ТIабигIаталъул берцинлъиялъухъ босулеб гIарац

Туристазул сезон байбихьилалде цебе ДРялъул хIукуматалъ лъазабуна пачалихъалъ цIунизе тIаде росарал тIабигIиял памятниказухъ, берцинал бакIазухъ балагьизе рачIунел туристазухъа гIарац босизе кколин абун. 2023 соналъул 20 февралалда республикаялъул хIукуматалъ хIадур гьабураб сияхIалда бихьизабун буго пачалихъалъ цIунизе кколин рихьизарурал тIабигIиял бакIазул ичIгояб. Гьел ккола «ТIасияб Гъуниб», «Хунзахъ», «Ицари», «Къорода» ва «СалтIа» къварилъаби, Ханаг ва Чвахило абулел чвахукьбакIал, МочIохъ хIор ва «Алмахъ» къварилъи. Гьел росабазул гIадамазухъа ва гьел бакIазда хIалтIулезухъа хутIун, хутIаразухъа, ай гьалбадерихъа, рукIа гьел нилъергоял яги къватIиса рачIарал, босизе буго нус-нус гъурущ.

 

 

 

Гьеб лъазабиялъ ахIи-хIур бахъинабуна социалиял гьиназда, разилъи гьечIолъи загьир гьабуна туристал къабул гьаризе хIадурулел ругез.  Лъил чвантинибе унеб яги сундуе хIалтIизабизесеб гIарац гьебилан, суалал руго гьез рорхулел.

 

 

Гьеб суалалда тIасан жиндирго пикру загьир гьабулаго гьадин бицана Хунзахъ районалъул МочIохъ росулъа МухIамадхIабиб Халилбеговас:

 

— Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда, ТIабигIат цIуниялъул ва экологиялъул министерствоялда, тIобитIана данделъи. Гьенире ахIун рукIана туристазухъа нус-нус гъурущ бакIаризе бихьизабурал тIабигIиял памятникал ругел росабазул бегавулзаби, гьезул заместителал ва цогидалги. Амма гIемерисез гьеб суал къабул гьабун гьечIо. Масала, нижер росдал бегавул Мирзоев АхIмадица чIванкъотIун цIехон буго сундухъ гьеб гIарац бакIарулеб бугебилан.  

Нижер росдал гIадамаз, цо гъурущцин хIукуматалдаса тIалабги гьабичIого, гIуцIун руго туристазе шартIал — кьищни балел къалал, чIезабун буго гьеб баччизе хасаб машина. Бачун буго лъим, ток. Бан буго какал разе бакI, туалетал ва хадурккунги гьел шартIал дагьалги лъикIлъизариялда тIад хIалтIулелги руго. МочIохъ хIор гьеб идараялда ракIалде щвана гIицIго гьенире, нижер квербакъиялдалъун, туристал рачIине лъугьараб мехалда. Киб букIараб министерство гьениб форель ччугIа тIубанго хвезабураб мехалъ, хIор жаниб херги бижун хьуцIиде буссиндал?

Гьеб киналъулго ургъел гьабуна нижецаго. Нижерго къуваталдалъун биччана хIоринибе сазань, толстолобик, хъахIаб амур. ХIор лъугьаралдаса нахъе нижер росдал цIалдохъабаз ихдалги хаслихъеги бакIарана хIор сверухъа рищни-къул. Ниж разиял гьечIо нижехъе рачIунел гьалбадерихъа гIарац бакIаризе. Гьеб буго нижер умумузул ракь. ХIоралда гъоркье ана 2000 гектар ракьалъул. Гьелдаго гъорлъ 15-20 гектар пихъ кьолел ахазулги. Амма хIукуматалдаса нижее цо гъурущ рецIелалъул щвечIо.

Цо-цо информациялъулал алатазда хъвалеб буго 2022 соналъул сентябралда РФялъул Пачалихъалъул Думаялъ гьоркьоб лъун букIараб бакIалъулал идарабаз щивав туристасухъа нус-нус гъурущ бакIаризе ихтияр кьолин абураб законалъул проект нахъчIван бугилан. Гьелъул мухIканлъи дагьаб нахъа лъазе буго.  

 

 

Щвараб гIарац гьеб бакIалдаго харж гьабила

 

 

 

Туристазухъа бакIаризесеб гIарац сундуе харж гьабизе бугеб, лъил чвантинибе гьеб ине бугебали лъазелъун, нижеца бухьен ккуна ДРялъул ТIабигIат цIуниялъул ва экологиялъул министерствоялъулгун. 

 

 

— Гьеб гIарац босизе бихьизабурал бакIазда лъезе руго кассалъулал аппаратал. Гьезул жаваб кьезе буго пачалихъалъ цIунизе тIаде росарал тIабигIиял памятниказул дирекциялъ (ГБУ). Гьениса щвараб гIарац хIалтIизабизе буго гьел бакIазул сверухълъи къачIаялда тIад, беседкаби, скамейкаби лъезе, ккаралъуб гIурччинлъи, тIегь-хер чIезе. Гьел бакIал сверун къаялъе, канлъи чIезабиялъе, рищни-къул балел бакIал гьаризе, машинаби лъезе санагIалъаби гьариялъе ва гьеб гуребги хIажатабщиналда тIад хвезабизе буго гIарац, — ан бицана рехсараб министерствоялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Разибике ХIажиевалъ.