Жеги ургуялда мугъ цвизабизе кIвечIев

 

 

 

 

  18 сентябралда пашманаб ругьел щвана Турциялдаса. 91 сонил гIумруялда ахи­раталъул рокъове ана МустIафа Да­гъис­танлы.

КIиго нухалъ Олимпиадаялъул ва лъаб­цIул дунялалъул чемпион, ургуялда жеги къей лъачIев речIчIухъан —  чIаго вукIаго легенда лъугьанин абизе бегьула гьесул.

 

 

Гьонодаса мугьажирзабазул наслуялъул чи

 

МустIафа Дагъистанлы гьавуна Турциялъул Самсун шагьаралда 1931 соналъул 11 марталда. ГIумруялъул ахириял соназ гIумру гьабун вукIана Стамбулалда. Гьев кколаан XIX гIасруялда Турциялде гочарал Дагъистаналдаса мугьажирзабазул наслуялъул чи.

МустIафал умумул кколаан Гъуниб районалъул Гьонодаса. Гьесул кIудияв эмен МустIафа имам Шамилгун цадахъ хIежалда вукIун вуго. Гьениса нахъвуссун Гьоноде щведал, хъизанги гьабун, Турциялде гочун вуго. Гьел рукIине ккола гIага-шагарго 1870-абилел сонал. Гьедин бицунеб буго МустIафа Дагъистанлица цо гара-чIвариялда.

Дида ракIалда буго МустIафа тIоцеве жиндирго ватIаналде, Гьоноде щвезе вачIараб къо. Дун тIоцебесеб классалда цIалулеб мех букIана гьеб, 1992 сон. Росуго бахъун дандчIвай гьабун букIана гьесда. Школалъул азбаралда букIана кIудияб данделъи. Дида гьабсагIат доб къоялъ гьес гьабураб кIалъаялъул кинабго ракIалда гьечIо. ГIицIго лъала умумузул росулъе щвеялдаса гьев разиго вукIарав куц. Жиндирго умумул жаниса хьвадарал росдал къватIаз гьесие гьабураб асар. ЦебечIун буго росуцояз сайигъат гьабураб магIарул буртинаги тIад ретIун гьимулев гьесул сурат.

 

МустIафада цадахъ вукIана гьесул гьудул, мунагьал чураяв ГIали ГIалиевги. Нахъа «Спортивная борьба Дагестана» сайталъе кьураб гара-чIвариялда МустIафаца баркалагун ракIалде щвезавулев вуго ГIали, гьесул хIаракат букIанин гьеб, жив умумузул ватIаналде щвей. Гьелдаса вохунги вугоан.

Жакъа нижеца гьаниб кьолеб буго гьеб гара-чIвариялдаса МустIафаца жиндирго хIакъалъулъ бицараб цо гьитIинабго бутIа.

— Дирго умумузул хIакъалъулъ гIемераб жо лъазе рес ккечIо дие, гьезул хIакъалъулъ инсуца бицинаан дие, амма гьев хеккого хвана, жеги дун гьитIинго вукIаго. Дир доб мехалъ букIана ичIго сон. Дунги малъун, нижер рукIана анлъгоял, ункъо кIудияй яцги, дунги, гьитIинав вац Жамалги. ГьабсагIат гьезул цонигиял чIаго гьечIо.

ГьабсагIаталда дун гIумру гьабун вуго Стамбулалда, амма гIумрудул цIикIкIарасел сонал ана Самсун шагьаралда.

 

 

Гьас данде вазе щивниги течIо ургуялда

 

 

— Гугариялъе ругьун гьавизе байбихьана армиялда хъулухъ гьабулаго. Гьеб букIана 1951 сон, — илан бицунеб буго МустIафаца хадубги. — Рагъулаб хъулухъ гьабизе дун ккана спортзалалде, гьенив тренерлъун вукIана машгьурав турказул речIчIухъан Яшар Догу. Гьесул нухмалъиялда гъоркь байбихьана дицаги гугариялъе куцазе. Доб соналъ Стамбулалда тIоритIулел рукIарал эркенаб гугариялъул  къецазда тIоцебесеб бакI ккуна дица. Гьебго соналъ дун вахъана Турциялъул чемпионлъунги, хIатта гьелъул иргадулаб дандчIваялда дица къезавуна 1948 соналъ Олимпиадаялъул чемпионлъун вахъарав Насух Акарацин. Жиндаго т1ад дир бугеб тIокIлъиги бажариги бихьун, гьес дир тренерасда абуна: «Балагьун чIа, гIагараб 15 соналда жаниб гьав гIолохъанчиясдаса бергьине кIвезе гьечIо цониги гугарухъанасда», — ян. Гьес абухъе ккезеги ккана. Амма гьелдаса хадуб 10 соналъ гурони дун цевевахъинчIо.

Спорт рехун толеб мехалъ дир букIана гIицIго 29 сон, букIана жеги къуватги кинабго бажариги. ХIатта, ракIалда буго, 1968 соналъ Мексикаялда тIоритIизесел Олимпиадаялъул хIаялъул сбораздаги гIахьаллъана дун. Гъира ккана, дидасаги гIолохъанал гугарухъабигун речIчIун, дирго хIалбихьизе. Гьединав дандиявлъун вукIана МахIмут Аталай абурав речIчIухъан. Сборазда дица гьев къезавуна, гьев абуни хIаязда гIахьаллъизе Мексикаялде ана ва Олимпиадаялъул чемпионлъун вахъана. Бахчиларо, дир хадуб ракI бухIунги букIана гьедин хеккого гугариялдаса нахъе иналдаса. Амма кIудияб хъизам хьихьизе гугарун бергьаралъухъ дие щвараб гIарац гIолеб букIинчIо, ва дица байбихьана бизнесалде. Гьелъ квешаб хIасилги кьечIо, цо заманалъ габуниве вахун бечелъунги вукIана, — ян бицунеб буго МустIафаца анцIго соналъ цебе гIадин букIараб гара-чIвариялда.

 

 

Нилъергун бухьен къотIизе течIо

 

 

Гьединаб букIана МустIафал спортивияб нух. Тарихалде гьев ана жеги цониги речIчIухъанасда ургуялда мугъ цвизабизе кIвечIев, къей гьечIев гугарухъанлъун. Гьел рагIаби такрар гьаруна нижергун букIараб гара-чIвариялда, МустIафа Дагъистанлы ракIалде щвезавулаго, цоги нилъер машгьурав речIчIухъан МухIамадхан ГIарациловасги. МустIафагун гьесул тIоцебесеб лъай-хъвай ккун буго 1975 соналъ, Яшар Догул хIурматалда тIоритIулел халкъазда гьоркьосел къецазда.

— Гьенив гIахьаллъизе Дагъистаналъул тIасабищараб командаялда гъорлъ ун вукIана дун. Гьелдаса хадуб жеги кIицIулниги дандчIвана ниж. 1977 соналъги гьебго турниралда гIахьаллъизе дун араб мех букIана. Дида гьев ватана кутакалда гIамал берцинав, гIадан хирияв, цIакъ сабурав инсанлъун. КIиябго нухалда ниж цIакъ лъикI къабулги гьаруна гьес. Самсун шагьаралда лъикIаб магIишат букIана гьесул. Спорт хеккого рехун таниги, гIумруялда жиндирго иш, бакI батана гьесда.

Хадув 1995-1997 соназ дица гьев гьоболлъухъе ахIана гьаниве, жиндирго ватIаналде. Гьевгун цадахъ щвана магIарухъе, гьесул умумузул росу Гьоноде. Чанги бакIалде щвана ниж гьевгун цадахъ доб мехалъ, цIакъ разиго вукIана МустIафа гьеб сапаралдаса.

Гьесие цIакъ бокьун букIана жиндирго цонигияв васасул бизнесалъул цо бутIа гьаниб Дагъистналдаги рагьизе. Гьелъие­ги нух балагьизе кIвана нижеда. МустIафа къадаралде щун вугин абураб хабаралъ асар гьабичIогоги хутIичIо. Живго Турциялда вугониги, нилъергун бухьенги къотIизе течIев, умумулги цIехолев, магIарулалги хирияв чи вукIана гьев, Аллагьас хIал алжаналъуб батаги жиндир, — ан бицана МухIамадхан ГIарациловас.

2019 соналъ МустIафахъе гьоболлъухъ щун вукIун вуго ГIабдулрашид Садулаевги.

Жакъа Гьонода росулъ руго МустIафа Дагъистанлил наслуялъул чагIи. Гьезул цояй ккола МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей ФатIимат МухIамадова. Инсулги эбелалъулги, кIиязулго рахъалъ бугин гьесдехун гIагарлъиян бицана гьелъ газеталъе. Ахирисеб нухалъ гьесухъе гьоболлъухъе Стамбулалде гьей щун йиго гъоркьиса. КIодоэбелалъ нахъе цIунун батараб, МустIафал умумузулго букIараб хъабаги босун букIанила жиндица гьесие сайгъат гьабизеян бицана гьелъ. Гьесул хIакъалъулъ жиндиего бицанщинаб, бакI-бакIалда батанщинаб баянги данде гьабун, гIурус мацIалда МустIафал хIакъалъулъ тIехьги хIадур гьабун буго гьелъ.

Ашахан Юсупов