Накъит

М. ХIажиев:
«ГIадамал дагь-дагьккун «гIорцIана» информациялъ»

«Нур-ул Ислам» газеталъул бетIерав редакторасулгун гара-чIвари

Араб анкьалда «Нур-ул Ислам» газеталъ кIодо гьабуна жиндирго 20 сонил юбилей. ХIакъикъаталда тIоцебесеб исламияб газета къватIибе бачIана 20 соналъ цебе гуреб, 26 соналъ цебе, гьелда цIар букIана «Исламалъул ахIи». КIиябго газеталъе кьучIги жакъа къоялде щвезегIан гьезда «рухIги» лъурав чи ккола Бакълъухъа МухIамад ХIажиев. Гьесулгун дандчIвай букIана нижер дагьал церегIан къоязда.

— Динияб гIелму цIали сабаблъун гIадамал туснахъалъур лъолел дол соназ Аллагьасул гIорхъи гьечIеб рахIматалдалъун дица балъго цIалана гIелму. Дида гьеб батана батIияб, гIажаибго берцинаб «дунял». Дица мугIалимасда гьикъунцин букIана гьадинаб берцинлъиялъул хIакъалъулъ щай гIадамазда рагIун бицунаребилан. КъватIиб кин бицинеб, гьеб малъараблъи лъаницин жив жанив тIамизе бегьулилан велъана гьев. Гьеб мехалъ дица диего щулияб къотIи гьабуна, рес ккарабго, Аллагьасул диналъул хIакъалъулъ гIадамазда бицине.
ЦинтIаго гучаб СССР биххана ва эркенлъиялъул карачелазда 1990 соналъ цIияб басмаялъул хIакъалъулъ закон къабул гьабуна. Гьеб цIалидал, дун гIажаиблъана. Гьениб хъван букIана цензура гьечIого газета биччазе бокьарав чиясул ихтияр бугилан. Гьеб мехалъ бичIчIана дида гьеб законалъ дир анищалде нуцIа рагьараблъи, ай гIадамазда Аллагьасул диналъул берцинлъиялъул хIакъалъулъ бицине рес кьолеб букIин. Гьебго къоялъ вахъун МахIачхъалаялде ана, Республикаялъул басмаялъул комитеталъул председателасда дица абуна исламияб газета биччазе бокьун бугилан. Гьеб букIана жеги коммунистал щулаго чIараб заман, гьев вихха-хочун лъугьана, гьеб бегьулеб иш гурилан. Гьедин дагIба-рагIиялда чанго моцI ана, ахир-къадги «Исламалъул ахIи» газеталъул хъвай-хъвагIай гьабуна. ПалхIасил, квеш-лъикI газета къватIибе бачIана. БитIараб бицани, гIемер гIакъубаги бихьана гьеб биччалаго, тIоцебе гьабулеб иш букIун цIакъ кIудияб жавабчилъи букIана — ян ракIалдещвезабуна МухIамадица газеталъул бицунаго.
— Газеталда цIар хисиялъе гIилла щиб ккараб?
— 1997 соналда байбихьана бусурба­базул «Нур» хIаракат. Гьелъие цебехъанлъи гьабулев, мунагьал чураяв, Макъсуд Садикъовас дида гьа­рана Дагъистаналъул «Нур» хIара­ка­талъул отделениялъе бетIерлъи гьабеян ва газетаги гьелъул органлъун теян. Гьедин 1997 соналъул 4 февралалдаса нахъе газета бачIана «Нур-ул Ислам» абулеб цIаралда гъоркь. Доб заманалда газеталъул гIаммаб тиражги 50 азаргоялде бахун букIана, гьеб биччалаан гIурус, авар, лъарагI, дарги, лезги, тум ва чачан мацIазда.
АбичIого гIоларо, тIоцебе газета биччаялъе нижее кумек гьабурав чи вукIана Камалов ГIали. Гьес нижее кабинетги бихьизабуна, кагъатги кьуна, азарабго баркала буго гьесие.
— Диналъул хIакъалъулъ хъвалел гIадамалго гьечIеб заманалда, динияб газета биччазе ракIалде ккейги кIудияб таваккаллъун рикIкIуна дица…
— ЦIакъ захIмат букIана, газета биччазе гуребги, гьеб гIадамазухъе щвезабизеги. Газета биччазе унел харжал дагь рукIинелъун, дирго врачасулаб гьитIинабго харж гурого гьечIого, дагьабго учуз кколеб букIун, гьеб кьабулаан Унсоколо ва Шамил районазда. ГIемерисеб нухалъ, рекIине транспортги щоларого, нухда ватарав чияс вачиналде хьулгун, кагътил рулоналги росун, вахъунаан къватIиве. Гьеб гуребги, гIемер ургъизе кколаан газета кин гIадамазе бокьулеблъун гьабилебали.
МагIарул мацIалда биччалеб газеталъ «хьихьун» рукIана цогидал мацIазда риччалел газеталги. Щванщинаб гIарац, аслияб къагIидаялъ, цогидал мацIазул газетазде унеб букIана. 1998 соналда ккана кризис, гьединлъидал кIиго мацIалда рахъулел газетал гурони цIунизе кIвечIо.
— Дуца абунаха газеталъул гIаммаб тираж 50 азаргоялде бахунеб заманги букIанилан. Жакъа 15 азарго буго. Щиб хисараб?
— ТIоцере диниял газетал къватIире рачIарал сонал рукIана диналъул рахъалъ информациялъулаб «ракъи» бугеб заман. ГIадамазе ихтияр щвана дин гьабизе, амма диналъул хIакъалъулъ лъалеб жо цIакъ дагь букIана. Гьединлъидал гIадамазе кIудияб интерес букIана газеталъул. Къокъабго заманалда жаниб газета лъана, тираж цIикIкIана.
Гьеб заманалда республикаялда киб гурин, тIолабго Россиялдаго букIинчIо гьеб тун батIияб исламияб газета. Хадур раккана батIи-батIиял газет-журналал. ГIадамал дагь-дагьккун «гIорцIана» информациялъ. Гьединлъидал гIодобе ккана тиражги. ГьабсагIат бугеб 15 азарго газета хъваразул гIемерисел руго дол тIоцересел соназго рукIарал «хисичIел» цIалдолел.
Газеталъулги буго цогидал газетазулго гIадаб унти – почта. Почалъ гьеб цIалулезухъе щвезабулеб гьечIо, ялъуни цIакъго кватIун щвезабулеб буго. БачIунареб, яги кватIун бачIунеб газета хъвазе бокьилищха гIадамазеги. Дица абиларо 50 азарго букIинаанилан, амма почалъ жидерго хIалтIи мухIканго гьабулебани, нижер газеталъул тираж 30 азаргоялдениги бахинаан. Нилъер гьаниб гIадин почалъул иш хашго бугеб регионги батиларо кибниги.
Нижер газета хъвазе ва цIалу­лезухъе щвезабизе «Ас-салам» газета тIиби­тIизабулел гIолохъабаз лъикIаб кумек гьабула. Аслияб къагIидаялъ гье­зул кумекалдалъун цIунизе кIва­на газеталъул жакъасеб къадар. Алла­гьас кIодо гьареги гьел.
— Мун вуго тохтур. Кин тохтурасда ракIалде ккараб динияб газета биччазе?
— Анкьабилеб классалдаса бахъараб цIалана дица диналъул гIелму. Школа лъугIун хадув Мединституталде цIализе шагьаралде ккана. БукIаниги, гьитIинго рекIелъ диналде рокьи бижараб куц буго, институт лъугIарав, хъизан-рукъ бугев чи дун цIидасан исламияб гIелму цIализе лъугьана. АлхIамдулиллагь, Аллагьас лъикIаб пагьму кьун букIана, гьедин школаги институтги щуйилазда лъугIизабуна. МугIалимас абулаан цогидаз моцIида жаниб босулеб лъай дица анкьида жаниб босулин.
ГIемераз абула гьеб захIмалъи щай дуеян. Аварагасул (гIалайгьи свалату ва ссалам) хIадис буго, гIелму бахчарасул кIалдиб Къиямасеб къоялъ цIадул чIолохъжо базе бугилан. Гьединлъидал Аллагьас дие цогидазе кьечIеб гIелмуги кьун бугин, щай гьаб гIадамазухъе щвезабичIебан цIадул чIолохъжо баялдаса хIинкъана дун. Гьедин бижана пикру газета биччазе.
Газета биччай жавабчилъи цIикIкIараб иш буго. Цо гъалатI батани, гьеб кIодо гьабула. Бицен буго гьадинаб: мугIалимас хъвала анцIго мисал, цоялъулъ ургъунго биччала гъалатI, мутагIилзаби релъула гьесда. Нуж сунда тIад релъулелилан цIехедал, лъималаз абула гъалатIалда тIад релъулел ругин. Цинги мугIалимас абула битIун хъвараб ичIго мисал нужеца тIалабго гьабичIого танин, цо ккараб гъалатI цIакъ хехго бихьанилан. Гьединго батана гIумруялдаги, хасго журналистасул хIалтIулъ – берзукье ккечIеб цо гъалатIалъ гьабурабщинаб хвезабула.
— Дур хIисабалда, нужеца газета цIалулел сундалъун «ккун» ругел?
— Газета цIалулел гIицIго газета интересаб гьабиялъ гурого кквезе кIоларо, хасго административияб ресурс гьечIони. Материалал халат гьаричIого, щибаб номералда Къуръан-хIадис гьанжесеб гIелмуялъ тасдикъ гьаби бихьизабун, гIадамазул рахIат хвезабурал суалал рорхун.
— Дур пикруялда, кинаб букIинесеб бугеб газетазул, хасго миллиял газетазул?
— ГIолеб гIел унеб буго газета, хасго кагътилаб газета цIалиялдаса. Бихьулеб буго, кигIан интересаб гьабуниги, гьел газеталде руссинаризе кIолел гьечIолъи. Гьел гьитIинаб къоялдасаго телефоназда, социалиял гьиназда жанир руго. ЦIакъго квешаб ахIвал-хIал буго рахьдал мацIалда сверухъ. Дагьаб цебегIан нижерго Бакълъухъ росдал школалда дандчIвай букIана дир. Гьениб бицунеб буго тIоцебесеб классалде рачIунел ругин магIарул мацI лъаларел лъимал, гьелги росулъ гIурал. Росулъцин магIарул мацI лъугIани, сундул бицинеб? Гьадин гьаб унеб бугони, 10-15 соналдасан рукIинего рукIинадай миллиял газетал-журналал? ГIурусаз абула «Иван непомнящий родства» абун, гьединаб букIинаха нилъер хадусеб наслуги. Миллиял газетал руго жакъа хутIизего хутIараб халкъияб хазина цIунараб хъала, гьелги лъугIун хадуб, щибха хутIилеб миллаталъул?
Шамсият Султанбегова