Дунялалъул чемпионаталдаса тIад руссана 17 медальгун

 

 

  ДРялъул физическияб культураялъулгун спорталъул министрасул ишал тIуралев Сажид Сажидов дандчIвана Белградалда букIараб дунялалъул чемпионаталдаса 17 медальгун тIадруссарал грепплингалъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул спортсменалгун. «Баркула дунялалъул чемпионаталда щварал медалал. Нужеца цоги нухалда бихьизабуна бищунго къуватал грепплерал  Дагъистаналда ругеблъи. 17 медаль, гьезда гьоркьоб 9 меседилги, гьеб республикаялъе ккола кутакалда лъикIаб хIасил. Ахирал соназда гьеб спортивияб тайпа Дагъистаналда хехаб къагIидаялда цебетIолеб буго. РакIалде ккола чанго соналдасан грепплинг Олимпиялъул тайпалъун букIининги», — ян абуна Сажид Сажидовас. Спорталъул министрас лъазабуна Дагъистаналда грепплингалъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб даражаялъул турнир тIобитIиялда тIад ургъизе ругинги.