ГIабдулманап НурмухIамадов ракIалде щвезавуна

 

      РФялъул мустахIикъав тренер ГIабдулманап НурмухIамадов ракIалде щвеялъул мурадалда гIолилазда гьоркьоб эркенаб гугариялъул рахъалъ турнир тIобитIана «Химик» спорт- комплексалда.

       Гъизилюрт шагьаралда тIобитIараб турниралъул аслияб мурад букIана, гIолилазда гьоркьоб эркенаб гугариялде рокьи бижизаби, спорталъулаб бажари борхизаби, «Наркотиказде, терроризмалде ва экстремизмалде данде спорталъулаб къеркьей» абураб ахIиялда гъоркь гIолилал цолъизари. Гьеб тадбиралъе нухмалъи гьабуна Гъизилюрт шагьаралъул администрациялъул спорталъулаб отделалъ.

      Турниралъул бетIерав судья Мурад ГIабдулаевас бицана турниралда гIахьаллъи гьабунин 16 командаялъ, ай 150 спортсменас. ГIахьаллъи гьабизе рачIун рукIанин Бурятиялдаса, Калининградалдаса, Астрахань областалдаса ва Чачаналдаса спортсменалги.

     Турнир рагьулаго кIалъазе вахъарав Гъизилюрт шагьаралъул бетIер МухIамад МухIамадовас баркана спортсменазда гьезул профессионалияб байрам ва цоги нухалда ракIалде щвезабуна ГI. НурмухIамадовас спорталда тараб лъалкI.

     Эмен ва гьесул пайдаял ишал ракIалде щвезаруралъухъ гIага-божаразул рахъалдасан ХIабиб НурмухIамадовас баркала кьуна турнир гIуцIаразе ва гIахьалчагIазе.

     Турниралда жиде-жидер цIайиялда бергьенлъаби росана Рамазан ГIамиралиевас, Рамазан Пираевас, МухIамад МухIамадовас, Жабу Закировас, Ислам МухIамадовас, МухIамад Мусаевас, Жафар Бамматовас, МухIаммад МухIамадгъазиевас, ГIабдула МуртазагIалиевас ва Мурад Телекаевас.

   Турниралъул ахиралда къиматал сайгъатаздалъун ва гIарцулал шапакъатаздалъун кIодо гьавуна гьеб гIуцIиялъе хIаракат бахъарав, Россиялъул мустахIикъав тренер ва ГIабдулманап НурмухIамадовасул тIоцевесев тренер – МухIамадов Наби. Гьединго баркалаялъулал кагътал кьуна тренерал — Андрей Александровичасе (Калининград область) ва Владимир Болотовичасе (Бурятия).

 ГIалибег САЛАВАТОВ