24 соналдаса цIидасан бухIана рохь

 

    Пириги речIчIун, 26 июналда цIа ккана Гьонода росдада нахъа бугеб накIкIирохьоб. ЦIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъаби рачIун ва росдал гIадамал гIахьаллъун кигIан жигар бахъаниги, гьеб свинабизе бажаричIо. ГIицIго 7-8 июлалда чвахунцIадал ран хадуб гIодоцана гьеб.

   4 июлалда гьенире рачIун рукIана Гъуниб районалда бугеб, рохьилгун цIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъаби. Амма кьуру бугеб санагIат гьечIеб бакI букIиналъ, жидеда гьениб гьабизе кIолеб жо батичIин бицана гьеб идараялъул нухмалъулев Шамил ГIисаевас.

 

   — 26 июналдаса байбихьун ниж щибаб къоялъ гIадин щвана гьанире. Лъабабилеб къоялдехун нижеда кIун букIана цIа свинабизе. Амма, гIадамазул бер щолареб бакIалда цIадул хIенехI хутIун букIун батила, на- хъеги рекIана цIа. ТIадежоялъе, гьороцаги хIалакинабуна гьеб, — ан бицана гьес.

 

— МЧСалъул гьединаб бакIалде битIулеб техника букIунарищ? ЦIа свинабулеб вертолет республикаялдаго гьечIин, гьеб Ростовалдаса бачIунеб рагIу-лин бицунеб букIана. ГIадамаз гIумру гьабун бугеб бакIалъе хIинкъи бугеб мехалда гурони, гьебги битIулеб рагIуларо. Гьеб уяб жойищ?

   — Вертолет битIула росулъ, гIадамаз гIумру гьабулеб минаялда цIа ккун бугони. Амма вертолет бачIанигицин гьелдаса пайда букIинин кколаро. Щайгурелъул, вертолеталъ гьаваялдаса гIодобе щвараб лъим, гъотIол каралъ квал-квал гьабун, кибего щвезе рес гьечIо. Гьединлъидал чвахунцIад бани, гьелда кIвелаан тIубанго цIа свинабизе. 26 июналда цIа рекIун букIана Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росдада нахъа бугеб накIкIирохьобги. ХIухьбахъиялъе рачIарал туристазул цоясухъа ккун буго гьеб.

 

ПИРИДУЛ ХЕХЛЪИЯЛДА ХЪАМУНА

 

   4 июлалда Гьоноде вачIун вукIана Гъуниб райадминистрациялъул рохьил магIишаталъул управлениялъул нухмалъулев Варис МухIамадовги.

   — Ахираб заманалда цIакъ гIемерал цIаял ккана республикаялъул рохьахъ. Амма тIабигIиял балагьал нилъехъа гьукъун бажаруларелъул, щиб гьабилеб.

  Дарада-Мурадаса ниж гьанире щвелалде, сагIаталда жаниб гьороца хъамун, кIудияб манзилалда тIибитIун батана цIа. Росдал гIадамазги жигар бахъана гьеб свинабизе. Росдал бегавул ХIажиев МухIамадгун цадахъ гIемерав чи вачIана цIа свинабизе.

   Амма нижеца сванилан тун букIараб гьеб нахъеги рекIана, — ян бицана В. МухIамадовас.

— Экологиялъе ккараб заралалъул цIехрех гьабун бугищ? КигIанасеб бутIа бухIун бугеб рохьил?

    — ЦIа рекIун буго цебе росулъе машинадул нух букIараб бакI бахун тIадехун бугеб рохьоб. Гьеб ккола гIага-шагарго 1,6 гектар. Рохьалъеги экологиялъеги ккараб заралалъул цIех-рех хадуб гьабила, гьабсагIаталда гьелде жеги регIун гьечIо.

 

ЧАНИЛ ХIЕТI ХЪВАЛАРЕБ КЬУРУЛ КАРАНДА…

 

    ТIоцебе цIа ккараб къоялдаса байбихьун рохьове хьвадана Гьонода росдал бегавул МухIамад ХIажиев. ЦIа свинабизе кумекалъе рачIарал гIадамаздаса цIакъ разиго вуго гьев.

  — Шамил районалъул Гьолокь росулъа рачIана гIемерал гIадамал, Къородаса рачIана. Районалъул, гьединго республикаялъул цIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъабазул тIоцебесеб къоялъго къогониги чи вачIана. Нижерго росдал гIолохъабаз гьабуна кIудияб чIаголъи.

   Токалъул хIубазда цIа хъвазе биччачIого, аскIор ругел гъутIби къотIизе жигар бахъана гьез. КъогогIанасеб хIуби цIунана гIолохъабаз цIадудаса. Гьел рухIун рукIаралани росу чанго къоялъ токги гьечIого хутIизе букIана, — ян бицана бегавулас.

   — ГIадан тIаде ине хIинкъараб бакIалдаса гIебеде букIана цIа унеб. Жакъа бокьарас бокьараб бицине бегьила, тIадеги балагьун рохь бухIизе тунилан, цIа свинабулеб хъулухъалъул хIалтIухъабазде гIайиб-гъвел гьабулелги камиларо. Гьез жидехъа бажарарабщинаб гьабуна, амма чанил хIетI гурони хъвачIеб кьурулъеги рахун, гьез цIа свинабуларо.

   Гьонодисезул накIкIирохьоб цIа ккун букIана 1997 соналъул 16 апрелалдаги. 24 соналда жаниб саламатго цIилъун букIараб рохь гьале нахъеги бухIана. Амма доб мехалда дандеккун гьаб нухалда ккараб цIа цIакъго кутакаб букIана.

Ашахан ЮСУПОВ