Эльтавалъул рохь – тахшагьаралъул гьуърул

 

  МахIачхъалаялъул мэрас лъазабуна: «Эльтавалъул рохь ккола хас гьабун цIунулеб паркалъулаб ракь (ООПТ)». 2019 соналъул байбихьуда МахIачхъалаялъул мэрлъиялде рищиязда гIахьаллъулев вукIарав Салман Дадаевас аслиял масъалабазда гьоркьоб рехсон букIана, тахшагьаралда гIурччинлъи гIемерлъизабиялъул мурадалда, Эльтавалъул рохь цIигьаби ва гьеб пачалихъалъ цIунулеб ракьлъун лъазаби.

 

  Шагьаралъе нухмалъи гьабизе байбихьарабго, Салман Дадаевас кIвар буссинабуна гьеб масъала- ялде. Судалъул хIукмабазул кумекалдалъун, Эльтавалъул рохьил бутIаби муниципалитеталъул мул­калда гьоркьоре рачун бажара­ на ва гьелъие кьуна «хас гьабун цIунулеб паркалъул ракьин» абураб статус. Гьедин гьабизе кколин бицунеб букIана цебегоялдаса нахъе. Амма хабар гIемерлъун, гьабулеб иш дагьлъун, цебетIолеб жого лъугьинчIо тахшагьаралъул цересел нухмалъулезухъа.

   ЖамгIиятчагIаз чанцIулго ахIи бахъинабун букIана Эльтавалъул рохьалда гIагарлъухъ, тахшагьаралъул парказда сверухъ ва жанир минаби раялда бан. Масала, 2016 соналда хIалбихьун букIана, федералияб проекталда рекъон, «Россия – дир тарих» абураб музей тахшагьаралъул Ленинил Комсомолалъул цIаралда бугеб паркалда базе. Доб заманалда жамгIиятчагIазул хIаракат бергьана ва парк цIунун бажарана. Амма Эльтавалъул рохьил тIалаб гьабулеб идараго букIинчIо ва ахираб лъеберго соналда жаниб республикаялъул аслияб шагьар махIрумлъана рохьил 48 гектаралдаса.

     Эльтавалъул рохьоре хIухьбахъиялъе гIадамал гъираялда хьвадулебги заман букIана. АхIвал-хIал хисизе байбихьана араб гIасруялъул 90-абилел соназда. Дагъистанияз, цIоб тун, къотIана рохь ва рана минаби. Рохьалде иргадулаб гьужум гьабуна 2014 соналда: жагъалал минабахъа гIадамал гочинариялъул мурадалда гьениб бана гIемертIалаяб мина. Шагьаралъулазул гIумру лъикIлъизабизеян гьабураб хIалбихьиялдаса пайда босана хехго бечелъизе бокьарал гIадамазги. Гьересиял документалги гьарун, гьез байбихьана рохьил бутIаби кквезе. ХIинкъи букIана къанагIатаб тIабигIаталъул гIурччинаб гьеб бокIон тIубанго тIагIиналда.

     Журналистаз гIуцIарал цIех-рехаздалъун чIезабуна, рохь цIунулеб бугинги абун, жавабиял идарабаз, гьездаго гьоркьор тахшагьаралъул власталъул гIуцIабазги хIакъикъаталда гьеб рахъалъ кинабгIаги тадбир гьабулеб гьечIолъи. Судалде кьун рукIана пуланаб ракьул бутIаялъул бетIергьан чIезавиялъул хIакъалъулъ гIарзаби, амма шагьаралъул администрациялъул цониги вакил ун гьечIо судалъул данделъиялде. Гьединлъидал судалъги чIезабуна жидехъе хитIаб гьабурав чи гьес бихьизабураб ракьул бетIергьан вугилан.

    Гьединаб ахIвал-хIалалда цебе хIетIе лъезе байбихьана 2019 соналъул авалалда. КIиго лъагIалида жаниб бакIарана 81 ракьул бутIаялъул хIакъалъулъ материал. 30 ракьул бутIаялда бан судалде хитIаб гьабуна ва 22 ракьул бутIаялъул рахъалъ гьабун буго судалъул хIукмуги. Гьединаб хIалтIул хIасилалда 19 миллионгун анлънусазарго гъурщил багьаяб 3,4 гектар ракьул тIад буссинабуна муниципалияб мулкалде. ГьабсагIа­ талда хас гьабун цIунулеб ракьлъун рикIкIуна 22 га. Юристазулги мулкалъулгун ракьул бухьеналъул рахъалъ махщелчагIазулги цадахъаб хIаракаталдалъун шагьаралъе кинабниги тIад буссинабуна 165 га ракьул – гьелъул кадастралъулаб багьа ккола цо миллиард гъурщидасаги цIикIкIун.

    Гьеб рахъалъ хIалтIи жеги гьа- булебги буго. Муниципалитеталъ тIад буссинабураб ракьалда исана гIуцIизе буго хIухьбахъиялъул лъаб­ го ах. Низамги хвезабун, кадаст­ ралъул документал кьун рукIарал ракьалги муниципалитеталъухъе тIад руссинарун, 2020 соналда МахIачхъалаялда базе байбихьана социалияб инфраструктураялъул 15 объект – ичIго лъималазул ахги анлъго школаги. Жеги гьабулеб буго лъималазул ахалгун школал ва поликлиникаби разе ракьал эркен гьариялъул хIалтIи. РакIалда буго 50 ракьул бутIаялда инвестициязулал проектал гIумруялде рахъинаризе. Гьелъ рес кьела тахшагьаралде инвесторал рачIинаризеги, гIадамал хIалтIудалъун хьезаризеги ва шагьаралъул сверухълъи берцин гьабизеги.

     Эльтавалъул рохьалъе хасаб статус кьеялъги бихьизабулеб буго масъалаби тIуразариялде МахIачхъалаялъул мэрасул чIванкъотIараб бербалагьи бугеблъи.

    Щиб гьукъун бугеб Эльтавалъул рохьоб?

   — Бегьуларо капиталияб къагIидаялъ бакIал разе, нухал рахъизе, газалъул магистралияб рогIоро лъезе ва цIикIкIараб хIалуциналъул токалъул кварал рачине.

  — Эльтавалъул рохьил гIагарлъухъ гIумру гьабулел, ай ракьул бутIаялъул бетIергьабилъун кколел яги ракьалдаса пайда босулел гIадамазе гьукъун буго цIатариялъул, загьруял жалазул, минералиял ва органикиял удобрениязул, гьединго бакIал ралаго хIажалъулеб къайиялъул складал гIуцIизе; промышленнияб производство рагьизе, тIабигIат чорок гьабулеб автосервисалъул объектал разе.

   РФялъул Экономикияб цебетIеялъул министерствоялъ 2014 соналъул тIоцебесеб сентябралда тасдикъ гьабураб №540 буюрухъалда рекъон, Эльтавалъул рохьоб базе бегьула: культураялъулгун хIухьбахъиялъул парк; спорталъе санагIатал шартIал гIуцIарал майдан; тарихиябгун маданияб хIаракатчилъи гIуцIизе.

    Рехсараб низам хвезабурав чиясе гьабизе буго тамихI. Хас гьабун цIунулеб паркалъул ракьалда чIезабураб низамги хвезабун, гьелъие материалияб рахъалъ зарал гьабурав чиясда тIадаб буго тIолабго зарал бецIизе.