Бищунго къуватазул мухъилъ

 

     Америкаялъул Цолъарал Штатазул Лас-Вегас шагьаралда тIобитIараб UFC гIуцIиялъул иргадулаб турниралда Дагъистаналдаса речIчIухъан МухIамад Анкалаев дандчIвана Украинаялдаса спортсмен Никита Крыловгун.

 

     Рехсараб промоушеналда тIатIалаго щуго бергьенлъиги босун цеве вахъарав нилъер ракьцоясе расги бигьаяб къеркьей букIинчIо гьеб. Щайгурелъул Н. Крылов къуватал речIчIухъабазда данде лъикI вагъула ва ахирал къеркьеязда гьес бергьенлъабиги росун рукIана.

    ТIоцебесеб раундалда Анкалае- вас эхетун вагъулаго тIокIлъи бихьизабулеб букIун батани, гугаризе дандиясул махщел букIин бихьулеб букIана.

     КIиабилеб раундалда, тIоцебесел­ да риччарал гъалатIал такрар гьаризе бегьуларин абун тренераз гьарурал насихIатал МухIамадида рагIана ва гьесул гьужумал цIикIкIана. Лъаб­ абилеб раундалдаги лъикIго вухана дагъистанияс дандияв.

     ХIасилал гьаридал лъабабго раундалда судияз бергьенлъи кьуна Анкалаевасе.

      ТIатIала анлъго бергьенлъи босарав дагъистанияв UFCялъул 93 кг цIайиялде щвезегIан цере рахъунел речIчIухъабазул рейтингалда вуго 7-абилеб бакIалда.

     МухIамадие рес буго бищунго къуватав щугоясул мухъилъе ккезеги. Амма гьелъие гIоло дагъистанияв дандчIвазе ккола Волкан Оздемиргун, Иржи Прохазкагун, Тиагу Силвагун ялъуни Александр Ракичгун.

     Турниралдаса хадуб М. Анкалаевас гьадин бицана:

     — Никита вуго къуватав речIчIухъан. Гьеб дида лъалаан цебеккунги, бичIчIана къеркьолагоги. ЦIакъ захIмат букIана гьевгун речIчIизе. Амма дун киналдего хIадурго вукIана. ХIисабалде росун рукIана гьесул къуватал ва загIипал рахъал. Цоги галиялъ гIагарлъана рачелалъе гIоло къеркьеялде. Хьул буго UFCялъул рачел щвелин абураб. Гьеб анищ гIумруялде бахъинабизелъун кIвахI тун хIалтIизе, бажарараб гьабизе буго. ХутIараб Аллагьас рекъезабила.

Темирхан ХIАСАНОВ