Огь, кIудияв имам, дур наслабаца…

 

    Имам Шамил накълулъаралдаса исана тIубала 150 сон. БакъигIалъул хабалалъ аварагасул инсул вац ГIабасида аскIоб ахирисеб руссен батарав Кавказалъул лъабабилев имамас гьаб дунялалъулгун къо-лъикI гьабуралдаса ана гьебгощинаб мех. Чанги лъим чвахана ГIанди ва Авар гIоразухъан гIодобе. ГIемерал лъугьа-бахъинал ккана гьеб 150 соналда жанир магIарухъги. ГIезегIан тIадчагIи хисана, чIвана, ана, лъугIана. Гьезул гIемерисезул лъалкI билана, къисмат кIочана. Амма кIочене рес гьечIо ма­ гIарулазда АхIулгохIги, Гъунибги, КIудияв имамас гъазаваталъе гъеж гурун, чодул кьолониб тIамураб къоло щуго сонги. КIочене рес гьечIо гьаб ракьалда унго-унгояб бахIарчилъиги, къо хIехьейги, магIаруласул кьуригIан щулияб яхIги, къвакIараб хасиятги. КIочене рес гьечIо магIарулазда нилъерго миллияб тарих. Гьелъул щибаб хIарп бидулъ къаламги ччун хъвараб бугелъул. КIудияв имам хваралдаса 150 сон тIубаялда хурхун гIезегIан тадбирал тIоритIизе руго исана. Гьезие байбихьи лъураб кIудияб сапар гьабуна араб шамат къоялъ, гъазаваталъул рагъул кьогIлъи бихьарал ва гьениб гIахьаллъи гьабурал магIарул росабалъе магIарулазул Миллиябгун маданияб автономиялъул, «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъул ва халкъазда гьоркьосеб Шамилил фонда­лъул хIаракатчагIаз.

 

 

     КIиго имамасул ватIан

 

     СапарчагIаз тIоцебесеб рещтIен гьабуна имамасул инсул росулъ — Генуб. Гьеб букIана кьерхараб хасалил къо. Гендерил къварилъухъе ниж щведал, гьенир ратана «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Гъайирбег ГIалиевги, ДНЦялъул гIелмияв хIалтIухъан Гьарадерихъа МухIамад МухIамадовги, жеги чанго чиги.

   Генуб росу кIалтIа эхетарал аскарияз жанире риччазегIан, цоцада хадуб читIир гьабун чIарал машинабазул рехьедги букIана.

    МагIарухъе унаго, машинаялъул гордухъан бихьун гурони, Генуве жеги щун вукIинчIо дун. ГIадатияб гIумру батана имамасул ватIаналда. ГIадамазул яшавалъ берцин гьабураб, гIиязул гъадиги боцIул гIерг1едиги жаниса рагIулеб, гьединго рогIрахъан чвахулеб лъел сасги чIвана гIинда.

Росдал гьетIа-кIичIарал къватIахъан гьаругьинан гендерил хабзалахъе къокъана ниж. Дагъистаналъул тIоцевесев имам ГъазимухIамадил зияраталде щварабго рекIее батIияб асар гьабуна.

    ЦIидасан, нахъеги пикрабаз тIад ханлъи гьабуна: 1829 соналъул сентябрь, гендерил къварилъи; Аллагьас хъван батани, нилъ Алжаналъур дандчIвалинги абун, кIиябго хъатикь хвалченгун хучдузде тIаде кIанцIун арав бахIарчияв имам. Гьесда хадур цо-цоккун кIанцIун ун, шагьидлъарал гъазизаби. Гьениса хвечIого ворчIун, хадув 25 соналъ магIарулалги чачаналги данде гьарун, гъазаваталъе гъеж гурарав Шамил.

   Хадуб букIана АхIулгохI, гурхIел гьечIеб кIудияб дандечIей, хъизанхъизаналгун цадахъ гохIда шагьидлъарал муридзаби. КъотIун гьечIо жеги кьурабалъ гьезул дандерижи, Аллагь цо вугилан ахIулеб, зобалазде рагIараб гьезул зикрудал гьаракь.

Гьединал пикрабигун лъугьана дун имамасул зияраталде. Гьенив аскIовго вукъун вуго Шамилил эмен Денгал МухIамадги. Хабада дугIа-алхIамги гьабун, къо-лъикI гьабуна кIиго имамасул росдалгун.

 

     Устарасул ва шагIирасул ватIаналда

 

 

   Хадусеб сапар нижер букIана ТIад Инхо росулъе. Гъоркьа Инхо тIобитIараб росдал магIишаталъул кIудияб ярмаркаялде щварал чагIи сверана ниж гьениреги. Лъиданиги релълъинчIеб гIажаибаб хатIалъул шагIир ва гIалимчи, адабияталъул классик Инхоса ГIалихIажиясул ва тIарикъаталъул устар ГIабдулхIамид-афандиясул ватIан Инхоре ниж щвана къалъудаса хадур.

Росулъ кирниги лъалхъизе заман гIемер букIинчIелъул, устарасул хабаде зиярат гьабуна бачIинахъего. ГIабдулхIамид-афандиясул хабада берцинаб гьаракьалъ дугIа-алхIам гьабуна нижер сапарцояв Сасикьа МухIамадица. КIочон толареб асар гьабуна КIудиясул хIакъалъулъ рагIарал ракIалдещвеяз. Устарзабазулги устар, къутIбу СагIид-афандиясулги тIоцевесев устар вукIана ГIабдулхIамид-афанди. Гьединго гьев ккола республикаялъул муфти, тIарикъаталъул устар АхIмад-хIажи афандиясул кIудияв эменги. ГIажаибго гIодобе биччараб хасияталъул, берцинаб иманалъул гIалим. Нус-нус чи битIараб нухде тIоритIарав исламалъул цевехъан. Исламалъ берцин гьавула чи. Устарзабазул баракат нилъее киназегоги камугеги.

 

      Гъоркьа — гьалдолеб гIор, тIадехун — гIумру

 

 

    Сагъри кьодухъе щваралго, цIидасан пикрабаз XIX гIасруялде вачана. АхIулгохIда рагъ байбихьилалде цебе, 1839 соналъул авалалда, гьенибги ккана кутакаб рагъ. Нусил бетIер, Хунзахъа Хириясул ГIалибегил бетIерлъиялда гъоркь пачаясул аскаразда дандечIей гьабуна магIарулаз. Амма къуват бащадаб гьечIолъиялъ гьел нахъе къазе ккана. Гьелъул хIакъалъулъ гIатIидго хъван буго гьунар бугев магIарулазул шагIир ва публицист МухIамад ХIамзаевасул «Имам Шамил» абураб тIехьалда.

   КIудиял тарихиял лъугьа-бахъиназул нугIлъун кколеб Сагъри кьодухъе щведал, пикрабаз цо хIалалда толаро инсан. ГIемераб жоялде кантIизавула гьелъ чи. Аралъул хIисабги гьабизе, умумузул бахIарчияб къисматалда цебе бетIер къулизе, гьезул къимат гьабизе ккеялъул асар лъугьуна рекIелъе. Гъоркьа гьалдолеб ГIанди гIурул гучаб гьаракьалъги кутакаб асар гьабула щивав чиясе. Гьаниб хъван гьеб кинабго ургьибе унаро, гьениреги щун сихIкъотIун гIенеккичIого…

 

 

     Амма асирлъуде унге щивго чи…

 

 

    Сагъри кьоги нахъа тун, АхIулгохIда цере лъалхъана ниж. ГохIда тIаде балагьараб борхалъиялда гIешдерил росдада гъоркьа бугеб мемориалияб комплексалде цере ракIарана киналго. Комплексалда аскIобго цун бугеб музеялъул директор, ГIашилтIаса СултIанмухIамад ГIалиевас бицунеб букIана машгьураб гохIда ккарал чIахIиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ. 1839 соналъул роол моцIаз, гьалулеб бакъуда гъоркь 80 къоялъ магIарулаз гьабураб тарихияб дандечIеялъул хIакъалъулъ бицунеб букIана гьес гьалбадерие. Бицунеб букIана сабураб, берцинаб мацIалда, щибаб рагIи рекIел тIиналде бортуледухъ, махщалида. Цебеккун чанго нухалда рагIун букIаниги, цIидасанги хIухьел ккун гIенеккана дун АхIулгохIалъул тарихалъухъ. Щайгурелъул гьелъул бицен киданиги чIамучIлъизе рес гьечIелъул.

АхIулгохIил гьитIинлъи,

 Гьаб халкъалъул къвакIунчIей,

 Кьалда муридзабазул

 Имамасе мутIигIлъи.

 

Дов Шамилил гIадиллъи,

ГIадлуялъул ритIухълъи,

Лъимер баччун лъадицин

 ЧIола гуллида цее.

    Цоги нухалъ кIвар кьун хал гьабун бихье гьал рагIабазухъ! Хахулел лъималги цадахъ рачун гохIде рахарал руччаби. Шагьидлъун, рос ракьалде щапидал, гьесухъа бортараб хвалченги борхун, тушманасде тIаде гъалбацIаллъун кIанцIарал магIарул руччаби. Тушбабицин хIайранлъулеб бахIарчилъи бихьизабуна гьез. Лъеберазарго чиясдаса данде гьабураб, яргъидалъун хьезабураб пачаясул аскаралда дандечIей гьабуна лъабазарго чияс. Гьезда гъорлъги, туманкI кьвагьизе, хвалчен хьвагIизе кIолев 1200-гIанасев чи вукIанин бицана СултIанмухIамадица. ХутIарал рукIана руччабиги лъималги.

   АхIулгохIда рагъулаго араб лъабго моцIалъул цояб букIана Рамазан. РухI тIагIунеб чорхое дагьабниги къартI букIине, барсараб чIарил лъабго мугьги чIамулаго, гьужумалъ арал муридзаби. ГохIде тIаде ххарун рачIунел тушбабазул читIир тIезабизе кодоб хвалченги ккун гьезда тIаде кIанцIарал жеги михъида хIур чIвачIел гIолохъаби.

   ЩукIдузда дал-далун хутIараб гъежги хIатIикье ккезабун, тIун гьебги рехун, цIидасан гъазаваталде арав Хунзахъа Хириясул ГIалибег. Щулалъул гохI бахъизе кIоларого ракI свакан, тату хун рукIана пачаясул солдатал. 100 чиясдаса данде гьабураб магIарулазул гьитIинаб къокъа къуркьизабизе кIоларого гIемер къо бихьана гIурусазда. Тату хун букIана гьезул!

   Асирлъуде щивниги унгеян имамас гьабураб амруги рекIелъ цIунун, ГIандигIурулъе кIанцIарай Шамилил яц. Хахулеб лъимерги къвалакь ккун, анцIго бихьинчиясда данде ягъарай Шамилил лъади Жавгьарат. АхIулгохIалъул бахIарчияб тарихалъул наслабаз жеги гIемер бицине буго…     

     КIудияв имам хваралдаса 150 сон тIубаялда хурхун гьаризе хIисабалде росарал гIемерал тадбирал ругин исанаян бицана, гьеб сапаралъул гIуцIарухъан, «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Гъайирбег ГIабдулаевас.

     Цебесеб къоялъ гьев ун вукIана Моздокалде, Шамилил лъади (гьесие Ахъбердил МухIамадица хъамизегIан гьей йикIана Анна) ШугIайнатил ватIаналда гьей ракIалде щвезайизе мемориалияб хъарщи рагьизе къотIи-къаял гьаризе. Гьединго имам Шамилил цIаралда бугеб Северияб Кавказалъул гуманитарияб колледжалдаги мавлид гьабизеги ракIалда букIиналъул хIакъалъулъ бицана Гъайирбегица.

Вилълъа мун ГIашилтIе,

               щва АхIулгохIде –

 Щибаб гохIда дуда

               ватила Шамил,

Сордо рогьа дуца

               гIешдерил росулъ –

Мун гъазаваталде

              жанив лъугьина.

МагIарулазул гьунар бугев шагIир, ХIажи Гъазимирзоевасул гьал рагIаби рагIичIев чи къанагIатги ватиларо. АхIулгохIда букIараб рагъулъ шагьидлъун тIубараб росуго чIван лъугIанин абизе бегьула гIешдерил. Рагъ байбихьилалде кIиго соналъ цебе, 1837 соналъ ГIашилтIа росуго гочун буго Нух гьеч1еб гохIде, гьелда гьединго абула Басрияб АхIулгохIиланги. 1839 соналъ Имам рагъде хIадуризе гохIде вахъиндал гьел киналго цадахъ гочана гьенире, Аслияб АхIулгохIде. Рагъ лъугIун хадуб нахъе хутIун буго гIицIго анкьго хъизам. Доб мехалъ гьениб нахъе хутIун буго гIицIго анкьго хъизам. Гьезул гIураб наслу буго жакъа росулъ. Ниж дандчIвана гьезул цояв, Дарбишиласул тухумалъул вакилгун. Жакъа гьесул наслуялъул вас МухIамад вуго росдал имам.

Имам Шамилил эбел Бахумеседо жаний йикIараб мина нижеда бихьизабизе машинаялда рекIун, нижеда цадахъ вилълъана гьевги гьенисаго Аминов ГIусманги. Дореги нахъеялъурги чанги интересал, тарихиял баянал гьурщана гьез нижее. Бицана АхIулгохIда вагъулеб мехалъ 14 сон гурони букIинчIев ГIашилтIаса КъурбангIалил хIакъалъулъ. Гьесул нахъа кIудияв гIалмичи вахъине вукIин лъалев вукIарав имамас гьев гIумруялъе хIинкъи бугеб бакIалде виччалароан. АхIулгохIалда рагъ лъугIун хадув КъурбангIали имамасде цадахъ Чачаналде ана. Чачаналъан тIадвуссун Шамилица гьев ГIашилтIе витIана гIелму цIализе. Нахъа гьесул вахъана бергьарав гIалимчи. Гьесул хабадеги щвана гьеб къоялъ.

Шамилил эбел Бахумеседол минаялъул чIвадналги риххизарун, цIиял къадал эхетизарулел руго гьенир гьабсагIат. ГамачIги гьебго хIалтIизабулеб буго.

Гьединго щвана имамасул заманалда тункIихер гьабизе хIалтIизабулеб букIараб хъахIаб ганчIихъеги. ГIешдерил годекIаниб буго гьеб гамачI жакъа къоялъги. Гьеб киналъго бергьун кIудияб асар гьабуна нижее. ГIажаибго рекIее гIуна ГIашилтIа росуги гьелъул гIадамалги. Ниж рокъоре къабул гьарурав СултIанмухIамадги ватана унго-унгояб магIаруласе хасиятаб умумузулго букIараб тIабигIат гъорлъ бессарав инсан. Ниж кванан рахъинегIанги гIодов чIечIого, батIи-батIияб тIагIам нижее баччулев чIечIо гьев. Разиго къо-лъикI гьабуна дица ГIашилтIа росдалгун. КIудияв имамасул хIакъалъулъ бицен лъугIичIо… МагIарулал чIаго ругебгIан мехалъ гьеб гьоркьоб къотIизеги гьечIо, Ин ша Аллагь.

   Ашахан ЮСУПОВ,

Генуб-ТIад Инхо-АхIулгохI-ГIашилтIа-МахIачхъала

 ХАДУРАГIИ 2 февралалда МахIачхъалаялда, имам Шамилил цIар лъураб проспект байбихьулеб бакIалда, тIобитIана гьитIинабго данделъи. КIудияв имам хваралдаса 150 сон тIубаялде хIадур гьабураб баннер чIвана гьениб.