Исламалда бищунго кIвар бугеб байрам

 

    «Щив чи вугониги ракI разиго, кири щвезе букIиналда ракIги чIун, Аллагь разилъиялъул мурадалда къурбан хъурав, гьев чиясе гьеб жужахIалда цебе пардавлъун чIола». (ХIадис бицана ГIали-асхIабил вас ХIасанидасан). Къурбан байрам ккола исламалда бищунго кIвар бугеблъун. Къурбан къоялъул адабал кинха цIунизе кколел? Кинаб пайда нилъее гьеб суннат тIобитIиялдалъун щолеб? Гьелъул бициналде ракIалде щвезабилин байрамалде хIадурлъулаго нилъеда дандчIвалеб ГIарафа къоялъул ва гьелда хадусеб лъабго къоялъул хиралъиялъулги.

 

ГIарафа – къо

 

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас абун буго (магIна): «ЛъагIалил 12 моцIалда гьоркьоса ражаб, зулкъагIида, зулхIижа, мухIаррам — жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал руго, воре, нужеца гьел моцIазда цоцазе зулму гьабуге», — ян. Цогидал моцIазда гьарурал мунагьазде дандеккун гьел моцIазулъ гьарурал мунагьал цIакъго кIодолъула. Гьединлъидал, гьекъолди, зина, зулму, гъибат-бугьтан ва цогидалги мунагьаздаса хасго гьел моцIазулъ рикIкIад чIезе ккола.

МухIамад аварагас (с.гI.в.) абуна: «Бищунго лъикIаблъун ккола ГIарафа къо», — ян. Гьеб кIодо гьа- була зулхIижа моцIалъул ичIабилеб къоялъ, Къурбан байрамалда цебе, ГIарафат магIарда Адамги ХIаваги дандчIваялъул хIурматалда.

Алжаналдаса ракьалде ритIаралдаса гьел цоцазе рилун рукIана. РатIа тIезарун рукIарал гьел Аллагьасе тIагIаталда, ракIбухIиялда ва тIаса лъугьаян БетIергьанасда гьардолел рукIана. БетIергьан гьезул гьариялъухъ гIенеккана ва гьел дандчIвазе гьаруна. Гьел дандчIвана ГIарафат мегIералъул расалъиялда. Гьез жеги тIадчIун Аллагьасда жидерго мукIурлъи бихьизабуна, тIаса лъугьаян гьардана. Гьеб мехалда Аллагьас, къиямасеб къо тIаде щвезегIан, щибаб соналда ГIарафат мегIералде рачIине ругел гьезул наслабазе, Жиндирго рахIму ва тIаса лъугьин букIине бугеблъи лъазабуна.

ГIарафат майданалда дугIаби гьарулаго, Аллагьасда гьардолаго, гьарурал мунагьаздаса рекIекълъун, Къуръан цIалулаго, такбир бачунаго, салават битIулаго тIобитIула хIеж борхулел чанго миллион бусурбабаз гьеб баракатаб, нигIматазул цIураб къо.

Гьеб кколеб буго бищунго гIемер бусурбабазул дугIа къабул гьабулеб къо. Гьелъул хIакъалъулъ буго МухIамад аварагасул (с.гI.в.) хIадисги:

«ГIарафа къоялъ гIадин гIемер жужахIалъул цIаялдаса Аллагьас Жиндирго лагъзал эркен гьарулеб цогидаб къо гьечIо. ХIакълъунго, гьеб къоялъ Аллагь гIагарлъула гIадамаздехун ва малаикзабазда цеве гьездаса чIухIула. Гьес гьикъула щиб гьезие бокьун бугебалиги». (Муслим, ан-Насаи)

ХIежалде инчIел, жидерго рокъор чIун гIибадаталда ругезеги рес буго ГIарафа къоялъул баракат щвезе. Гьеб къоялъ ккураб кIалалъул кири азарго кIал кквеялда бащалъулин абула. МухIамад аварагасул лъади ГIайшатица Масрукида абурал рагIаби: «Я, Масрук, дуда рагIичIищ аварагас ГIарафа къоялъ ккураб кIал азарго кIалкквеялда бащадаб бугин абулеб?» (Байгьакъи, Табарани).

 

 

Къурбан ва ташрикъалъул къоял

 

Нилъеда лъала Къурбан байрам зулхIижаялъул 10 къоялда тIобитIулеблъи. ШафигIиясул маз- гьабалда рекъон, къурбан хъвезе хIалкIолев чиясе гьеб хъвечIого тезе карагьатаб буго. Къурбан хъвезе хIалкIолевлъунги рикIкIуна къурбан къоялъги хадусел ташрикъалъул лъабабго къоязги кваназе гIураб жоги бугев, гьелда тIадеги къурбаналъе хъвезе бегьулеб жо (чIегIерхIайван, гIиялъажо) босизе ресги бугев чи. Ташрикъалъул къоялин абула зулхIижаялъул 11, 12, 13 къоязда. Ташрикъ абураб рагIул магIна ккола «бакъалда бан гьан бакъвазаби». Къурбаналъе хъураб боцIул гьан хвеларедухъ бакъвазабулаан гьел къоязда.

 

Къурбан хъвеялъул магIна буго ТIадегIанав Аллагьас нилъее боцIудалъун кьурал чIахIи-чIахIиял нигIматазе ва, гьединго, лъагIалидаса тIасияб лъагIел бачIиналде нилъго чIаго теялъеги Аллагьасе щукру гьаби.

Имам ибну ХIажар Гьайтамияс абун буго: «ТIадегIанав Аллагьас хIеж борхулел зияратчагIазда амру гьабун буго, Къурбан хъолеб къоялъ ва ташрикъалъул лъабабго къоялъ, Минаялда рукIине, жидерго къурбаназул гьанги кванан хIухьбахъи гьабизе. Гьеб заманаялъ гьел Аллагьасухъ гьоболлъухъ ругеблъун рикIкIуна. Дунялалъулго цогидал бусурбабиги гьел къоязда хIеж борхулездаго цадахъ кIал ккун ва цогидабги тIагIаталда рукIуна. Гьелдалъун, гьел къоязда тIагIаталда ругел киналниги бусурбаби Аллагьас жидее кьураб нигIмат кваналаго, ва Гьесул рахIмуялъухъ щукру гьабулаго, ТIадегIанасул гьалбаллъун лъугьуна», — ян.

Ташрикъалъул къоязул гIаламатлъун ккола киса-кибго Акбар бачунеб букIин. «Жагьилаб заманалда къурбанал гьарулаан хъанчазе. Гьединлъидал бусурбабаз, Аллагьасул цIар рехсолаго хъвезе ккола къурбан, гьелдалъун къурбан гIицIго Аллагьасе гIоло гьабулеб жо букIин бихьизабула», — ян хъвалеб буго имам аль-Хаттабияс. (Ибну ХIажар «Фатх аль-Бари»)

 

ГIибадаталда сордо борчIи

 

ГIарафа къо ва Къурбан байрамалъул сордо Аллагьасе гIибадат гьабулаго борчIизе лъикIаб буго. Гьеб къоялъ гIемерисел бусурбабаз азарго къулгьуги цIалула, садакъаби гьарула. ГIарафа къоялъ суннатаб кIал ккурав чиясул цебесеб соналъул ва бачIунеб соналъул кIудиялги гьитIиналги мунагьал чурулин абула. Амма нилъеца къварид гьарурал гIадамазда цебе мунагь чурулеб гьечIо, нилъеца къварид гьавурав чи тIаса лъугьун гурони. Къурбан байрамалъул сордоялъ ТIадегIанас жиндирго лагъзадерил дугIабазе жаваб кьола. МухIамад аварагас (с.гI.в.) абуна: «КIалбиччалеб сордоялъ ва Къурбан хъвеялъул сордоялъ тIагIаталда сордо борчIарав щив чи вукIаниги, гьесул рекIелъе пашманлъи бачIинаро, цогидазде бачIаниги»

ТIубараб сордоялъ тIагIат гьабизе бажарулеб гьечIони, сардил ахирисеб лъабил бутIаялдагIаги гьабизе хIаракат бахъизе лъикIаб буго. Гьединги бажарулеб гьечIони, боголил ва рогьалил какал жамагIатгун мажгиталда разегIаги хIаракат бахъеян абула.

Сордо бащалъун хадуса гIидалъул как базегIан ниятги гьабун черх чуризе, рас ва малъал къунцIун рацIцIалъи гьабизе лъикIаб буго. ГIидалъул къоялъги бацIцIадаб ретIелги ретIун, гьуинал махIалги гьарун рукIине лъикIаб буго.

 

Адаб лъангутIи гIилла гуро

 

Бусурбанчияс мискин-пакъирзабазе кумек, рукъалъул агьлуялъе лъикIлъи, цоцазе дугIа-алхIам гьабулеб къо буго Къурбан байрам. Нилъеца кинха гьеб тIобитIулеб? Ва кин гьеб суннат кIодо гьабизе кколеб? Щаялиго гьеб нилъер халкъалда гьоркьоб кIалбиччан къоялъул байрам гIадин кIодо гьабулеб бихьуларо. Гьеб батизе бегьула нилъер халкъалда гьоркьоб къурбаналъул гIидалде дагьаб тIадагьаб бербалагьи билълъанхъун букIин. КIалбиччан къоялъ гIемераб харжги тIад хвезабун анцIгоясда гьоркьоса цо чияс гурони кIалдиб нигIматги лъолареб стол къачIала чIухIдаего гIадин, къец бан цоцазе сайгъатал гьарула. Къурбан хъвеялъул суннатин абуни цо-цояз къанагIат гурони тIобитIуларо. Гьединго бакъул календаралда рекъон, дунялалдаго тIобитIулеб ва гьитIинаб къоялдаса нилъги жинде ругьунлъараб цIияб соналъул байрамалда лъималазе ва гIагарлъиялъе сайгъатал гьарула нилъеца. Щай бегьулареб хирияб къоялъ байрамги гIуцIун, сайгъаталги кьун, нилъерго лъимал рохизаризе?

Къурбаналъул гIидалде шагьараздаса яги цогидаб росу-ракьалдаса умумузул росулъе хабаде зияраталъ рачIуна нилъер гIемерисел гIадамал. Цо-цояз гьеб хирияб къоялъул суннаталде кIвар кьоларо яги адаб тарал жал гьарула. ШаргIалда бихьизабуралда тIадеги гьеб байрам тIобитIиялъул щибаб росулъ ва шагьаразда батIи-батIияб гIадат билълъун батула. Цо-цояз жидедаго лъалареб жо имамзабаздагIаги цIехечIого, цIиял гIадатал рижун ратула яги жидер умумузго гьедин гьабулеб батанин абун чIола.

Хасго гьеб бихьула гIолохъанлъуда росу тун къватIирехун гIумру гьабун ругел гIадамазул хасияталъулъ. Гьел кIудияб ригьалъул гIадамазда гIидалъул адабал малъунги кидаго гуро бажарулеб. Имамзабаз бицунелъухъги гьел кидаго гуро гIенеккулел, гьезул адаб гьабун кIалъачIого тани гурого. Хварал эбелинсул яги цогидаб гIагарлъиялъул хабаде зияраталъ рачIунел цо-цо гIадамазул сапар гIицIго гьеб зияраталда бухьараб батула. Къурбанги гьезие тIабигIаталдеги ун гьанада кьаби букIуна. Цояз шашликIал гьарула, цогидаз мехтулел жал гьекъон ихтилат-кеп гьабула. Щибаб росулъ гьечIониги, гьеб гIадат цебегоялдаса билълъанхъунги буго цо-цо росабалъ. ХIисаб гьабеха, къурбаналъул гьан кваназе гIодор чIей Аллагьасухъ гьоболлъухъ рукIинлъун рикIкIунеб мехалда, нилъер цоцоязул адаб гьечIолъи. Къурбаналъул гьанал кIванагIан цIикIкIун садакъа гьабуни цIикIкIун кири щвеялда хьулгун цо-цояз тIабигIаталде ун гIагарлъи данде бакIарараб мажлис гьабулеб буго. Аллагьасул нигIматги кваналаго, Гьесухъ гьоболлъухъги рукIаго рекъечIел харбалги рицун, гIадамаздаса гъибатги гьабун рукIине рекъон бугодай?

 П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА