали. Гьикъа- бакъарун лъугIидал, гIадамазул гIарзалъулги бицун, имамас абуна шаргIалда рекъон мун чIвазе кко- лин. Цинги имамас гьесул лъаялъ- ул хал гьабизе байбихьана. БатIи- батIиял гIелмабаздаса, цIакъаб лъай бугев чияс гурони жаваб кье- зе кIоларел, захIматал кьуна суа- лал гьес, МуртазагIалица гIараб мацIалда имамасул киналго суала- зе мухIканал жавабал кьола, имам битIахъего бахиллъула гьесул лъаялда ва цIакъго кьварараб гIадлу гьабичIого тола. Гьелдаса нахъе имамасеги халкъалъеги хъулухъ гьабуна МуртазагIалица Кавказалъул рагъ лъугIизегIан. Гьидерил рахъалъул наиблъунги тIамун вукIана гьев.

80-абилел соназда, гьесул лъайги къадруги хIисабалде босун, ТемирХан-Шураялда гIурусаз гIуцIараб шаригIаталъул судалъул тIоцевесев судиявлъун тIамун вукIана гьев. Гьесул ахирисеб гIумру живго вижараб ГIурада росулъ ана. Унтарав гьесде ваккизе ГIураде щварав Инкваличиласул Дибирас жиндирго гьудуласухъе хъвараб кагътида бицунеб буго гьев кIващул унтиялъ унтун вукIиналъул ва черхалда рукел букIиналъул. МуртазагIалил хоб буго ГIурада росулъ.

 Гьесдаго цадахъ ТIалакъоротIа вукIана Сивухъа СагIдуги.

Гьеб цIар рагIараб майдан росдал гIалахалъул гIорхъуда букIиналъ гьенир рукIана росулъа цогидал гIадамалги. Гьелъие цоги гIилла букIана – 1843 соналда сахъадерил наиблъун тIамурав ХIажимурадил амру тIубазабун данделъиялде бакIарараб гIаламалъе къваригIарабтаралъе рахъун рукIана гьенире гьел. СагIдуйин абуни вукIана хунздерил тIалъиялда гIезегIан машгьурав, жинцаго квералъ хъварал ва данде гьарурал тIахьал нахъе тарав гIалимчи. Рехсараб данделъиялъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIаялги гьес гьарун руго.

Нилъее нахъе хутIараб гьесул аслияб тIехь буго «Паризаяб жоялъул рахас» («Сулак гIайин») абураб, жинда жанибе диналъе ва гIелмуялъе хIажатал батIи-батIиял гIелмабазул асарал, гьезие баянал, малъа-хъваял ракIарараб цIакъ бицатаб мажмугI. Араб гIасруялдаго гьеб ккун буго ГIочIлоса МухIамаддибир абурав чиясухъе. Гьесухъан щун буго Унсоколоса ГIабдулкаримил ГIабдула абурав чиясухъе, гьесул хъизамалъухъа бихьизе гьеб тIехь щвана дихъеги. Сахъадерил мадрасаялдаса, росдал ва къватIиса рачIарал мутагIилзабазда гIараб гIелму малъулел гIалимзабазул тухум лъугьун букIана СагIдул. ТIалъиялда лъалев гIалимчи вукIана гьесул вас ЯхIяги. КIудияб ВатIанияб рагъда цеве хварав кIудияв СагIдул цIар лъурав СагIду вукIана машгьурав халкъияв тохтур.