Сапар — талихIалъул моцI

 

  «Сапар буго цIодорлъи гьабизе кколеб моцI. Къаси кьижилалде цебе, рокъоб бугеб цIарагI тIалъел тIад лъечIого тоге. Сапар моцIалъул цо сордо бугин абула ракьалде унти рещтIунеб». Гьадинаб хъвай-хъвагIай тIибитIизабулеб букIана мухIаррам моцIалъул ахирисеб къоялъ. Сапар — балагьал рещтIунеб моцI бугинги абун, ислам бачIиналде цебе гIарабиязда гьоркьор рукIарал харбазда божулел бусурбаби жакъаги камулел гьечIо.

 

ЛъикIал гIамалазухъ – кири, квешазухъ – гIазаб

   Гьижрияб календаралда рекъон, сапар ккола лъагIалил кIиабилеб моцI. Гьеб моцIалъ, цебе заманалда, къотIи-къаял, ригьнал ва гьезда релълъарал кIвар бугел ишал гьарулароан гIарабияз. Авараг (с.гI.в.) вачIиналдалъун гьел гIадатал хвезаруна. БатIалъи гьечIо, къо букIа, анкь букIа, моцI букIа — киналго инсанасе квешаллъунги лъикIаллъунги Аллагьасе бокьиялдалъун лъугьуна. Инсанас лъикIал гIамалал гьаруни, киналго къоял гьесие талихIаллъун рукIуна, квешлъаби гьаруни, гIазабги щола. Нилъеда лъала хас гьабун жиделъ лъикIал гIамалал гьаруни кири гIемерго цIикIкIунел лъикIал моцIалги къоялги рукIин, амма кIочене бегьуларо лъикIал моцIазулъ ва къоязулъ гьарурал лъикIлъабазухъ кири цIикIкIунебго гIадин, квешлъабазухъ гIазабги цIикIкIунеблъи.

  ГIажаибаб жо гьечIищ, жакъа ислам гъваридго лъазабизе рес бугеб заманалдаги бусурбабазда гьоркьор сапар моцIалъул цере рукIарал гIадатазда божулел гIадамал рукIин. Гьеб моцIалда хурхинарулел квешал гIадатазе ва гIаламатазе кинабгIаги кьучI гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Инсанасде цониги къварилъи щоларо Аллагьасул хIукму-къадаралдалъун гурони», — ян («Ат-Тагъабуна» сураталъул 11-абилеб аят).

  Бухариясдасан бицараб хIадисалда буго: «Сапар моцIалъулъ квешаб гIаламат гьечIо», — ян. Гьединго МухIаммад аварагас (с.гI.в.) абун буго: «Сапар моцIалъулъ битIккунгутIи, унти ва цогидалги квешал гIаламатал ругин абураб жо мекъи буго», — ян.

 

Нилъее мисал

  МухIамад аварагас (с.гI.в.) абун буго: «Кинаб къварилъи нужеде бачIун батаниги, гьеб буго нужерго квераз гьабураб, Аллагь тIаса лъугьуна гIемерисел мунагьаздаса», ян. Гьелъул магIнаги ккола битIккунгутIи яги талихIаб лъугьа-бахъин, къварилъи яги рохел, ай кинабго гIемерисеб мехалда нилъерго гIамал сабаблъун кколеб жо бугин абураб. Сапар моцI балагьал ва унтаби рещтIунеб моцI гуреблъи бичIчIизе ккола щивав бусурбанчиясда. МухIамад аварагас (с.гI.в.) абун буго: «Квешаб жо ккезе бугин абун пал къотIизе бегьуларо», — ян. Щиб кканиги, хIасилалда кинабго лъикI букIине бугин абураб пикру букIине ккола бусурбанчиясул.

  Къуръаналъул аятаздасанги хIадисаздасанги бичIчIула цо-цояз сапар моцIалде гIунтIизарулел гIадатал гьересиял рукIин. Гьедин бугониги, цо-цоял гьел жалазда божулел руго. Гьединаз абула сапар моцIалъ гьабураб ригьнада баракат букIунаринги. Гьеб кинабго гьадингояб жо букIин бихьизабуна свалат-салам лъеяв аварагас. Гьес жиндирго яс ригьнаде кьуна гьеб моцIалъ. Гьеб гIеларищ нилъее мисаллъун. Сапар моцIалъ сапаралъ рахъине лъикIаб гьечIин абулелги камуларо. Тарихалде балагьани, сапар моцIалъул ахиралда, Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабуна МухIамад аварагас (с.гI.в.). Миладияб календаралъул 622 сон ккола гьеб. Гьеб гьижраялдаса байбихьана исламияб тарихги.

Исламалда рекъон, балагьаблъун рикIкIунеб лъагIалил заман гьечIо. Балагьаблъун ккола инсанас гьабулеб квешаб иш, гIамал. Аллагьас малъаралда нахърилълъине, исламалъ гьукъаралдаса инкар гьабизе гIакълу кьеги киназего.