Кьохъа СултIанмухIамад-хIажи

 

  Исана 28 сентябралда 22 сон бала гIалим, факъигь Кьохъа СултIанмухIамад-хIажи  (1907 -2000) ахираталъул рокъове аралдаса. Гьев вукIана жиндир тIолабго гIумру гIелму цIалиялде ва гьеб малъиялъе назру гьабурав чи.

ГIалимчи, факъигь, жакъа Дагъистаналда ругел гIемерал гIалимзабазулги мугIалим СултIанмухIамадхIажи гьавуна Кьохъ росулъ. Гьесул инсуда цIар букIана ХIажияв Дибир. СултIанмухIамад, гьитIинго вукIаго эменги хун, бесдаллъана. Гьелдаса хадуб эбелалъ кьуна лъималазе тарбия. ТIоцебе гIелмуялъул дарсал гьесие цIалана кIудияв вац (доб заманалда машгьурав гIалимчи) МухIамадица. Эбелалъул аманаталда рекъон ва гьелъ кьураб кIваралъ СултIанмухIамадица гIелму цIалиялъул нухда гали лъуна. Доб заманалда магIаруллъиялда билълъараб къагIидаялда СултIанмухIамадги росулъа росулъе ун батIи-батIиял гIалимзабазда цеве цIалана. Гьел ккола ГIоротIаса Сулайман, Гьандихъа ГьитIиномухIаммад, Болъихъа МуртазагIали-къади, АнсалтIаса ГIисалав, Чачаналъе гочарав ТIандоса НурмухIаммад – живги «Ибну ХIажаразе» баян хъварав Кьорошиса Халилил мутагIил, Гьигьалъа ХIусайнияв – свалат-салам лъеяв Аварагасул наслуялъул чи, Дагъистаналда машгьурав гIалимчи Хъазанищалдаса Абу Супян, СалтIаса Узун-хIажиясул мутагIил, Ма­кка-Мадинаялда цIаларав, СалтIаса Кьохъе гочарав АхIмадхIажи, Кьохъа ГIумар-дибир. Гьел гурелги гIемерал росабалъе щун вуго гьев гIелму тIалаб гьабулаго.

Живго СултIанмухIамадхIажиги кколев вуго Дагъистаналъул бергьарал гIалимзабазул наслуялъул чи. Гьесул тIоцеве рехсолев кIудияв эмен ккола Кьохъа Салман (Кабир). Гьев вукIун вуго Ширваналда ва Персиялда гIелму цIаларав чи. Гьенив цIалулаго, Салманица хъвараб тIехьги буго нахъе цIунун. Салманил вас ГIали вукIун вуго гIалимчи — ГIободаса ШагIбан-къадил мугIалим. ГIалил вукIун вуго кIиго вас — ГIабдулкъадир ва Салман. Салман цIалана ГIобода, ШагIбан-къадиясда це­ве. Гьесдаго цадахъ ГIобода цIалулел рукIана нахъа жидер гIелмуялъ Дагъистан цIезабурал Къудукьа Мусалав ва МохIоса Дамадан. ШагIбан-къадиясул яс ПатIиматги йикIун йиго бергьараб гIелму бугей гIадан. Гьей кьола Кьохъа Салмание росасе. Гьев кколев вуго СултIанмухIамад-хIажиясул щуабилев кIудияв эмен. Салманил вац ГIабдулкъадирги вукIана гIелму-лъай бугев чи. Гьев хIалтIун вуго КIаратIа ва Хуштада къадилъун. ГIабдулкъадирилги вукIана Сал­ман абун цIар бугев вас – заманалда рекъараб гIелму бугев гIалим.

СултIанмухIамад-хIажияс гIелму цIалун буго гIумруялъул 42 соналде вахинегIан хъизан-рукъалде вуссинчIого ва щибго дунялалъул магIишаталде кIвар кьечIого. КигIан захIмалъаниги, цIалиги рехун тун гьечIо. Гьесул эбел цIакъ кьварарай гIадан йикIун йиго ва гIелмуялъул хиралъи лъан васасда лъазабун буго, жий хун йигилан рагIаниги, мун дарсги гьоркьоб къотIизабун нахъе вачIунгейилан.

Советазул хIукуматалъ диналда данде рагъ гьабулел соназдаги СултIанмухIамадхIажияс гIелму малъи гьоркьоб къотIизе течIо. Гьес жиндирго рокъоб балъго гIелму малъулел мутагIилзабазе ресал гьарун рукIана. Росдае шаргIалда рекъараб хIалалъ рукIине нухал малъулел рукIана. Гьеб гьесухъа гIемерисеб нухалъ бажаризеги бажарана. Масала, колхоз гьабун киналго ракьал цере кковухъе рикьулеб мехалъ, гьесул малъиялда рекъон, хиса-басун щивасухъе жинди-жиндир хур-ах щолеб хIал гьабуна. Гьелъ цониги хурул гIорхъаби хвечIого колхозал риххараб мехалда миркалъул бетIергьаби разиго хутIана. ЦIакъ кIвар кьун гьаруна гьес жамгIиял хIалтIабиги. Гьесул тIадчIеялдалъун ва жигаралдалъун росулъе кIиго бакIалдасан лъим бачана, кьо ва больница бана, мажгит рагьана, мадраса бана.

1990-абилел соназул авалал­да­го гьес росдае имамлъи гьабун, къватIиса ругониги, гIалимзабиги кумекалъе рачун, росулъ гьитIинав-кIудияв, руччаби-лъималазда битIун Къуръан цIализе ва как базе малъана.

Гьев кидаго вукIана росдае гIакълучилъун. ГIицIго Кьохъа гIадамазе гуревги, тIолго ма­гIаруллъиялъего машгьурлъана шаргIалъул хIукмаби къотIулев къади хIисабалда. Кинаб бугониги захIматаб суал гьи­къун гьесухъе цIакъ гIемерал гIадамал рачIунаан. ХIатта жалго гIалимзабиги хIажатал рукIана СултIанмухIамадиде. Гьесул рагIухъ гIенеккулаан, гьесул хIукму лъицаго хвезабулароан. Чачан рахъалдасан Дагъистаналде тIаде хъачагъал кIанцIун рагъ байбихьараб мехалъ гьес цIакъ кIудияб хIалтIи гьабуна рекъел цIуниялъе ва рагъ къотIизабиялъе. Гьесухъе чанги нухалъ рачIун рукIун руго дол питна бекьулел гIадамал гъазават гьабизе ккун бугин, гьелъие фатва кьейилан. Гьес, гIелмуялъул кьучIал далилаздалъун, гъазаваталъе цониги шартI гьечIин абун баяналги кьун, нахъчIван руго.

Гьесухъ гIелму цIаларал гIемерал гIалимзаби жакъа жалгоги дин тIибитIизабулел руго. Гьезда гьоркьоса кIигояв вахъана шаргIиял гIелмабазул доктораллъун: Кьохъа Сагитав ва Гъодобериса АхIмад. Гьесул машгьурал мутагIилзаби руго МигIарсоса ТIагьа, Буртунаялдаса Анварбег, Килалъа ГIумарасхIаб, ГIободаса Мангуев МухIамад, РахатIаса ГIисалав, Муниса Бадрудин, Кьохъа АхIмад (ясалъул вас) ва гIемерал цогидалги. СултIанмухIамадхIажияс нахъе тун буго цIакъ къиматал тIахьал данде гьарураб библиотека. Гьелъул жеги сияхI гьабун лъугIун гьечIо. Гьесул мутагIилзабаз дагьаб цебе данде гьабун къватIибе биччана мугIалимасул хIакъалъулъ жидерго ва росуцоязул ракIалдещвеязул тIехьги.

МухIамадрасул ГIумаров