Чемпионазе гьаниб лъола кьучI

 

 

   4 июналда Гъуниб районалъул Гьонода росулъ тIоритIана гIолилазда гьоркьоб эркенаб гугариялъул рахъалъ къецал. Гугарухъабазул школалъе Гьонода тIоцебе кьучI лъурав, мунагьал чураяв МухIамад АхIмадханов ракIалде щвезавун тIобитIараб турнир букIана гьеб.

 

Шамил, Хунзахъ, Лак районаздаса анцI-анцI гугарухъабаз гIахьаллъи гьабуна тадбиралда. Къецал араб куцалъул бициналде цебе бокьун буго мунагьал чураяв МухIамад АхIмадхановасул хIакъалъулъ дагьабго бицен гьабизе.

РакIалда буго гьес росулъ гугаризе гIисинаб гIел куцазе байбихьараб заман. Дол рукIана 1996-1997 сонал. Шагьаралдаса эхедеги вачIун, эркенаб гугариялдехун гIун бачIунеб гIелалъул рокьи бижизабизе кIвана гьесда. Гьанжего гьанже школалде рачарал, тIоцебесеб классалда цIалулел лъималцин хьвадулаан гьесухъе. ХIатта цIалудецин кIудияб рокьи букIинчIел лъималазул гъира цIикIкIунаан, дарсаздаса хадуб тренировкабазде ине. «АхIмадханил МухIамадихъе хьвадула дун куцазе», — ян чIухIун, разиго абулеб рагIулаан щивав гIолилас.

Гьедин лъуна АхIмадханил МухIамадица росулъ гугарухъабазул школалъе кьучI. Доб мехалъ гьесухъе хьвадулел рукIарал гIисинал лъималазул гьанже базалиял бихьинал лъугьана. Киназго гуро спорт тIаса бищараб. Гьезул щивасда батана жиндирго гIумрудул нух.

Долдаса нахъе ана 25 сон. Гьале, МухIамадил гIагараб росулъ, тIоцере гьес гIолохъаби куцазе байбихьараб залалъуб тIобитIана гьев ракIалде щвезавиялъул турнир.

   Тадбиралде рачIун рукIана Гъуниб райадминистрациялъул гIолилазда гьоркьоб спорт цебетIезабиялъул рахъалъ отделалъул нухмалъулев МухIамад Сагитов, республикаялъул Финансазул министерствоялъул отделалъул нухмалъулев, росуцояв Ислам МухIамадов ва гьесда цадахъ хIалтIулел, Гьонода росдал бегавул МухIамад ХIажиев, АхIмадханил МухIамадил вас МухIамад АхIмадханов, «Гьонода СПКялъул» ва «Габионстрой» ОООялъул нухмалъулев ГIабдулнасир Чупанов ва цогидалги. Ислам МухIамадов ккола турнир тIобитIизе квербакъарав, гьелъие гIарцудалъун кумек гьабурав чиги.

Балагьизе гъира базабулел, интересал къецал рукIана гьел. Ахираб заманалда нилъ ругьунлъун ругин абизе бегьула дунялалъул ва Олимпиадаялъул къецазда цере рахъунел гугарухъабазул дандчIваязухъ балагьизе. Амма гьел киналго цо кидаялиго рукIана гIисинал лъималлъун, гьезул щивасул тIоцересел спорталъул галаби байбихьана росдал спортзалалдасан. ТIоцересел къецазда щварал бергьенлъабиги, дандиясда дандечIей гьабизе бажаричIого жиндаго букIараб ракIхвейги — гьеб кинабго букIана жакъа дунялалъул пьедесталалъул борхалъуде рахарал машгьурал гугарухъабазул.

Гьединал пикрабаз ханлъи гьабулеб бук1ана Гьонода тIоритIарал къецазухъ балагьидал. Жеги 10- 12 сон гурони гьечIел гIолилазул бергьенлъиялде бугеб шавкъ, дандиясда бох жемизе гьез бахъулеб хIаракаталъухъ балагьун, гIемераб жоялъ асир гьавуна.

АнцIго сагIаталъ халат рахъарал къецазда командаялъулаб бергьенлъи босана гьонодисезул гугарухъабазе. Ункъо меседил, кIиго гIарцул ва лъабго мазгарул медаль щвана гьезие.

ЛъикIал хIасилал рихьизаруна Шамил, Хунзахъ ва Лак районаздаса гугарухъабазги.

Бергьаразе кьуна шапакъатал, кубокал ва сайгъатал.

Гьеб тадбиралда тIасан жиндирго пикру загьир гьабуна МухIамад АхIмадхановасул тIоцересел дарсал росарав, гьесул иш билизе течIого жакъаги росулъ гIолеб гIел гугариялъе куцалев ГIабдулхIамидов Мурадица.

— Дун, мунагьал чураяв МухIамадихъе, тIоцеве гугаризе хьвадизе ана 1999 соналда. Дида киданиги кIочон теларо гьел талихIал сонал. Тренерасда абула кIиабилев эменилан абун. Унго-унголъунги инсулаб тIалабги адабги букIана мунагьал чурадил щивасдехун. Киназдаго хIалги рекъезабун, кинабго къварилъиги гIатIилъиги нижедехун бикьун, ракIги бащад гьабун вукIунаан гьев.

Доб мехалъ нижер, гьесухъе хьвадулел гIолохъабазул, гIемерав чи вукIана. Жакъа гьезул 15 чияс гIахьаллъи гьабуна МухIамад ракIалде щвезавулеб тадбиралда. Гьезда гьоркьор руго щугониги Россиялъул спорталъул мастер, гIемер руго спорталъул кандидатасул цIар щварал. Мисалалъе, гьезда гъорлъ рехсезе бегьила хадув эркенаб гугариялъул рахъалъ республикаялъул чемпионлъун вахъарав МухIамад ГIалимухIамадов, — ин бицана М. ГIабдулхIамидовас.

— Жакъа дуцаги ругьун гьарулел руго росдал лъимал. Бигьаябин кканиги, расги бигьаяб ишги батиларо тренерлъи?

— ТIаде балагьун бигьаябин ккола бокьараб махщел. Амма щибаб жоялъул жиндирго захIмалъиги жавабчилъиги букIуна. Гьединго букIуна тренерасулги. Чанго батIияб ригьалъул, гIамал-хасияталъул гIолилал данде гьаризе, гьезие насихIат гьабизе, щивасда рекъон кколеб рагIи абизе бигьаяб масъала гуро. Амма гьабураб хIаракаталъул хIасил камуларин абураб кици буго умумузул.

    Эркенаб гугари нилъер республикаялъул хасаб бренд лъугьанин абизе бегьила. Жакъа гугарухъабазул махщелчилъиялъ асирги гьавичIев, гьелдехун рокьиги гьечIев гIолилав къанагIатги ватиларо республикаялда. Амма киналго гугарухъабазул захIматаб школа, гьезул рукIинесел бергьенлъабазул аслу байбихьула росабалъа. Гьелъие чIагоял мисалалги гIемер руго. Жакъа гIадин ракIалда буго, гьанже дунялалъул киналго континентазда жиндир цIар тIибитIарав ГIабдулрашид Садулаев, 2004 соналъ Гьонода тIобитIун букIараб турниралде вачIун вукIараб къо.

   ЛъугIизабизе бокьун буго цоги машгьурав речIчIухъанасулги бицун. Олимпиадаялъул кIицIул (Мельбурн — 1956 ва Рим 1960) гьединго дунялалъул лъабцIул чемпион МустIафа Дагъистанлы ккола, 19 гIасруялда Турциялде гочарал Гьонодаса мугьажирзабазул ирсилав. Лъихъаниги къечIого, спорталъул тарихалда меседил хIарпаца жиндирго цIар хъван арав гьесдаса чIухIула жакъаги росуцоял.

Ашахан ЮСУПОВ