Дагъистаналдаги гьабулаан кагъат

 

      Москваялда, пачалихъияб библиотекаялда, щуабилеб нухалда тIобитIана реставраторазул халкъазда гьоркьосеб конференция. Гьелда гIахьаллъиги гьабула библиотекабазул, архивазул хIалтIухъабаз ва тарихчагIаз. Дагъистаналдаса гьеб конференциялда гIахьаллъана РАНалъул ДФИЦалъул гIелмияй хIалтIухъан Заира Ибрагьимова. Гьелъ гьениб бицана XVII-XVIII гIасрабазда Дагъистаналда кагъат гьабулеб букIараб къагIидаялъул хIакъалъулъ.

     Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.

     — Заира, кина-кинал росабалъ кагъат гьабулеб букIарабали лъалеб жо бугищ тарихчагIазда?

     — ГьечIо. Амма тарихчагIазул кIудияб гIелалъул чагIи ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадилги ГIа­ мирхан ГIисаевасулги руго кагъат гьабулеб лъамалъи жанибе тIолеб букIараб рамка жидеда      

    Игьали росдал мажгиталъул тIохда бихьанин хъварал макъалаби. Игьелдерилгун бухьен гьабидал лъана, мажгиталъуб ремонт гьабулеб мехалда гьеб рамка, кьищни гIадин, гIодобе рехун букIин.

      КIудияб къадаралда кагъат гьабулел бакIал рукIун ратуларо нилъехъ. Гуребани, гьелъул хIакъалъулъ гьа- рурал хъвай-хъвагIаял рукIине кколаан. ГIемераб кагъат пуланаб бакIалда гьабулебги букIун, росабалъа росабалъе, шагьаразде баччулеб букIанин хъварал бакIалги ратичIо архивазда. Жалго тIахьал хъварал бакIал рихьизарун рукIуна мужалатазда (пуланав чияс кинабалиго росулъ гьадинаб заманалда хъварабилан). Гьединлъидал жидеего цо тIехь ба­хъизе къваригIарабгIанасеб кагъатги гьабун, толеб букIараб къагIидаха гIадамаз гьеб.

     Советияб заманалда гьелъул хIакъалъулъ цIех-рехал гьарулел гIалимзабиги рукIинчIого, ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадицаги ГIамирхан ГIисаевасги кIвар кьечIого тун батила гьеб. Гьелъул интерес букIарабани, гьез доб рамка нахъе босилароанищха. Амри ШихсагIидовасги цогидазги кидаго абулаан гьаб бугила Дагъистаналда гьабураб кагъат, амма гьелда хурхун тIаде батIияб-тIокIаб жо бицунароан. Гьелда тIад хIалтIи гьабулев чи вукIинчIогоха.

     Нилъер гIадамазул гIадат букIинчIо пуланаб ишалда хурхун хъвай-хъвагIаял гьарулеб. Масала, кигIан берцинал туртал умумуз рессулел рукIарал. Амма гьел ки- наб кунал рессулел рукIаралали, релъине ккани, щиб хIалтIизабулеб букIарабали хъвараб бакI гьечIо. Цогидал регионазда руго гьединал хъвай-хъвагIаял.

     — КъватIиса бачIарабгIан щвалде щварабги букIун батиларо нилъер кагъат.

     — БукIинищха, нилъ гьеб рахъалъ цIакъго нахъе ккун рукIана. Дица гIемер дандеккуна нилъерабги къватIиса бачIарабги кагъат. ГIарабалъа, Персалъа, Туркалъа, гьединго ГIурусалъа, Европаялдаса кагъат буго дурусаб, хасал ишараби тIад ругеб, гвангъараб, хъахIаб кьералъул. Гьезул цо-цоялда гъорлъ чиллайгицин батула. Кагъат лъугьунеб лъамалъиги гьез гIисинаб маххул сеткаялда тIаде тIолеб букIун буго.

    Нилъер кагъат буго бакI-бакIал­даса биццатаб яги тIеренаб, гараха-раб, гIадатаб. Канлъуде ккуни, цIакъ лъикI бихьула гьелъул батIалъи.

     Кьерги сурмалъиялде сверараб бу­го. Гьединго дида ккола нилъераз гьеб кагъат, ххамида (исхъалиялда) гьоркьобги лъун, данде къалеб букIун батилилан. Гьелда тIад расал гIадал жал рихьула гьанжеги. Цо-цо тIахьазда тIанчалги батIа-батIайиса седон ратана – цокIалго гурел, цояб гьитIинаб, цогидаб кIудияб тIамачги тIатIала лъун. Кагъат гьабулеб лъамалъи жанибе тIолеб халипалда бараб жо батила гьеб.

      — Нилъер мадугьалихъ ругез гьабулеб букIанадай кагъат?

     — БукIинчIо. Гуржияз, масала, бакъбаккул рахъалъул улкабаздаса бачIараб кагъат хIалтIизабулаан. Хадуб гьез Турциялдаса босизе байбихьана. Европаялдаса баччулеб, Ираналдаги машгьураб кагъат букIана гьеб. Россиялда кагъат гьабизе байбихьидал, гьенисаги босулаан гуржияз. Эрмениязги гьединго гьабулаан.

     Гуржиязул архивазда ратарал баяназда рекъон, добаса-гьаниса босараб кагъат хадубккун жидеего бокьараб куцалда къачIалеб букIун буго гьез – батIи-батIияб лъамалъиялда гъорлъ лъун, полировка гьабун.

    Хас гьабун XVII гIасруялда нилъер гьаниб кагъат гьаби машгьурлъун батула мадрасаби, мажгитал разе байбихьиялъ, къватIиса бачIунеб кагъат дагьлъиялъ. XVII гIасруялъул байбихьуда Дагъистаналда гIезегIан росаби лъугьун рукIана лъай кьеялъул тIубарал централлъун. Нилъецаго кагъат гьабизегIанги Дагъистаналде гьеб, аслияб куцалда, Ираналдасан бачIунаан. Амма XVI гIасруялда Россиялдасан Европаялъул кагъат баччизе лъугьана, щайгурелъул Ираналда гьеб мехалда рагъги байбихьун, кагъат гьаби чIезе тун букIиндал. XVII-XVIII гIасрабаздаги язихъаб хIал букIана гьезул экономикая­ лъул. Гьединлъидал нилъер базаргаби кагътида хадур Волга гIурухъан унаан Россиялде. Амма гьез гьеб бачIунаан цIакъго мукъсанаб къадаралда. Гьединлъидал къватIиса бач- чиялдасаги, кагъат жидецаго гьабуни, учузго чIезе букIиналде кантIана дагъистаниял. Гьелъие гIоло лъелъги габаниги хIалтIизабулеб букIанин абураб пикру ккана дир.   Цо-цо улкабазда басрияб ретIел-куналъул лъугьараб магъакь-кIачарги хIал­ тIизабулеб букIун буго (гьабаз ххенон, гIисин гьабураб гьеб белъаризабулеб букIун буго – ред.). Амма Дагъистаналда доб мехалда кагъат гьабизе гIурабгIанасеб ретIел-кун букIинчIо.

     Гьединго, кагъат гьабулеб лъамалъи лъугьинегIан нилъер умумуз лъелъ яги габани гIисин гьабулеб, хIадурулеб букIараб куцалъул хъвараб бакI гьечIо. Амма дида ккола кун гьабизе рессарухъабаз габани къачIалеб букIараб къагIида кагъат гьабиялъеги данде кколаанин.

     Этнографаз гьелъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго. Рессарухъабаз сум яги хьопал-жалги тIаде рехун, цо гвандиниб анкьица бакъвазабулеб букIун буго габанидул гIурччинаб рохти. Цинги гIурухъа лъим биччалеб букIун буго гьелда тIаде. 10-15 къоялдаса гьелдаса тIеренал рихьал рахъун рачIинегIан толеб букIун буго. ХIеккараб габани тIохда бакъвазабун, цинги хIохьода тIад бухулеб, яги зурулеб, кIвекIулеб букIун буго.

    — КидалъагIандай нилъер умумуз кагъат гьабулеб букIараб?

     — XVIII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда гьарурал тIахьазда гьоркьоб къанагIат гурони дандчIвалеб гьечIо нилъер кагъат. XIX гIасруялда рахъарал тIахьазулъ абуни дида гьеб тIубанго халлъичIо. Гьелдаса хадуб Россиялда кагъатги учузлъун, гьениса баччизе байбихьун батула.

    — Дуца бицана Дагъистаналъул кагътил физикаялъулгун химиялъул анализ гьабун гьечIилан…

    — Нилъер гьаниб гьеб гьабуларо. Судмедэкспертизаялдегицин ун йикIана дун гьелъул хIакъалъулъ бицун. Амма гьанир ругел шартIазда рекъон жидехъа гьеб бажарула- рин жаваб кьуна гьенибги. Щибаб жоялъул жиндирго хаслъи букIунарищха. ТалихIалъ, Москваялда дир лъай-хъвай ккана гьединал анализал гьарулел чагIазулгун. Гьезул кумекалде хьул буго.

     Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.