ГIелмудул ралъад

 

   Дагъистаналдаги гьеб бахун къватIивги машгьурав гIалим Кьохъа СултIанмухIамадхIажиясул (рахIимагьуллагь) хIакъалъулъ хъвараб тIехь къватIибе бачIиналда бан, дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда букIана лъикIаб данделъи.

ТIехь гIуцIун бугоан гIалимасул цо-цо мутагIилзабазул, гIага-божаразул, росуцоязул, гьесулгун бухьен букIарал хIукуматалъул цо-цо хIалтIухъабазул ракIалдещвеяздаса.

Гьеб данде гьабун буго, гьал ахирал соназда исламияб диналъе гIоло гIемераб пайдаяб хIалтIи гьабулев, Шамил районалъул Къелеб мухъалдаса ХирамухIамад ХирамухIамадовас. Гьесие кIвараб кумек гьабун буго СултIанмухIамадхIажиясул росуцояв, росдал ва районалъул унгоунгояв патриот, кIудияв гIалимасул рухIияб ирс гIун бачIунеб гIелалъухъе щвезабиялда тIад хIалтIулев гIолохъанчи ГIалиасхIаб МухIамадовас.

…КIудияб мажгиталда какалги ран, аскIоб бугеб цо чIурканаб кафеялде ракIарана СултIанмухIамадхIажи вокьулел, гьев лъалев вукIарал, гьесда цере цIаларал гIадамал.

 Данделъи бачана ХирамухIамадица.

Гьес кIалъазе рагIи кьурал МигIарсоса ТIагьахIажияс, Гъодобериса АхIмадхIажияс, Буртунаялдаса АнварбегхIажияс, Дагъистаналъул ХIукуматалъул бетIерасул тIоцевесев заместительлъун хIалтIулев вукIарав Набиюла МухIамадовас, машгьурав спортсмен, жамгIияв хIаракатчи ГIалиасхIаб МухIамадовас ва цогидазги кIудияб рокьи-хинлъиялда бицана Кьохъа СултIанмухIамадхIажиясул гIадилаб гIумруялъул, гьесулгун жидерго рукIарал дандчIваязул, халкъалъе гьесдаса щвараб рухIияб пайдаялъул хIакъалъулъ.

— 2000 соналъул сентябралда ватIалъана нилъедаса Дагъистаналъул исламияв гIалим, кIудияв гIакъил, гIемерал гIадамазе исламияб нур бикьулев вукIарав, свалат-салам лъеяв аварагасул гIелмуялъул ирс босарав Кьохъа СултIанмухIамадхIажи, — ян абуна жиндирго кIалъаялда СултIанмухIамадхIажиясдаса гIелмуги тарбия-лъайги щварав гIалим ТIагьахIажияс.

Жиндирго кIалъаялда гьес рехсана мугIалимасул гIадатлъиялъе, гIаданлъиялъе ва гъваридаб лъаялъе нугIлъи гьабулел цо-цо мисалал.

Хадуб бихьизабуна СултIанмухIамадил хIакъалъулъ документалияб фильм. Дие бокьун буго гьанир рехсезе Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмадхIажи афандияс СултIанмухIамадил хIакъалъулъ абурал рагIаби.

— Дида СултIанмухIамад лъалаан 1970-абилел соназдасан. БатIаго дандчIван, лъай-хъвай гьабунин абизе кканани, дун гIадинав чи нечезе ккеларищха. Нижер рукъалъул агьлуялда жанив гьев хIурматалда вукIана. Дида рагIана Инхоса КIудияс (ГIабдулхIамид-афандияс) абулаанила дов кIалъалеб мехалъ жинда авараг, гIалайгьи свалату ва салам, кIалъалевилан кколилан. Гьес гьедигIанги добе-гьанибе цIачIого, бацIцIадаб гIелмуялъул мурадалда бицунилан, жиндирго нафсалде цIараб жо бицунарилан. Цогиги дица абун тела – нижер округалда, хьиндал кIкIалахъ, досде вахунев чи вукIинего вукIинчIо.

Муфтиясул каламалде тIаде тIокIабги щибха абилеб, гьелдасанги кIудияб кинаб къимат кьолеб Кьохъа СултIанмухIамадхIажиясе?

Гьайгьай, дида-жагьилчиясда кIвезего кIвеларо гьединав гъваридав гIалимасе, жиндир тIолабго гIумру исламияб диналъе кьурав гIабидасе къимат кьезе.

КIикъого сон тIубазегIан хъизан гьабун гьечIо СултIанмухIамадхIажияс, диналда тIадчIеялъе, исламияб лъай босиялъе квалквал гьабизе гурилан.

Дир гIумрудул бицун талихIал лахIзатазул цояблъун рикIкIуна дица Кьохъа СултIанмухIамадхIажиясулгун букIараб цо дандчIвай. Дие рес щвана кIиго-лъабго сагIаталъ гьесулгун гара-чIвари гьабизе, гьесие суалал кьезе. Дун жакъаги гIажаиблъун вукIуна гьесул букIараб гIадатлъиялда. Щиб суал дица кьуниги, гьес гьадин жаваб кьолаан:

— ГIумахан, нилъ гIадинал жагьилал чагIазда щибха лъалеб, гIалимзабаз гьадин абулеб бугоха, — ян. Гьаб макъала лъугIизабизе бокьун буго СултIанмухIамад хведал Харахьиса шагIир МухIамад-Апандица хъвараб назмуялдалъун.

Хвалил хабаралъул хехаб тел бугин,

 Таралищха дуца, СултIанмухIамад.

МагIил гьаракьалъул Кьохъан сас чIванин,

ЧIарабищха дурги сагIат гIадаб ракI.

 Сардил цIвабияли радал тIерхьинин,

ТIерхьарабищха бакъ къалъул гIужалда.

 Къадарали щолин щивав чиясде,

 Чара гьечIев гIалим щай хехго арав?

 Дур калам хIажалъун, хIежалде гIадин,

Духъе рачIунаан, лъихъе ниж инел?

Квачгин цIорой лъарал цIадухъ рещтIунин,

РакIал загIиплъарал лъиде руссинел?

 Унго, бухъарабищ мун лъезеги хоб,

 Хараблъараб дунял, дур гьечIеб пайда.

 Дурги бахчарабищ бахьинаб гьумер,

Мусрудул пардаваз, нужер биццалъи.

 МагIарул ганчIида бикIун те накъищ,

 ЧIухIизе рес бугин дур ирсалдаса.

 Наслабазе гIураб гIелмуги танин,

ГIарабияталде рокьиги кьунин.

 Меседил хIарпаз хъвай хъахIаб ганчIида,

ХъахIаб кагъат гIадаб гIумру букIанин.

ГIаламго къосунеб къарнуялдаги,

 Къуръан рекъолареб къо дуца течIин.

КъотIулареб гIорни ралъдахъе инин,

 Ралъад гIадаб гIелму гIодобищ телеб?

 ГIадамални инин гIалимзабахъе,

ГIалим лъихъе инев ишкал борхизе.

Унго, гьаб халкъалъе къойил чIегIерлъи,

 Къапилаби щола зигара базе.

 Зобалги гIодулеб магIирукъ лъунин,

МагIица биччараб тагIзият ккунин.

 Бесдаллъана гури гьаб Аваристан,

Исламалъул гIалим нуха регIидал.

Ятимлъана гури гьал магIарулал,

ГIелмабазул устар тIупаралдаса.

ТIагIаталда араб гIумру гуребги,

ГIалимал куцанин, кин мун кIоченев.

 Чи кантIизе вагIза гьаби гуребги,

Фатваби хъван тараб таптар киб инеб?

Алжан насиблъаяв, СултIанмухIамад,

ХIужралъун лъугьаги дуй ракьул бусен.

Меседил рухI босун вуссараб лахIту,

ХIалкIолесул нуралъ гвангъаги дуе.

 

 

ГIумахан ГIАНДИЙСКИЙ