7 меседил ва 4 гIарцул медаль

Иван Ярыгин ракIалдещвеялъе эркенаб гугариялъул рахъалъ XXIX халкъазда гьоркьосеб турнир

 

26-28 январалда Красноярскалда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ Гран-при «Иван Ярыгин» абураб халкъазда гьоркьосеб турнир. Дагъистаналъул командаялъе гьениб щвана тIоцебесеб бакI ва батIи-батIиял даражабазул 11 медаль.

Турнир тIобитIулеб ахирисеб къоялъ ункъабго финалалда тIоцересел бакIал кквезе ресал ругел гугарухъаби рукIана бищунго къуватал. Гьединаб мехалда гугариялъухъ балагьаразе бокьула цIиял цIарал лъазе, дагьал загIипал гугарухъабазул рахъкквезе. Масала, гьедин букIана 2014 соналда, доб мехалъ гIемерисезда жеги лъаларев, ГIабдулрашид Садулаев Красноярскалда чемпионлъун вахъиндал ва хадув гьев дунялалдаго машгьуравлъун лъугьиндал. Амма гьеб къоялъ кинабго букIана цебеккунго хIадурараб сценариялда рекъон гIадин. Гьевго Садулаев, тIоцебесеб бакI кквезе рес бугев гугарухъанасул даражаялда, 6:0 хIисабгун бергьана Кабардино-Балкариялдаса Ан­зор Уришевасдаса. Финалалде ва­хъи­негIан Дагъистаналъул командаялъул цевехъан кIиго дандчIваялда 10:0 хIисабгун бергьана ва гьесул финалияб гугариялъухъ балагьун бихьулеб букIана цIияб – 92 кг цIайиялда гугаризе гьесие кинабгIаги квалквал гьечIеблъи. Цевехъанасул бакI кквезе букIиналде ругьунлъун вуго Аланиялдаса Хетаг Цаболовги. 74 кг цIайиялда гьесде вахарав гугарухъан Россиялда гьабсагIат гьечIо. ЦIияб – 79 кг цIайиялде дагъистанияв АхIмад ХIажимухIамадов индал, 2017 соналъул дунялалъул чемпионаталъул финалистасул аслиял дандияллъун рикIкIине бегьула Хетагил ракьцоял. АсатIиназул бетIерлъи гьоркьоб къотIизабизе гьеб къоялъ хIалбихьун букIана 70 кг цIайиялда Россиялъул чемпион МухIамадхIабиб КъадимухIамадовасги, амма тIасари­щия­лъе букIараб дандчIваялда ма­хIач­хъалаялъулав 3:5 хIисабгун къу­на Кахабер Хубежтыдаса. Гьевин абуни бащдаб финалалда 0:5 хIи­саб­гун къуна Заурбег Сидакъовасдаса. АсатIиназул кIиабилеб дандечIей бу­кIана, 3:1 хIисабгун Цаболов бергьараб финалияб къеркьеялда.
ЦохIого-цо 86 кг цIайиялъул Россиялъул цониги гугарухъан финалалде вахъинчIо. Дунялалъул чемпионаталъул призер, Аланиялдаса Владислав Валиев бащдаб финалалда 1:2 хIисабгун туркав ПатихI Эрдинидаса къолев вукIана, хадуб гъежалъе жагъаллъи ккун бащдаб финал лъугIизегIан Валиевасда гугаризе кIвечIо. Гьеб цIайиялда чемпионлъун вахъана, Эрдинил мугъ ургуялда цузабурав, СШАялдаса Дэвид Тейлор. Валиевасе щвана лъабабилеб бакI.
Гьеб цIайиялда турниралъул бищунго лъикIав гугарухъан хIисабалда хасаб приз кьуна американав Кайл Снайдерие.
Красноярскалда гъоркьиса букIа­раб Гран-приялдаго гIадин, 97 кг цIайиялъул финалалда Снайдер гу­гарана Дагъистаналдаса Расул Му­хIа­мадовгун. Американав бергьана. Гьеб цIайиялда лъабабилеб бакI щвана Узбекистаналъул командаялда гъорлъ гугарулев вукIарав дагъис­танияв Му­хIамад Ибрагьимовасеги.
Турниралда меседил медалал щва­на Дагъистаналъул командая­лъул гугарухъаби: Заур Угуевасе (75 кг), ХIажимурад Рашидовасе (61 кг), Иляс Бекбулатовасе (65 кг), Му­хIамад КъурбангIалиевасе (70 кг), АхIмад ХIажимухIамадовасе (79 кг), ГIабдулрашид Садулаевасе (92 кг) ва Мурадин Кушховасе (125 кг).
ГIарцул медалазе мустахIикъ­лъана ИсмагIил Мусукаев (61 кг), АхIмад Чакаев (65 кг), Му­хIа­мад­расул Гъа­зи­мухIамадов (70 кг) ва Расул Му­хIамадов (97 кг).
Турниралъул чемпионазе кьуна 100 азаго гъуруш, кIиабилеб бакIалъухъ 75 азарго ва лъабабилелъухъ — 50 азарго гъуруш. Красноярскалда бергьарал ва призалъулал бакIал щварал Россиялъул цо-цо гугарухъабазе рес щвана исана ихдал Каспийскалда тIобитIизе бугеб эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталда гIахьаллъизеги. Дагъистаналъул гугарухъабазе гьеб чемпионат, узухъда, букIине буго рокъосеблъун. Красноярскалда чемпионлъун вахъарав анкьго ва призерлъун вахъарав ункъо гугарухъанасе ихдал тIобитIизе бугеб Европаялъул чемпионаталде путевкаби гьанжего щвана.