«Хъамуна Надир-шагь магIарулаца агъалдаса чакма бидул цIезегIан»

 

         

    Бащдаб дунялги квегъун, Дагъистаналде вачIарав Ираналъул шагь Надирил мугъ бекана магIарухъ – ХицIиб магъилъ. Цо-цо тарихчагIаз абула гьесул аслияб мурад букIанин Аваристаналъул тахшагьар Хунзахъ кверде боси. Гьелдаса хадуб Россиялдехун инеги ракIалда букIанила ша­гьасда. Амма магIаруллъиялъго ахIиги бан данделъарал бояз кIудиял камиялги ккезарун, рогьояб куцалда мугIруздаса тIуризавуна шагь.

 

Ибрагьим-хIажиясул фатва

сабаблъун

     Гьеб мехалда миллатцоязде ахIи бана Гьидалъа гIалимчи Ибрагьим- хIажияс. Хас гьабун Ибрагьим- хIажияс щай гьединаб хитIаб гьабу­рабин ракIалде ккезеги бегьула.

     Дагьалъ цебе гьесул хIакъалъулъ тIехь къватIибе биччана тарихчагIи МухIамад ШехмухIамадовасги ШагIбан ХIапизовасги.

     МухIамад ШехмухIамадовасул рагIабазда рекъон, доб заманалда Гьидалъ вукIана халкъалда гьор­кьоб рагIи билълъарав Ибрагьим- хIажияв. ГIолохъанго вукIаниги, кутакалда политикаги бичIчIулеб букIун буго гьесда. Жиндирго эмен, гIалимчи МухIамад-хIажицаго бай­бихьараб хIалтIи цебехун бачунеб букIун буго Ибрагьим-хIажияс. Ма­сала, Крымалъул султанасулгун ва гIусманиязул халифаталъул ва­килзабазулгунцин бухьенал рукIун руго гьезул. Гьезда цере цIаларал мутагIилзаби хадурккун кIудиял гIалимзабилъунги рахъун руго.

     «Амма кигIан лъай бугониги, фатва кьуниги, гьев чиясухъ халкъ гIенеккулеб гьечIони, фатваялъ кинабгIаги асар гьабуларо. Ибрагьим- хIажиясухъ абуни гIенеккулаан, гье­сул къадру букIиналъ.

    Надир-шагь Гъазигъумеки­ве лъугьиндал, Сурхай-ханги тIурун ун жалго хутIарал гьесул васал МуртазагIалицаги МухIамадханицаги кумек гьарун гьидерихъе хъвараб кагъат буго. Гьедин кьураб фатва ккола Ибрагьим-хIажияс гъоб – халкъ рагъде бахъаян. Гьесда бичIчIулеб букIана иш квешаб рахъал­де инехъин букIин. Цо-цо бакIазул нух­малъулел парахат чIолел рукIун руго рагъдеги рахъинчIого, Надир-шагьги бусурманчи кколелъулилан. Гьес кагъ­талги хъван рукIиндалха киса-кире­го: живги бусурманчи вугин, рачIайин киналго цолъизе. Амма гьев шигIияв кколаан, кканиги гьедигIан диналъул ургъелги букIун гьечIо гьесие», — ян би­цана МухIамад ШехмухIамадовас.

 

ГIаймакиса Абубакарихъ гIенеккаралани…

 

    ХицIиб магъилъе рагъ щвелал­де магIарулаз ГIаймакиб къварилъухъги гIасияб кьаби щвезабуна Надир-шагьасул аскаразда. Бодул цевехъанлъун вукIун вуго шагьасул дурц Люфт ГIали-Хан. Интернетал­дасан кьурал баяназда хъвалеб буго гьенив шагьасул 50 азарго аскарияв вукIанилан. Амма ГIаймаки шко­лалъул тарихалъул учительница Загьрат Исрапиловалъул рагIабазда рекъон, гьениб гьечIо гьебгощинаб аскарги жеги гьезда данде рагъулел рукIаралги чIезегIанасеб бакI. Гье­зул умумуз бицухъе, шагьасул 20 азарго аскарияв вукIун вуго.

    «1741 соналъул август моцIалъ лъабго сордо-къоялъ букIун буго гьеб рагъ. Цо-цо тарихчагIаз хъва­леб буго гьеб гIаймакдеридаги хьергебдеридаги гьоркьоб бугеб къварилъухъ букIанин. Амма цохIо сухъмахъ гурони, гьединаб гIатIилъи букIинчIо доба. Гьанжени ХIамзат ХIамзатовас («Дагэнерго») шагьра­нухги бахъун буго гьениса. Гьедин­лъидал, нижер хIисабалда рекъон, рагъ букIун батула Жужуки магъ­илъ, гIатIидал байдаби руго гьенир.

    Гьеб рагъ байбихьилалдего ГIаймакиса Абубакарил бетIерлъиялда гъоркь магIарулаз Надир-шагьасухъе кIудияб вакиллъи битIун букIун буго, аскарги бачун, магIарул ракьалде вачIунгеян лъазабизе. Амма шагьас гIиндего босун гьечIо гьеб ха­бар», — илан бицана Загьрат Исрапиловалъ.

        Гьелъул рагIабазда рекъон, гьеб рагъулъ гIаймакдерие хIалае рахъун руго сверухъ росабалъа гIадамалги.

    ЧIвачIого хутIарал шагьасул аска­риял хIалица лъутун рорчIун руго гьениса, гьезул цогидаб къокъа абу­ни асир гьабун буго.

 

«Дунялго квегъи

гьадингояб жо буго дие»

 

    Локкарт абурав авторас 1938 со­налда Лондоналда къватIибе бич­чараб тIехьалда хъван буго На­дир-шагьасул киналго рагъазул хIакъалъулъ (редакциялде гьеб бо­сун бачIана Сугъралъа Маркъулазул МухIамадица). 2004 соналда гьеб гIурус мацIалде буссинабун буго Ба­куялда.

   Локкартил рагIабазда рекъон, аф­гъаналъулазул зулмуялдаса жин­дирго улкаги тархъан гьабун, пер­сазул ракьал нахъе кьезе гIурусалги тIамун, Индияги хъамал гьабун, Туркестанги мукIур гьабун, жиндир флоталъул кверщаликье Персиялъул заливги щвараб, жеги батIи-батIиял халкъалги мутIигI гьарун, бицун хIалкIолареб ссиялда Надир вугеб заман букIуна.

   Гьебмехалда Тегераналда шагьас къабул гьавула гIурусазул резидент Калушкин. Гьесда ракIалда бугеб жо лъазабеян Санкт-Петербургалдасан кьураб тIадкъай букIуна резидента­се. Гьес Санкт-Петербургалде хабар битIула шагьасул кутакалда жинда­го ракIчIун бугин, гьесулгун къотIи- къаял гьаризе захIмалъизе буги­лан. Шагь гьесда цеве веццарулев вукIуна цо хIатIидаги чIун кIолин жинда Индия кодобе босизе, гьеб ме­халда кIиго хIатIидаги вахъун чIун хIалбихьани, дунялго квегъи жин­дие щиб жойилан.

   Тегераналдаса Газвиналде (Ира­налъул Казвин шагьар – ред.) уна Надир. Цо заманалда лезгиял Карт­лиялде тIаде кIанцIанин гьесухъе хабарги босун вачIуна гуржиязул бетIер. Локкартил тIехьалда лезгия­лин хъварал чагIи гуржиязде чабхъе­нал гьарурал магIарулал рукIинеги рес буго. Гьезда ццим бахъун лъугьу­на шагь. Гьединлъидал тIаде кIанцIи гьабураб бакI цIунизе афгъаналъу­лал ритIула гьес.

   Гьеб мехалда тIадеялдаса тIаде сахлъиги загIиплъулеб букIуна ша­гьасул, щайин абуни жиндирго тох­тур гьес хIежалде виччан вукIуна. Гьединлъидал дару-сабаблъе къагIида кколаро.

   Газвиналда 15 къоги бан, На­дир ЧIарлъул ва Талаялъул лезгия­зе (ЦIоралъул магIарулал рукIине ккола гьел – ред.) тамихI гьабизе Дагъистаналде къокъуна. Гьениб кIудияб рагъулъ гъурула бакIалъул гIадамазул гIезегIан чи, хутIарал кверде росула. Цинги шагь Гъазигъумекиве щола.

 

 

    Гьенисан вагъарула Авариялъул гIорхъаби лъазаризе. Амма гьеб букIуна квачараб мех. Гьединлъи­далищ яги магIарулаз кутакалда дандечIей гьабизехъин букIиналъул хабар лъанищали, шагь уна бакъ­баккул рахъалде, Каспи ралъдал рагIалдехун. Авариялде сапар гьелдаса моцIалъ цебе байбихьун букIарабани, гьесухъа бажарилаан согIал мугIруздасан нуцалзабазул ватIан Хунзахъе нух бахъизе, гьел­далъун Дагъистаналъул кIулалги шагьасул кодор рукIинаан.

    Гьединго тохлъукьего Россиял­де тIадекIанцIи гьабурабани, гьес­да кIвелаан Гъизлярги Астраханги бахъизе, щай абуни гьелъул аслиял аскарал Швециялъулгун гIорхъи щула гьабизе ритIун рукIана. Амма хадубккун Россиялъе баянлъана тIаде кIанцIизе шагьасда ракIалда ругел хьулал.

   ПалхIасил, Каспи ралъдал рахъал­дехун гIагарлъулаго, шагьасухъе ха­бар щола бакIалъул гIадамаз жиндир аскаралъул цо бутIаги гъурун бугин, руччабиги хъамун ругилан. Гьеб мехалда ццим гьалаглъарав шагьас рагIи кьола гьезул ахирисев чиясе тамихI гьабичIого жив Дагъистанал­даса нахъе унарилан. Амма гьелъул хIасил кколаро.

    КкечIониги, Дербенталда гIагарлъухъ чадиралги чIван чIола ша­гьасул армия. Заманалдасан гьезие захIмалъула мугIрул-щобалъанги рохьалъанги тIубараб аскаралъе гIураб квен-тIех баччизе. Гьединлъи­дал хIукму ккола гьеб гумузда лъун ралъдадасан баччизе. Амма Каспи ралъдалъ жиндирго гуми рукIунаро шагьасул, Персиялъул заливалда флот букIаниги.

   Шагьас кумек тIалаб гьабула гIурусаздасан. Цо-цо гуми гье­сие гьарула хиянатлъиялде арал гIурусаз. Цогидал гуми шагьас ижа­раялъе кьеян гьарула Россиялъул резидент Калушкинида. Надирица гьесие кьола парччадул халгIатги азарго гъурущги. Амма Калушкини­ца хIукуматалда лъазабула нагагь­лъун гьел гуми шагьасухъе кьуни, гьес гьел киданиги тIад руссинари­зе гьечIин, щайин абуни шагьасда ракIалда бугила Каспиялда жиндир­го флот лъезе. Гьебги хIисабалде бо­сун, Россиялъул хIукуматалъ инкар гьабула шагьасухъе гуми кьезе.

   Гьелдаса хадуб Турциялъулгун персазул рекъел ккедал, шагьас­да ракIалда букIанила Келаталде ун, гьенив парахалъизе. Гьениве къватIиве вахъиналде гьес Эндире­ялдеги Костекалдеги чагIи ритIун руго квен-тIехги чуялги росизе. Амма лъарагIаз цIакъго багьабиги рорхизарун, Надирил ццим бахъина­бун буго.

    Хадуб Локкартил тIехьалда би­цунеб буго тIокIалъ чIечIого На­дир-шагьасул аскаралде, хасго ква­нил нигIматал раччун унел чагIазде, тIаде кIанцIиял гьарулаанила Таба­сараналъул ракьалда, Губденалда гIагарлъухъ. ТIадежоялъе, багIарараб риидал лъел рахъалъги къварилъи кколеб букIун буго. КватIичIого вабаъ унтиги тIибитIун буго. Гье­динлъидал шагьас аскар цогидаб бакIалде гочинабун буго.

   Дагь-дагьккун гьезул иш битIа- бишун ине байбихьун, Табасараналда тIад кверщел гьабизе лъугьун буго. Россиялъ жиндирго аскарал Гъизля­ралде аскIоре ритIун рукIинги лъан, Надирил хIукму ккола, лъарагIалги жалго тун, магIарухъе сапар бухьине.

    Гьелде щвезегIан резидент Ка­лушкиница чанцIулго бичIчIизабун букIуна шагьасда Дагъистаналде рагъгун ин гIададисеб жо бугилан. Амма шагьас гIин тIамуларо.

   Гьедин магIарухъ гьезде балагь рещтIинабунин хъвалеб буго Лок­картица. 6000 чи вугеб шагьасул къокъа нахъе къанила, магIарулаз жидер гIезегIан чи гъурун хадуб. Гьелда ццим бахъарав Надирица буюрухъ кьун буго чанго офицер чIвазе.

    Шагьас Авария тола октябрь моцIалъ.

   Хасел тIамизе лъарагIлъиялда чIола гьев. Гьениб ккола кутакал­да вахIшияб лъугьа-бахъин. Дагъ­истаналде вачIиналдего, Ираналда рохьосан унаго, лъицаяли речIчIун бачIараб жоялъ килищ лъукъула Надир-шагьасул. Гьелдаса нахъе ургъула гьев гьелда тIад. Ахирги жиндирго васасда щаклъула. Амма вас мукIурлъуларо кигIан инсуца гIакъуба кьуниги. МукIурлъичIониги, шагь божула чияр мацIазда. Гьедин­лъидал буюрухъ кьола васасе тамихI гьабизе – гьев бецц гьавизе. Бицуна гьелдаса хадуб лъабго къоялъ чади­ралъуса къватIиве ваккичIила шагь. Цинги гьес васасда бичIчIизабулеб букIуна жинца гьедин гьабиялъе гIилла. Амма васас гьесие жаваб кьо­ла жив гурин дуца бецц гьавураб, тIолабго Персия гьабунилан.

   Хадуб якъинлъула вас гIайибияв вукIинчIолъи.

     Гьелдаса хадубги гIодове вичча­ларо Надир-шагь. 1742 соналъул но­ябралда цIороца бацараб Терекалда тIасан Гъизляралде уна гьев кидаяли­го Персиялда гъорлъ рукIарал ракьал нахъе тIалаб гьаризе. Амма гьеб ме­халда Россиялъ щула гьарун рукIуна севералдехун ругел гIорхъаби.

 

Зульфия ХIАЖИЕВА