ГIелму-лъай борцунел къецал

 

     ГIолохъанал гIалимзабазул ва хIафизазул иргадулал къецал тIоритIана Хасавюрт шагьаралъул СагIидбег Даитовасул цIаралда бугеб исламияб университеталда. Гьезда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса исламиял цIалул идарабазул тIалибаз. Кидаго гIадин, исанаги къецал тIоритIана лъабго бутIаялдеги бикьун: исламияб гIелмуялъул (фикъгьи), Къуръан рекIехъе цIалиялъул (хIифз) ва битIун как баялъул.

 

Къецазда гIахьаллъи гьабуна 270 гIолилас.

Къецазул ахирисеб къоялъ гьениве вачIана шагьаралъул бетIер Коргъоли Коргъолиев, хIурматияв гьобол хIисабалда гьениб гIахьаллъи гьабуна Казбек районалъул бетIер ХIажимурад Мусаевас.

Шагьаралъул бетIерасул цIаралдасан кIалъазе вахъарав шагьаралъул администрациялъул бетIерасул заместитель Ражаб Генжаевас абуна жал рохарал ругила гьадинал къецал нилъер шагьаралда тIоритIулел рукIиналдаса. Гьелъ квербакъи гьабулила нилъ киналго цолъиялъеги цоцада ричIчIиялъеги.

Къецазда гIахьаллъараздаги, гьеб гIуцIараздаги, гьоболлъухъ рачIараздаги ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандил цIаралдасан баркиялъул калам гьабуна гьесул заместитель МухIамад Мангуевас.

Гьединго, данделъиялда кIалъазе рахъарал Ингушетиялдаса муфтиясул кумекчи АхIмад Расуевасги, Казаналъул исламияб университеталъул халкъазда гьоркьосел бухьеназул отделалъул нухмалъулев ОймахIмад Маликовасги, Россиялъул гуманитарияб институталъул ДРялъул филиал НухI-Къади БахIмудкъадиевасги, Чачан Республикаялъул хIукуматалъул департаменталъул директорасул заместитель ИсмагIил Эльмирзаевасги гьаруна гьара-рахьиялгун баркиялъул кIалъаял.

Ахиралда кIалъазе вахъана СагIидбег Даитовасул цIаралда бугеб исламияб институталъул ректор АхIмад ГIабдулатIипов. Гьес бергьараздаги, призалъулал бакIал ккураздаги баркана. Киналниги номинациязул финалалде рорчIаразе щвана нус-нус доллар.

Финалиял къецазул ккана хадур рехсарал хIасилал.

ГIелмуялъул бутIаялда тIоцебесеб бакI ккуна МахIачхъалаялдаса АхIмад ГIисахIажиевас. Гьесие кьуна «Фольцваген-Поло» машина. КIиабилеб бакI ккуна Шамил Багъ- атаровас. Гьесие кьуна ноутбукги 3000 долларги. Лъабабилеб бакI ккурав МухIамад Сайпудиновасе кьуна ноутбукги 2000 долларги.

Гьел ккола шайих МухIамадГIарифил цIаралда бугеб Дагъиста- налъул исламияб институталдаса гIолилал.

Къуръан рекIехъе лъай (хIифз) бутIаялда тIоцебесеб бакI ккуна МухIамад МухIамадовас (Чачан республика, Курчалой шагьар). Гьесие кьуна «Лада-Гранта» машина. КIиабилеб бакI ккурав чачаназул АхIмат-юрт росулъа Салтаев МухIамадие кьуна ноутбукги 2000 долларги. Лъабабилеб бакI ккурав, шайих МухIамад-афандил цIаралда бугеб Къуръан цIализе малъулеб мадрасаялъул вакил ГIамир МухIамадовасе кьуна 1000 доллар.

Как битIун баялъул бутIаялда тIоцебесеб бакI щвана МухIамад Шахилаевасе. Гьесие кьуна Къуръанги 2000 долларги. КIиабилеб бакI ккуна МухIамад ГIалижановас. Гьесие щвана 1500 доллар. Лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Аюб Нуралиев (1000 доллар).

Гьел киналго ккола Казбек районалъул Гуни росулъа, СагIидафандил цIаралда бугеб мадрасаялъул мутагIилзаби.

Ниязбег Алмахъский