Нух битIун вуссаги, магIарул игит!

ХIабиб НурмухIамадов гьавуна 1988 соналъул 20 сентябралда ЦIумада районалъул Сильди росулъ.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе хьвадана рагъулаб самбоялде. Ругьун гьавулев вукIана инсул нухмалъиялда
гъоркь. Гьев ккола рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул ва дунялалъул кIицIул чемпион. Жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ цеве вахъине байбихьана 2008 соналдаса нахъе. Россиялъул промоушеназда лъикIал хIасилал рихьизаридал гьев жидехъего ахIана UFC гIуцIиялъ. ГьанжелъизегIан НурмухIамадов октагоналде вахъана 28 нухалъ ва киналго къеркьеязда бергьана. Къей лъаларев дагъистанияв вуго
UFCялъул цIайиязул категориязухъ балагьичIого бищунго къуваталлъун рикIкIунел спортсменазул сияхIалъул цебесеб бакIалда. 24 октябралда гьев, рехсараб гIуцIиялъул рачел цIуниялъул къеркьеялда, дандчIвазе ккола СШАялдаса спортсмен Джастин Гэтжигун. Бергьенлъигун гьев тIад вуссин буго дагъистаниязул мурадги.