ХIабибил росуцоял – Диклосмтаялъул тIогьир

 

   30 августалда Силди росулъа анкьго гIолохъанчи вахана ункъ­ азарго метралдаса цIикIкIараб борхалъиялъул, даим цIороца бацараб Диклосмта мугIрул тIогьире.

   Гьел ккола ХIабиб ГIабдулатIипов, АхIмаднаби ГIабдулхIамидов, Му­хIамадрасул АсхIабов, МухIамадгIали Хучбаров, ГIали Хучбаров, Шапи КъурамухIамадов ва АхIмадрасул Камилов. Гьезул бищун гьитIинасул буго 22, бищун кIудиясул — 46 сон.

   Гьел ккола гIадатиял чанахъаби. Диклосмта буго Дагъистаналъулгун Чачан Республикаялъул ва Грузиялъул гIорхъода. Гуржи мацIалда «мта» ккола мегIер, Дикло — Тушетиялъул росдада цIар.

   Диклосмтаялда гIагарлъухъ руго Хушет ва Гьакъо росаби.

   ТIоцебесеб къоялъ силдадерил гIолохъаби ана цIер къараб магIарда гъоркье щвезегIан. Гьениб сордоги бан, лъебе-лъебер кило бугел раччалабиги мугъзада лъун, кодор ккун гъанцIа-тIилалгун хадусеб къоялъул къалъуде гIагарлъулеб мехалда щвана Диклосмтаялъул тIогьире. КвентIехалъе гьез цадахъ босун букIана мохмох, тIех, урба ва цогидаб гьелда релълъараб квен.

   Силди росдал хIурматалда гьев анкьавго гIолохъанчияс гьеб бакIалда ганчIил сиги бана. Силди росдал бегавул МухIамад НурмухIамадовас бицухъе, ахирисеб нухалда гьеб цIорол магIарде гIадамал рахун рукIана 2005 соналда.

   «Гьелги кколаан нижерго, цIума­дисезул гIолохъаби. Гьезул цояв — МухIамад Камиловасул вас АхIмадрасул вукIана гьанже доре рахарал васазда гьоркьов. 16 соналъ цебе гьез доба магIарда тIогьиб бахчун тараб кагъат босун бачIана гьанже силдадерил гIолохъабаз. Гьединабго кагъат жидецагоги бахчун тун буго гьез, хадур аразда батизе.

   Гьединлъидал 16 соналда жаниб къватIиса цониги чиясда кIвечIо гьениве вахине. Амма Москваялдаса, МахIачхъалаялдаса ва цогидал бакIаздаса рачIарал экспедицияз гьеди- нал хIалбихьиял гIезегIан гьаруна. 150 метр хутIараб бакIалде щвезегIанги ун, нахъруссине ккана гьел.

   Гъоркьисаги бокьун букIана гьел гIолохъабазе доре рахине. Амма гьенир гIагарлъухъ чIарал гIорхъаби цIунулез риччачIого, нахъруссун рачIун рукIана гьел. Исана дица гье- зухъе кагъат хъвана гьелъие изну гьарун. ГIицIго спортивияб мурадалъ къватIире рахъарал гIолохъаби рукIин бичIчIизабуна гьезда.

   Гьеб мегIер буго силдадерида дандбитIун. Дове уневщинав чи нижедаги Гьакъо росдадаги аскIосан уна. Гьединлъидал нижеда лъала доре щал арал ва инчIелали», — ян бицана МухIамад НурмухIамадовас.

    Гьел гIолохъабазул рагIабазда рекъон, хIетIе чIолел цо-цо бакIал рукIана тIасан балагьун салуца, ракьуца рацаралин кколел, амма дагьдагьккун гъоркьан биун унеб цIер бугел. Гьедин гIемер рукIун руго биараб цIорода гъоркьан речIчIун яги гирун рачIунел гьарчал, ганчIал. Гьедин цIоролъ гIезегIан кIудикIудиял кьватIалаби лъугьун ратун руго гIолохъабазда. Гьениве жа- ниве вортарав чи хвасар гьавизе бажарунгутIизегицин рес рагIула.

   Диклосмтаялде рахиналде силдадерил гIолохъаби щун руго ГIадалло Шулъгел мегIералде, хIаталдаса ун бегIераб Хъвайни магIарде, гьединго чияс хIетIе чIезе бищунго захIмалъулелин рикIкIунел Дагъистаналъул цогидал рорхалъабазде.

  Гьанжейин абуни гьел хIадурулел руго Эвересталъул тIогьире рахине.

З. ХIАЖИЕВА