Хунзахъа ГIалихан

 

(ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадил биценал)

 

 

 

Биценалде гьоркьобе араб гьаб лъугьа-бахъиналъе байбихьи лъураб 1843 соналда магIаруллъиялда рукIарал пачаясул аскарал жидерго щулияб хъала бугеб Темир-Хан-Шураялде лъутулел рукIана. Хунзахъ, ЦIатIанихъ, ГьоцIалъ, Зирани хъулби рехун тана гьез. Шамил имамас Гъойсубулиялъул рахъалде наиблъун тIамуна ГьоцIалъа Худанатил МухIамад. Жиндирго тахшагьарлъун тараб Инхо росулъ букIана гьесул чIолеб бакI, канцелярия, низам цIунизе ва рагъул ишалъе нухмалъи гьабизе муридзабазул къокъа.

 

 

Гьелда гьоркьов вукIана гIурус пачаясул аскаралъул рукIинесел машгьурал рагъул начальникзаби — генерал Макъсудил ва полковник Хъайтмазил эмен Хунзахъа ГIалихан. Жеги чIужу-хъизан гьабичIев ГIалихан, балагьараб мехалъ, гIанчIав, таваккалав, руччаби рокьулев чи вукIун ватизе ккола. Инхоса ясалъухъ рокьи гьабизе байбихьула гьес. Нилъеда цIар лъаларей яс ячине, хъизан гIуцIизе ракIалда букIун батизеги бегьула гьесда, амма гьей чияе абун йикIун ялъуни къватIиса чиясе кьезе бокьичIого, жидер яс ГIалиханица толей гьечIилан Шамил имамасде гIарз бахъула гьелъул эбел-инсуца. КIиго-лъабго чIужу ячине изну кьолев, къороллъуда руччаби толарев имамасе руччабаздехун гьабулеб кинаб бугониги хIалихьатаб балагьи бокьулароан. Гьес нахътIамун течIого гIарзаялъе хIукму къотIула. Ва наиб Худанатил МухIамадихъе кагъат хъвала. Инхвадерил жамагIаталъул ва ясалъул эбел-инсул разилъи гьечIолъи бихьун цо щибниги жо ккезе бегьулеблъиялда щаклъарав ГIалихан кисан-щибдай бачIинаян цIодорлъи гьабун валагьун чIун вукIана. Имамасухъе гIарз битIун ун бугиланги махIчIван букIун батизе ккола гьесда.

 

 

Ва гьале цо къоялъ, ракIалдаго гьечIого, Веденоса Худанатил МухIамадихъе кагъат босун вачIунев имамасул чапар данде ккола гьесда ва сундулго хIакъикъат лъаларев чапарасда абула кагъат жиндихъе кьуниги бегьулин, жинца кьелин наибасухъе. Икъбал бугев чи вукIана ГIалихан. Чапарасги божилъи гьабун кагъат кьола гьесухъе. Гьеб батула жиндихъ гьав валагьун чIун вукIараб кагъат. ГIалиханида дагьа-макъаб гIараб мацI бичIчIулаан. Ва гьале гьес чиясда вихьуларедухъ рокъовги вахчун, кагъат битIизабула. Къокъаб, чанго предложениялдасан данде гьабураб гьелда хъван батула ГIалиханица чIвазе гIураб такъсир гьабун бугилан. Гьесдайин абуни гьеб бичIчIула чIвайин абун хъван бугеблъун. Гьев виххула. Ресги букIаго чIвазе чи чIелищха, циндаго хIукму гьабула гIурусазухъе лъутизе ва наибги цогидал гIадамалги тохлъарабго ХIаригабурлъухъан Индираялда аскIоб бугеб гIурусазул хъалаялде лъутула. Имамасул кагъатин абуни, пропуск гIадин цадахъ босула, цинги каранда кисинибги лъун гIумруялъго цIунула. Гьедин лъутичIого цоги батIияб жо гьабизеги бегьилаан ГIалиханица, амма ханзабазул тахшагьарлъун букIараб Хунзахъ гьавурав ва гIурав гьев гIурусалгун гIемер дандчIвалаан. Щиб лъалеб, гьезул мацIцин лъалеб букIун батизе бегьула. Ва гьезул гIамал-хасият, гьез ханзабиги рагIи билълъунел гIадамалги жидедего руссинаризе бахъулеб жигар, кьолел сайгъатал ва гьезул кверзул гIатIилъи лъалаан гьесда. Гьединго гьесда лъалаан имамасул аскараздаги яги хъулухъалдаса лъутун вачIарав щивав чи гьез разиго къабул гьавизе вукIинги. Ва хIакъикъаталдаги кинабго ккана бищунго гьесие санагIатаб хIалалъ. Пачаясул администрациялъ гьев лъикI къабул гьавуна, цIализе витIана, офицерлъун вахъана. Жиндирго къимат гьабизабизе лъалев ва цIар бокьулев, цIодорав ва гьунар бугев гьесги живго киса-кивего бищунго лъикIаб рахъалъан вихьизавуна, гIурусазда гъорлъ адаб-хIурматалда вукIана. Гьелъие нугIлъи гьабуларищха гьесулги гьесул лъималазулги тIолабго гIумруялъул тарихалъги, гьелдаго цадахъ, балагьараб мехалъ, гьесда живго лъутиги чIваян бачIараб каранда чвантиниб лъун нахъе цIунун бугеб кагъатги, киданиги кIочон толароан.

 

 

Хадуб кинабго гьелъул магIна бичIчIараб мехалъ намусалъ рахIатги толароан гьесие. Кин гьеб букIараб батаниги, лъикIги квешги, тIаде щвана Шамил имамас гIурусазде дандечIей къотIизабураб 1859 соналъул август. Гьеб заманалде гьев, биценалда рекъон, полковникасул чиналдеги вахун, гIурус армиялда гъорлъ имамасде данде вагъулев вукIана. Нахъе хутIун ругел биценаз бихьизабула Шамил имамасдаги ГIалиханги гьесул ишалги лъалел рукIараблъи. Дагьабниги иш бажарулев гIурусазда гъорлъ вугев магIаруласда хадуб имамасул рахъалъан хъаравуллъи букIунаан. Амма гьениб буго цо гьадинаб жо – щаялиго имамасул ццин букIинчIо ГIалиханиде, лъугьарабщиналъул хIакъикъат лъалеб букIун буго Шамилида. Гьеб нилъеда бихьула хадусел лъугьа-бахъиназдасан. Гъуниб магIарда сверун ккун вугев имамасдаса пачаясул аскараз кверде вачIин тIалаб гьабулеб букIана. Зама-заманалдасан хъахIаб байрахъги борхун, цадахъ гIурусазул кинав вугониги рагъул начальникгун, кIиго-лъабго рагIи билълъарал магIарулалги рачун, полковник Лазарев вачIунаан имамасухъе кверде вачIайилан гьаризе. 14 августалдаго байбихьарал гьел гара-чIвариял халат рахъана ахирисеб къоялде, ай 25 августалде щвезегIан. Имам щакдарилев вукIана. ЦIакъго гьесде гIагарал муридзабазе хутIизегIан халкъалда рагъ чIалгIун букIана — гьитIинаб жойищха бугеб 30 соналъ рагъана магIарулал пачаясда данде. Имамасе бокьунги букIана рагъ къотIизе тезе ва гьебго заманалда бокьулебги букIинчIо. Гьайгьай, гьесие ургъел букIана кверде ани жиндиргоги хъизамалъулги щибдай ккелаян абун. Гьадинго, рагъги къотIизе тун, имамги гьесул хъизанги ГIарабустаналъул рахъалде риччазе гIурусаз инкар гьабуна. Цо нухалъ кверде вачIайин, дуе щибниги гьабизе гьечIин гIурусазилан абизе гьесухъе, гIурусазул делегациягун цадахъ, витIун вачIана Илисуялъул Даниялбекги. ЦIалдолезда ракIалде щвезабизин — гьев вукIана Шамил имамас божилъи гьабулев, амма хадув гIурусазул рахъалде лъутун арав наиб. Имамасул цересел гIадамаз гьесухъеги виччачIого нахъе хъамуна гьев. Гьеб мехалъ ракIалде щун ватизеги бегьула имамасда ГIалихан, хадусеб нухалъ гара-чIвари гьабизе полковник Лазарев вачIараб мехалъ, гьес гьесда гьарана нужер аскаразда гъорлъ вугев ГIалихан абурав полковник вихьизе бокьилаанин абун. Лазаревасда магIарул мацI лъалаан. Гьес рагIи кьола щолеб бакIалда полковник ГIалихан ватани имамасухъе вачине.

 

 

Ва гьале, хадусеб нухалъ Лазаревас имамасда аскIове вачун вачIана полковник ГIалихан. Хъваш-баш гьабун хадуб, Шамилица Лазаревасда абуна жал кIалъай гьабизе аскIор теян. Лазарев нахъе ана. Гьеб мехалъ имамас ГIалиханида абунила, дун кверде вачIани щиб гьабизе гIурусазда ракIалда бугебали бицейин? Дир тIокIав гьеб гьикъизе чиги гьечIин. ГIалиханида Барятинскиясул киналго планал лъалаан, гьесда дандбан, бицун букIун батила имамасул къисмат кинаб букIине бугебали. Гьединлъидал гьес жиндаго лъалебги, рагIарабги, гьелъул хIакъалъулъ жиндирго пикруги бицана имамасда. — Пачаясул амруялдалъун гьезда ракIалда буго мун асирги гьавун, хIурматияб къагIидаялъ, хъизанлъималгун цадахъ гIурус ракьалде витIизе ва гьенив парахатго гIумру гьабизе тезе. Хадуб кколеб жо дида лъаларо, — ян абула гьес. — Гьедин гьабиладайха гьез, — анги гьикъана имамас ракIчIеялъе. — Дида гьедун абизе кIвела, гьедин гьабизе буго, — илан абула ГIалиханицаги. — Баркала дуе, ине бегьула, — ян абула имамасги. Амма ГIалихан, каранда чвантиниса кагътил кесек къватIибе бахъулаго, дагьав лъалхъанила.

 

 

Ва гьебги битIизабун, намуслъунги вахъун, тIаса лъугьин тIалаб гьабулеб гIадин имамасухъе бегьанила. — Гьаб кагъат сабаблъун лъутун вукIана имам дун гIурусазухъе, гьале 17 соналъ нахъе цIунун букIана. Бихьуларищха къисматалъ дандчIвазе хъван рукIун ругеб куц. Имамас кагъат цIаланила, чIвазе бегьулеб жо гьабун бугин хъван бугоха гьаниб, чIваян абун гьечIоян имамасги абунила. ПалхIасил, къолъикIги гьабун, гьев Лазаревасда аскIове анила. Чанго къоялдаса хадуб имамас кверде ине хIукму гьабуна.

 

(ТIадехун бицараб лъугьа-бахъиналъул рехсей гьечIо я П. Павленкол «Шамил», я М. Ибрагьимовалъул «Имам Шамил» абурал тIахьазда).