Волейболалъе бахъараб хвалчен лъалиниб лъуна

 

 

  Исана риидал республикаялдаго цIар рагIарав «таргIил устар», тIабигIаталъго волейболалъе гьунар-махщел сайгъат гьабурав, гъорлъе лъугьаралдаса тIубараб къуватги жигар-жанги спорталъе кьурав КIахъа Хвалчен-МухIамадил гIумруялъул 70 сон тIубан бугиланги рагIун, газеталъе материал хIадурилин йикIана дун…

Амма, кидаго гIадин, кватIун ккана. КватIун ккана муста­хIикъав чиясе къимат кьезе, гьев хинал рагIабаздалъун вохизавизе. Араб гIасруялъул 70-абилел соназ волейболалъе къватIибе бахъараб МухIамадил хвалчен, Аллагьасул кьураб заман лъугIиялдалъун, 31 августалъул къад гIужалъ лъалиниб лъуна. Юбилеялъулаб макъалаги некрологалде сверизабизе ккана…

 

   ТIокIлъигун ГIарани школа-интернаталда 8 класс лъугIарав АхIмадов Буйнакскиялъул кIиабилеб педучилищеялде лъугьуна цIализе. ГьитIинго гIелму-лъаялде цIайи бугев МухIамадие кIудияб захIмалъиго ккечIо хасаб гьоркьохъеб лъай босизеги. БагIараб дипломгун лъугIула гьесул педучилище ва 1970 соналъ районалде тIадвуссарав гIолохъанав специалист ГIуркIачIи байбихьул классазул учительлъун тIамула хIалтIизе. ГIемерго кватIичIого гьениса МухIамад вачуна гIагараб КIахъ байбихьул школалде. Математикаялъе къуватав вукIиналъ батила, МухIамадие шашкаби, шахматал кидаго рокьулаан, цо шахматазул турниралда районалъул чемпионлъунги вахъун вукIана гьев. ЛъикIаб махщел букIана мунагьал чурадил мандолинаялдагун балалайкаялда бакънал рачинеги. ТIубан спорталде вуссиналъ музыкаялде регIуларин абулаан гьес.

   Гьоркьохъеб лъайги босун, байбихьул классазда дарсал кьун чIезе МухIамадил ракIалъ къабул гьабуларо. 1971 соналъ пед­институталъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталде цIализе лъугьарав АхIмадов тIубанго волейболалде вуссуна. КигIанго математика бокьулеб букIаниги, спорталъ тIалъи босула ва, тIоцебесеб курс лъугIун хадуб, гьес документал физкультурияб факультеталде кьола. КIудияб адаб-хIурматгун ракIалде щвезавулаан гьес пед­училищеялдаго жиндир тренерлъун вукIарав, волейболалдехун ракI цIазабурав тренер ГIали ГIабдусаламович.

   …МухIамад Шахшаевич КъадилмухIамадов — пединституталъул физкультурияб факультеталъул преподаватель, волейболалъул чанго «устар» куцарав, республикаялда волейбол цебетIеялъе гIемераб хIалтIи гьабурав тренер. Гьесда бихьула тIоцебе АхIмадовасулъ спорталде бугеб рокьиги, вукIинесев волейболистги. Дол рикIкIадал 70-абилел соназ кIиявго МухIамадил ккараб гьоркьоблъи жеги щулалъун, унго-унгояб гьудуллъиялде сверула. Шахшаевичасул тIадчIарал, щибаб къойилал тренировкабазги, гIадатиял хIаязги, гIемерал дандчIваял-турниразги АхIмадовасул «Хвалчен» лъугьинавула. ГIахьвахъ районалда  тIобитIулеб турниралда волейболалъул фанат — КIаратIаса ГIумарица гьесул тирилъи-лебаллъиялъе къимат кьун «Балагье цо, хвалчен гIадин хьвагIулеб куц», — ан ахIаралдаса «Хвалчен» абураб тIокIцIарги даимго рекIуна МухIамадида. Гьес кидаго абулаан Шахшаевич вукIинчIевани, «Хвалченги» букIунароанилан, спорталда гьадинаб борхалъиялде живги вахинароанилан, жиндир бергьенлъабазулъ цIикIкIунисеб захIматги гьесул бугила, кидагосеб баркалаялъе, рецц-бакъалъе мустахIикъав чи вугила МухIамад Шахшаевичилан.

   М. КъадилмухIамадовасул хIаракаталдалъун ккола АхIмадов Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялде ва, гьелда гъорлъ хIалаго, Россиялъул югалда кIиго нухалъ ккола лъабабилеб бакI. Лъабго нухалъ вахъуна Россиялъул педвузазда гьоркьов чемпионлъун. Лъабго нухалъ гьесие щола «Лучший нападающий России среди педвузов» абураб хIурматияб цIар. Дол соназ МухIамад вачунев вукIуна Грозныялъул «Автомобилист», Ростовалъул «СКА», Саратовалъул «Кристалл» гIадал ва цогидал цIар бугел командабазда гъорлъе. Амма АхIмадовасе гьеб къабуллъуларо, ва гьев, 1977 соналъ багIараб дипломгун пединститутги лъугIизабун, гIагараб районалде тIад вуссуна.

   Гьелдаса нахъе байбихьула МухIамадил мугIалимлъиялъул нухги, жеги цебетIола спортивияб гIумруги. Цебе республика улкаялдаго рагIизабураб команда Хунзахъ районалъул букIиналъ, хIаракат бахъула гьелъул цIар борхатго цIунизе. ХIажат рукIана чIахIиязул бакI кквезе мустахIикъал волейболистал. Нахъа тараб захIматалъул нухда – Хунзахъ № 2 школалда, ДЮСШалда тренерасдаса гьелъул директорасде щвезегIан ва 1993 соналдаса гIумрудул ахирисел къоязде щвезегIан ГIарани рагъулабгун спортивияб лицеялда вугел соназги МухIамадица кинабго гьабуна спорталъе, районалда волейбол цебетIеялъе гIоло.

  25-гIан соналъ вукIана гьев районалъул тIаса бищараб командаялъул капитанлъун. Гьебго заманалда хIана республикаялъул тIаса бищараб командаялдаги. МухIамад кколаан Дагъистаналъул спартакиадаялъул ва гIемерал турниразул чемпионги. 1982-1984 соназда хIана ДСО «Урожаялъул» тIаса бищараб командаялда. 2002-2003 соназ хIалтIана ДГПУялъул кIудияв преподовательлъунги цадахъго гьабуна Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъе тренерлъиги.

  МугIалимлъи – тренерлъиялда цадахъго АхIмадов вихьизе бегьулаан республикаялъул роцада тIоритIулел турнираздаги. Россиялъул БахIарзал М. ТIолбоевасул, М. Манаровасул ва цогидал чIахIиял къецаздаса камулароан гьев. ТоргIо хIаялъул ригь бекун букIаниги, МухIамад цеве вахъарал къецазда бищунго лъикIав игроклъун рикIкIунаан кидаго. Араб заманалде нахъвуссун балагьизе чIухIараб лъалкI тана АхIмадовас. МухIамадил «площадкаялда» ругьун гьарун гIумруялъул нухде тIоритIарал гIолилал республикаялъул вузазда цIалулел, цIалун лъугIарал лъикIаб хIалтIуда, цIар бугел командабазда хIалел, Дагъистаналъул спортивияб къадру цIунун, гьелъул тIасабищараб командаялда гъорлъ ругин абуниги мекъи ккеларо.

   АхIмадов МухIамадил спортивияб цебетIейги кIодо гьабун, гьесул 45 сонилаб юбилеялъул хIурматалда Республикаялъул роцада волейболалъул турнир тIобитIана 1997 соналъ. БатIи-батIиял районаздаса командаби, доб мехалъ Пачалихъияб Думаялъул депутат Рамазан ГIабдулатIипов, Россиялъул БахIарчи МухIамад ТIолбоев, республикаялъул спорталъул министр ва гIемерал цогидалги хIурматиял гьалбадерил гIахьаллъигун гIуцIадго ана гьеб тадбир МухIамадил гIагараб КIахъ росулъ. М. АхIмадовасул 50 сонилаб юбилеялде 2002 соналъ букIараб турниралда райадминистрациялъ Хвалчение «Жигули» машина сайгъат гьабуна, 2007 соналъ букIараб турнир тIобитIана волейболалъул ветераназда гьоркьоб.

   АхIмадовасул захIмат кIо­до гьабуна хIурматиял цIаразда­лъунги къиматал сайгъатазда­лъунги. Гьев кколаан тIадегIанаб категориялъул учительги, тренерги, СССРалъул ва РСФСРа­лъул лъай кьеялъул отличник­ги, ДРялъул физическияб куль­тураялъул ва спорталъул муста­хIикъав хIалтIухъанги, МухIа­ма­дие щвана лъай кьеялъул бу­тIаялда Россиялъул президентасул грантги.

  Хъизан Сулайсатгун МухIама­дица тарбия-лъай кьун гIезаюна кIиго яс.

  Жиндирго васал гьечIониги, яс Анжеликае вас гьавидал, рохалие гIорхъи букIинчIила цоги волейболист-хвалчен тухумалда гIезавизе бугеб анищалъилан бицунаан МухIамадица. Щибаб къойил, гьава-бакъалъухъ балагьичIого, хIалтIуде иналдеги хIалтIудаса вуссун хадубги, гьев векерулев вукIун вуго чанго километралъ, гьабулеб букIун буго щибаб къойилаб зарядка, заман батулаан спортплощадкаялда росдал лъималгун хIазеги, гьезие малъа-хъваял гьаризеги. Черх кидаго «формаялда» букIине кколилан абулаан мунагьал чурадица.

   Волейболалъе гIоло лъалиниса къватIибе цIараб МухIамадил хвалчен гвангъун паркъана 70 соналъ. ХIал алжаналъуб батаги гьев сахав, унго-унголъунги спорталъе маян кьун вукIарав гьунар тIокIав инсанасул. Амин.

Фатима МухIамадова, Хунзахъ райгазеталъул редактор