Кьураб рагIуе хилиплъизе бегьуларо

 

    Гьал къоязда UFCялъул чемпион ХIабиб НурмухIамадов дандчIвана гьеб лигаялъул президент Дана Уайтгун. Гьоркьоб лъураб суаллъун букIана Дагъистаналдаса речIчIухъан хадувккун октагоналде вахъи- не вугищин абураб. Гьениб ХIабибица лъазабуна жив тIокIалъ октаго- налда къеркьезе гьечIин. Гьелдаса хадуб СШАялъул ESPN телеканалалъул мухбиралъулгун букIараб гара-чIвариялдаги НурмухIамадовас бицана профессионалияб спорталъулгун къо-лъикI гьабиялъе ккараб гIиллаялъул хIакъалъулъ.

    — Бащдаб лъагIелалъ цебего Дана Уайтида дица абун букIана хIалхьиялде унев вугин. ГIиллаги — эбелалъе кьураб рагIуе хилиплъизе бокьунгутIи, — ян бицана ХI. НурмухIамадовас. — Гьаб нухалдаги гьебго пикру загьир гьабуна дица. Баркала буго UFCялъул нухмалъиялъе, хасго Дана Уайтие дида аскIоб гьабунщиналъухъ. Гьез кIудияб хIалтIи гьабулеб буго жубараб речIчIухъанлъи цебетIезабиялъул мурадалда. Гьунар бугел гIемерал гIолохъабазе рес кьолеб буго жалго рихьизаризе ва финансазулаб рахъ лъикIлъизабизе. Дунялалда бищунго машгьурал речIчIухъабазул цоявлъунги вукIаго, спорталдаса нахъе ин цIакъ захIматаб иш буго. Амма заман анагIан черх загIиплъула. Щибаб нухалда октагоналде вахъинелде гIемераб гIетI тIезе ккола, залалдаго толаан сахлъиялъул цо бутIаги, профессионалияб спорт физкультура кколарелъулха. Кинабго хIисабалде босидал, бичIчIана хIалхьиялде ине кколеблъи.

     АНИЩАЛ ВА МАСЪАЛАБИ

    ГьабсагIаталда цо чанго бизнес-проекталда тIад хIалтIулев вуго. КIвар кьезе буго гьел гIумруялде рахъинариялде. Гьединго, бокьун буго хъизанлъималгун заман тIамизеги. Амма жубараб речIчIухъанлъиялдаса тIубанго рикIкIалъунги данде кколаро. UFCялда дир вацал ва гьалмагъзаби цере рахъунел ругелъулха. Гьезда аскIов вукIине, кумек гьабизе ккола.

    СПОРТАЛДА ТОЛЕБ ЛЪАЛКI

     Инсуда цадахъ гIезегIан захIматаб нух нахъа тана дица. ГьитIинаб къоялдаса нахъего гьес ругьун гьавуна захIмалъабазда данде къеркьезеги, бичIчIизабуна къуркьизе бегьулареблъиги. Гьединабго къагIидаялъ тарбия кьезе буго лъималазеги. Спорталъул тарихалда толеб лъалкIалъул хIакъалъулъ дицаго бицине рекъон букIунаро. Биччанте гьелъие халкъалъ къимат кьезе.

    Темирхан ХIАСАНОВ