«Россиялъул ТАНК» кIодо гьавуна

 

 

МахIачхъалаялда «7 континент» абураб дармилаб централъуб бугеб «Океан» рестораналда тIобитIана ГIабдурашид СагIадулаевасул хIурматалда данделъи. ЧIарадисезул жамгIияталъ гьенире ракIарун рукIана республикаялъул гIелмияб ва творческияб интеллигенция, спорталъул церехъаби. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги.

Олимпиязул хIаязул кIицIул чемпион ва дунялалъул къецазда щуго нухалъ чIел босарав чи ккола ГIабдурашид. Гьесулги гьес росулел ругел бергьенлъабазулги хIакъалъулъ цоги нухалда бицана МахIачхъалаялда букIараб данделъиялда. ГIабдурашидиде гьарурал кучIдул рикIкIана шагIирзабаз.

Тадбиралъул ахиралда кIалъазе рагIи кьуна ГIабдурашидиеги. Гугаризего гIадин кIалъазеги лъикIаб махщел букIин бихьана гьесул.

А. Юсупов