Умумузухъа ирсалъе щвараб махщел

    Бицине мустахIикъаб буго бежтIадерил хьухьариялъул ва рукъариялъул махщалил хIакъалъулъ. Маданияталъул идараялда (Центр традиционной культуры народов России) гIуцIун буго гьелъул бечелъи рагьулеб хасаб рукъ. БитIахъе пана гьаруна ниж батIи-батIиял соназ бежтIадерил руччабазул кверзукьан арал асарал рихьидал. Жакъа гьеб рукъалъул тIалаб гьабулеб буго Назипат ГIабдурашидовалъ. Гьей ккола гIицIго бежтIадерие хасиятаб хьухьариялъул ва рукъариялъул устар. Жиндирго махщалил балъголъабазул хIакъалъулъ бицунаго, Назипатица нижее рагьана бежтIадерил цебесеб гIумру бихьизабулел тарихалъул тIанчал.

ЦО ХЬИТАЛ ХЬУХЬИНЕ АНЛЪГО МОЦI БАЛА

    Гьениб щибаб тIагIел-алат бугоан кIудияб захIмат бихьун гьабураб, чара гьечIого къавулъ хIалтIизабизе хIажатаб. Щулалъи ва цIакълъи гуребги, гIажаибаб, жидерго мугIрузул, гьенир рижарал тIугьдузул, гIедегIун рачIунел лъаразул гугьарги лъун бугоан гьез щибаб тIагIел-алаталъулъ. Республикаялъулал выставкабаздаги конкурсаздаги гIахьаллъула бежтIадерил халкъияб махщалил тIагIелалгун Назипат.

  ТIолабго магIарул халкъалъго гIадин, бежтIасезги гIасрабаз аслияб къагIидаялъ гIи-боцIудалъун, хур-хералдалъун магIишат гьабулаан. РукIа-рахъиналъулъги хIалтIулъги санагIатаб, хасало квачцIороялдасаги, риидал гьури-бакъалдасаги цIунулеб ретIел-хьит букIун буго гьезул.

   БежтIадерил хьитазул ва щватабазул буго чанго батIияб тайпа. ГьаькIаь абулел хьитал хьухьине бащдаб лъагIелниги балин бицана Назипатица. Къо бихьун гьарурал гьединал хьиталги бокьаразе ретIине щолел жал рукIинчIо. Росасе унел ясазе, бахIаразе кьолаан гьел аслияб къагIидаялда. Жакъа къоялдаги гьел ричун росизе ккани 15 азарго гъурщидаса учуз рукIунаро. Бихьиназулги руго гьаькIаь хьитал. Гьелги дагьал батIиял, расеназ гIемер къачIачIел рукIуна. Гьел хьухьунеб къагIидаги бихьизабуна Назипатица нижеда. ГьаькIаь хьитал хьухьине бажарулел руччаби БежтIа гIемер хутIун гьечIин бицунаго, гьелъ ракIалде щвезабуна умумузул цебесеб яшав:

    «БежтIадерил руччаби хьухьарулаан къаси сордо бащалъизегIанги, радал хъахIлъи рехилалде хурире ва кулабазде унаан. Я хасало, я риидал хIалтIичIого гIадада заман биччалароан. Ясал рукъалде руссиналде яги гьез лъимал гьарилелде кIудиял улбуз гьезие хьухьун ва рукъун гьарулаан таргьаби, кинидал къайи, щватаби ва цоги хIажатабщинаб. БахIаралъе якьадалъ сайгъат гьабулаан гIомоги хьухьариялъул цогидаб алатги жаниб лъун берцин гьабун къачIараб таргьа. Ячун кIиабилеб къоялъ бахIаралъ хьухьаризе ва юкъаризе бугеб махщел бихьизабизе кколаан. ГIолохъанаб рицIцIигъотIол гIаркьалабазул хьухьун гьабулаан гIисинал лъималазе кини. Магъилъе, колотIе унелъул ва хIалтIи гьабулелъул лъимер жаниб лъун рачлил къвалги бан баччизе бигьаяб кини букIана гьеб. Лъабго моцI базегIан гьениб жаниб хIебтIулаан лъимер. Лъимада гIетI баларедухъ ва гьелъул чорхое рахIат букIинедухъ кинида жаниб лъолаан хIотол гьабураб гьитIинаб ургу. Къаданиб лъолаан анлъго гъаталъул буртинаялъул гьабураб къандалъо. ТIадги балаан жаниб буртинаги лъун тIаса хIеренаб ххам ккураб юргъан. Буртина белъине релъеналги жидецаго гьарулаан яги Гуржиялъа росулаан. Жаниб лъураб лъимер бортиларедухъ щулаго бухьун букIунаан хьвацIил чIалаз».

 

ХIАЛТIУЛЪ САНАГIАТАБ БУКIАНА РЕТIЕЛ

 

   Нижер бер тIаде цIана руччабазул гурдиде ва гIарцуца берцин къачIараб цебебухьгун рачлиде. Гурдида тIаса ретIунеб цебебухьги берцинлъиялъе гурин букIарабин бицана Назипатица. Цебебухьалъул аслияб масъала букIанила – гьелдалъун чIужугIаданалъул лугби бихьиназул бердаса рахчи. Гьуриквачалдаса цIуниялъе сабаблъунги букIунаанила гьеб ратIлил къагIида. Цебебухьги бачIого цогIаги чIужугIадан яхъунароанила рокъоса къватIие.

    ТIаса къараб 3,5-4 метр халалъи бугеб рачелалъулги хасаб масъала букIанин бицана Назипатица: «Гьеб рачелалъ каранда яги мугъалда рущунаан лъималги, гьеб хIалтIизабулаан чвантил бакIалдаги. Хьухьарулеб къайиги букIунаан гьениб жаниб лъун. Хурий яги цогидаб бакIалда хIалтIулаго, гьелъ чехьмугъги къалаан, унтиларедухъ.

    Бихьиназулги букIунаан къвалалги къваридаб, тIолалго магIарулазе хасиятаб хъабарча (тIимугъ). Къвалал аслияб къагIидаялда хIалтIизарулаан чвантил бакIалда.

      Цогидаб миллияб ратIлида гъорлъ бан бугоан 100 сон бараб, сугъуралъул гьабураб руччабазул гурдеги. Цебе заманалъ гьединал рукIунаан бежтIадерил ресукъал руччабазул гурдал. БахIаралъе гьарулаан кьеркьер батIиял, гIарцуца къачIарал гурдал. Гьединан къачIарал гурдал гьаризе кватIун байбихьана».

 

ГУРЖИЯЛЪ РУГЬУНЛЪАНА

      Руччабазул гурдазе цIияб гугьар бачIинабурав чилъун ккола Назипатил кIудияв эмен ХIажимухIамадов МухIамад. Вабаъ унтиялъ эбел-эменги хун, лъимерлъудаго бесдаллъун хутIана гьев. ГьитIинаб къоялдаса нахъего вехьлъи гьабуна. Гьебго заманалда бежтIадерие хасиятал махщелазеги ругьунлъулев вукIана. Бищунго ракI тIаде цIалеблъун букIана квералъ цIулал тIагIелал хIадури. Гьес гьабураб кванил нигIматазе хIалтIизабулеб тIагIел букIунаан гIажаибго мухIканаб, цогидаздаса батIабахъизе лъалеб.

     ГIолохъанаб гIужалда, цогидал кьерилалго гIадин, МухIамадги Гуржиялъе хIалтIизе ана. Цо нухалда, хIалтIудаса свакан сордо балеб бакIалде унаго, гьесда цоязул гордухъан рихьана рукъарулел гIадамал. Рукъарулел машинабазда нахъаги кIусун, ретIел букъулел гIадамазухъги валагьун, гьев паналъун хутIана. Гьаб махщел дицаги лъазабизе ккелин абун ракIалде ккана МухIамадида. ХIалтIудаса регIанщинахъе щолаан гьев рукъарухъабазда аскIове.

    Ахирги гьес гьезда гьарана лъутIулеб къагIида, куц (выкройка) жиндие кьеян. КватIичIого гьес, букъарулеб машинаги босун, жинцаго букъана ретIел. Бичун ретIел босизе я тукен гуреб, я базар гуреб заманалда гьеб букIана цIакъ хIажатаб махщел. Гьес Гуржиялъа бачIараб печьги бихьун, росуцоязги гьелдаса пайда босизе байбихьана.

    КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьидал, ХIажимухIамадовги, цогидалго гIадин, рагъде ахIун вукIана. Гьев вукъарухъан вукIин лъайдал, военкоматалъ рагъде витIичIо, тылалда гьев цIикIкIун хIажат вугинги абун.

   МухIамадица бежтIадерил руччабазул гурдал жеги мухIканго къачIана, батIи-батIияб тайпаялъул тIадеги ургъана. Жиндирго ясаздаги малъана гьес рукъаризе. МухIамадил яс РабигIат лъикIай юкъарухъанлъун яхъана. Гьелъ цIиял расенал ургъулаан, бахIаразе ва хьухьарухъабазе кьер-кьер батIиял сумкаби рукъулаан. РабигIатил кIудияй яс Назипат ГIабдурашидовалъ босана кIудияв инсуца ирсалъе тараб махщелги. ЛъутIариялъул ва рукъарилъул курсаздаги цIалун, жиндирго махщелги камил гьабуна гьелъ. РабигIатилги Назипатилги хIалтIаби ритIула республикаялъулал выставкабазде, конкурсазде. Гьез гьабураб къайи буго Санкт-Петербургалъул пачалихъияб Эрмитажалъул изобразительнияб ва декоративиябгун прикладнияб музеялдаги.

С. МУХIАМАДОВА