Къуръан цIализе рес гьечIин багьанаби ратуге

 

 

    Лъималазул хасият буго эбел-инсудаса, сверухълъиялдаса мисал босулеб. Канлъи бихьуларел гьитIичазин абуни, квераз кващун, сверухъ бугелъухъ гIинтIамун лъазабула дунял. Гьебги лъазабула кверзул тIогьиса килщазул кумекалдалъун. Канлъукъаб лъимералъе дунял гвангъизаби, гьеб гIадатияб гIумруялде буссинаби, аслияб къагIидаялъ, эбел-инсуда бараб буго. Цояз гьел жидедаго рараллъун гIезарула, цогидаз хIаракат бахъула гьединаб лъимер гIадатияб гIумруялде ругьун гьабизе. Канлъукъаб лъимер гIезабулеб бусурбабазул хъизамалда абуни, гьеб масъала жеги захIмалъула. Щивав бусурманчиясе бокьула жидерго лъималаз Къуръанги цIализе исламалъул кьучIалги лъазаризе. КIалалъ абун малъун гурони, Къуръан цIализе гьанжелъизегIан рес букIинчIо канлъукъал дагъистаниязул. Исламияб лъай щвезе бокьарал канлъукъал гIадамал ине кколаан цогидал республикабазде яги къватIисел пачалихъазде. Гьедин букIана лъабго соналъ цебе МахIачхъалаялда канлъукъазда Къуръан цIализе ва исламиял кьучIал малъулеб «ИхIсан» центр рагьизегIан.

 

   Канлъукъал гIадамазда Къуръан цIализе малъулеб ва светияб лъай кьолеб центр рагьана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил хIаракаталдалъун. «ИхIсан» беццазе ва канлъукъазе цIалулгун реабилитациялъулаб централъул директор ПатIимат ХIамзатовалъ бицухъе, республикаялда гьединазда Къуръан цIализе малъулеб бакI ва тIахьал гьечIин абун, кумек гьарун рачIунаан гIадамал диниял идарабазде. ПатIиматил хъизамалдаги буго беццаб ва канлъукъаб кIиго лъимер. Лъимал гьитIинаб къоялдасаго ХIамзатовазул хъизамалъ яхI бахъулаан гьел гIадатияб гIумруялъулъ гIахьал гьаризе, гьезие лъикIаб лъай щвезабизе. Лъималазул талихIалъе гIоло гьез гIумру гьабулеб бакIги хисана, беццазда бичIчIулеб къагIидаялъ Брайлил шрифталда хъвадаризеги цIалдезеги лъазабуна. ПатIиматил бетIергьанчи МухIамад ккола предприниматель. Гьесги квербакъула гьеб жавабияб хIалтIуе. Нижергун ккараб гара-чIвариялда ПатIиматица бицана центр рагьиялъул, беццал ва канлъукъал гIадамаз Къуръан цIалиялде кьолеб кIваралъул, Адыгеялдаса хъизам-лъималгун Дагъистаналде гочиналъул хIакъалъулъ.

 

«Эбелалъул школа»

 

ПатIимат ХIамзатова ккола Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъа. ДГУялъул социалияб факультетги лъугIизабун, росгун цадахъ гьей Москваялде гочана. Махщалида рекъон хIалтIизеги инчIо. Лъимал гьарун хадуб, гьезул тIалабалда чIана.

— ХIалтIизе бакI щун букIаниги, лъимерги рехун тун ине рес букIинчIо. Дун хIалтIизе ун йикIарайани, лъимерги нахъе кколаан. Гьадингоги канлъи бихьуларев вас, дир кумекалде ккарав вукIана. Хадуйго ясги канлъукъай гьаюна. Киналго лъималаз эбел-инсухъги ралагьун, гьезда хадуб такрар гьабула. Канлъукъал лъималаздаян абуни эбел-инсуца гьабулеб жо бихьуларелъул, такрар гьабун бажаруларо. Гьеб мехалда гьел нахъа хутIула. Гьединал лъималазда кинабго жо малъизе ккола. Кваназе, ретIел ретIине ва цогидабги. Гьабулебщинаб бицинеги ккола гьезда. Нилъеда сверухъ кколебги бихьулебги кинабго рагIун абизе ккола, — ян бицана ХIамзатовалъ.

Лъимал кIудиял гIунагIан гьезие гIадатияб къагIидаялда хьвада-чIвадизе гуребги, исламалъул кьучIалги, Къуръан цIалиги малъизе хIаракат бахъана ХIамзатовазул хъизамалъ. Лъималазе лъикIаб лъай кьезе бугеб гъираялъ ПатIимат цIализе лъугьана Герценил цIаралда бугеб Россиялъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул деффектологияб лъай кьеялъул ва реабилитациялъул институталде. Ахирал соназда ХIамзатовазул хъизам Адыгея республикаялъул Майкоп шагьаралда гIумру гьабун букIана. Гьениб канлъукъал лъималазул школалда учительлъун хIалтIулей йикIана ПатIимат.

— Хъизамалда кIиго канлъукъаб лъимер хьихьизе бигьаяб иш гуреблъи бичIчIула. Гьелде тIадеги, гьединалго лъималазе лъай кьолеб жавабияб хIалтIиги тIаде босун буго. Росас кин гьеб иш къабул гьабулеб?

— Лъималазе лъай ва тарбия кьеялъулъ росас кидаго квербакъула. Гьес цIехон батараб «Эбелалъул школа» абураб гIурусазулгун украиназул проекталда рекъон, тIоритIулел дарсаздеги хьвадулаан ниж вас гьитIинаб мехалда. 2014 соналда политикиял хиса-басияздаса хадуб, гьеб проекталда гьоркьоса Украина нахъе ана. Гьеб проекталда рекъон, 3-7 сон барал, канлъи бихьуларел лъималазул эбел-эмен куцалаан гьезие тарбия кьезе, хьихьизе. Нижгун хIалтIулаан психологал ва цогидалги специалистал.

«Эбелалъул школалда» нижеда малъулаан гIумру гьабиялъул аслиял жалазде канлъукъал яги нилъер кумек хIажатал лъимал кин ругьун гьарилелали. Канлъукъал лъималазе дандекколедухъ рокъоб къайи кин лъелеб, кинал расанкIаби гьезие росизе кколел, кин ретIел ретIине малъилеб, кин гьел кваназарилел ва цогидабги малъулаан гьениб.

— Адыгеялдаса ВатIаналде тIад руссиналъе гIилла щиб ккараб? 

— КIудияв вас школалде ине заман щведал, росас дида абуна канлъукъал лъималазе кинаб школа лъикIаб бугебали халгьабизе ккелин ва гьезие лъай кьезе ккани мунгоги цIализе кколин. ЦIализе унелъул муфти АхIмад-афандиясда дандбазе ун рукIана ниж. Гьеб лъикIаб иш бугин абуна гьес. Нижер кIиябго лъимерги канлъукъаб букIин лъалаан муфтиясда.

Хадуб, лъимал кIудиял гIунагIан, гьезда гIадатияб къагIидаялда хьвада-чIвадизе гуребги, исламалъул кьучIал ва Къуръан цIализе малъизеги бокьун букIана нижее. Нижерго лъималазе лъай кьеялъе, гьел церетIеялъе гIоло гIемерал соназда гьабураб хIалтIи, хадубккун цогидал лъималазеги пайдалъун ккана. Майкопалда канлъукъал лъималазул школалда хIалтIулей йикIарай дун ахIана гьание беццазе ва канлъукъазе цIалулгун реабилитациялъулаб централда хIалтIизе. ЯчIинахъего директорлъунги тана. Гьале лъаб­абилеб цIалул сон лъугIулеб буго дица централъе нухмалъи гьабулеб бугелдаса.

Брайлил къагIидаялъ цIализе байбихьилалде цебе, гIемераб хIалтIи гьабизе ккола лъималазулгун. Цин квераз кващун лъазабиялъул къагIида хIалтIизабула. Нижехъе, гIемерисеб мехалда, цIализе рачIуна яслиялде хьвадичIел, кверал чуризецин бажаруларел лъимал. Гьезул бакIалда кинабго улбуз гьабулеб букIиналъ, гьел ругьунлъун ратуларо рукIа-рахъиналъул гIадатиял къагIидабазде. Гьеб кинабго нижеца малъизе ккола.

Хадуб, кващун цIалулеб алфавит малъула гьезда. ТIаде цIутIизарун хъварал тIанкIазул шрифт ккола гьеб. ЦIализе малъулелъул, гIисинал маххул гарал жанир лъезе бегьулел ячейкаби ругеб алат хIалтIизабула. Хадуб хасаб алаталдалъун хъвадаризе малъула. ТIахьазда хъван рукIуна кверзул тIогьиса килщал кващун цIалулел тIаде цIутIарал тIанкIал.  Гьединлъидал Брайлил къагIидаялъ хъварал тIахьал рукIуна чIахIиял. Брайлил шрифталда хъвараб Къуръаналъул анлъго тIехь гIола. Жакъа Къуръан цIализе санагIалъи гьечIилан багьанаби ратизе рес гьечIо я канлъукъазе, я гIинда бакIазе, я гIадатияв чиясе.

— Республикаялда ругел канлъукъазе рагьарал цIалул идарабаздаса батIияб жо щиб бугеб централъул?

— Школалде хьвадулеб ригьалъул лъималазда, рикIкIадасеб къагIидаги хIалтIизабун, малъула гIаммаб лъай кьеялъул киналниги дарсал. Гьелде тIадеги — исламалъул кьучIал, как битIун баялъул къагIида, Къуръан цIализеги малъула. Централде цIализе росула 6 сон баралдаса нахъе. 18 сон баралдаса бокьараб ригьалъул гIадамазда малъула иман-ислам, как базе, Къуръан цIализе. Гьединго «ЛъикIал тIабигIатазул ах», «Мухтасар», «Усулюдин», «ХIа­дисул къудси», «ГIараб мацI», исламалъул ихтияр (право), «Тафсир» абурал дарсалги малъула гьезда. Щуго соналъул цIалул программа гIуцIун буго централда чIахIияб ригьалъул канлъукъазе.

ТIоцебесеб соналъ гьел ругьунлъизе ккола цIалдезе. КIиабилеб соналъ анцIго Жуз рекIехъе лъазабизе ккола. Лъабабилеб ва ункъабилеб соназдаги анцI-анцI Жузал рекIехъе лъазаризе ккола. Щуабилеб соналда гьеб кинабго такрар гьабула ва тафсир малъула.

Исана цIалул лъабабилеб соналда жаниб цIалдолезда гьоркьор анцIго Жуз рагIалде щвезегIан рекIехъе лъалев чи гьечIо. Бихьулеб буго гьеб кинабго программа щуго соналда жаниб лъазабун бажарулареблъи. Канлъи бугев чиясда дандеккун канлъукъазе кIиго нухалъ цIикIкIун заман къваригIуна щиб бугониги лъазабизе.

— ЦIалун лъугIидал гьел щаллъун рахъунел? МагIишат гьабиялъе махщел щолищ канлъукъазе?

— Гьанир цIалулел студентазул аслияб мурад буго хIафизаллъун рахъин. Гьединго централда рагьун буго массажалъул ва компьютералъул курсал.

ТIоцебесеб цIалул соналъ нижеца чIахIиял канлъукъал цIалдохъабазе Къуръан цIалиялъул курсал рагьун рукIана. Карантин лъуралдаса хадуб, чIахIияб ригьалъул цIалдохъаби къабул гьаричIо. Школалъул ригьалъул цIалдохъаби гурони цIалулел гьечIо. Гьезул цIалуе квалквал ккеларедухъ гIуцIун буго кинабго.

ГIисинал лъимал Къуръан цIалун лъугIизегIан цIализарула централда. Гьелдаго цадахъ школалъул программаги (светияб) малъизе квербакъула. Гьезда рикIкIадаса цIализе малъулелъул, цIалуе хIажатаб кинабго техникаги тIахьалги чIезарун руго централъ. Гьелде тIадеги, гIисинмаххазул тIагIел гьабизе, угьаризе, хьухьаризе, компьютер лъазабизе ва квен гьабизе малъула.

ГIемерисеб мехалда Кисловодскиялъул колледжалде массажисталлъун цIализе уна канлъукъал абитуриентал. ДГПУялъул хасаб лъай кьеялъул (деффектологиялъул) кафедраялда ва Герценил цIаралда бугеб университеталда цIалула канлъукьал студентал.

— Централъул чан чи къабул гьавизе рес бугеб?

— ГьабсагIаталда цIалулев вуго ункъо вас. Микьго васасе бакI буго гьаниб. Микьго ясги йиго цIалулей. 16 яс къабул гьайизе бакI буго. Дагъистаналдаса гурелги улкаялъул батIи-батIиял бакIаздасаги рачIуна гьанире цIализе. Центр рагьаралдаса гьанир цIалулел рукIана ислам босарал Омскиялдаса ва Казаналдаса гIурус руччабиги. Гьезул цоялъул 69 сон букIана. Централда цIализарула чIобого, квенги киналго алаталги кьола чIобого.

— Лъица хьихьун бугеб центр? Ругищ гьанир цIалдолезе хIажатаб къайи, ресал?

— Централъул тIалаб гьабула ДРялъул муфтияталъ. Гьез кинабго хIажатаб къайиялдалъун хьезабула центр. Канлъукъазе цIалдезе, хъвадаризе, компьютералда нахъа гIодорчIун хIалтIи гьабизе хIажатаб кинабго чIезабун буго гьаниб.

Улкаялда къайи хира гьабилалде цебе босун букIана канлъукъал компьютералда нахъа гIодорчIун хIалтIизе рес кьолеб алат (Брайлил дисплей). Гьелда тIад руго Брайлил шрифтги цогидал хIажатал кнопкабиги. Гьеб алаталъул кумекалдалъун гьезухъа килщаз кващун тIахьалги, батIи-батIиял сайтаздаса макъалабиги цIализе бажарула. Гьединаб ункъо алат буго централда. Лъималаз рикIкIадасеб цIали компьютеразул ва гьеб дисплеялъул кумекалдалъун гьабула. Компьютералдаса хIажатаб текст Брайлил шрифталдеги буссинабун кагътида бахъулеб принтерги буго нижер.

ЦIалдохъабиги кидаго тIахьазде къулун рукIунелъул, мугъзагьод гьетIиялъул захIмалъаби гIемер дандчIвалел руго. Гьединлъидал «Инсан» фондалъ централъе босана массаж гьабулеб креслоги. Киналго шартIал чIезарун руго канлъукъазе исламияб ва светияб лъай кьеялъе.

— Сордо-къоялъ гьанирго гIумру гьабун ругел цIалдохъабазда гьеб чIалгIунарищ?

— Гьел гIадада чIун рукIунарелъул, чIалгIунаро. Радалго малъула Къуръан. Хадуб квен кьола. Рамазан моцIалъ киназго кIалалги ккола. Кванан хадуб школалъул дарсал байбихьула. Гьелдаса хадуб къаде как бала ва кваназарула. Макьилги низам цIунула. Гьелдаса хадуб щивав цIалдохъан уна жидецаго тIаса рищарал курсазде. Цинги, къаси сагIат анкьго тIубазегIан цIидасан Къуръан цIалиялъул дарсал рукIуна.

Нижер цIалдохъаби хьвадула тIадагьаб атлетикаялдеги. Канлъукъал лъимал рекерула канлъи бихьулелгун цадахъ. Щивав канлъукъасда цадахъ вукIуна цо-цо канлъи бихьулев чи.

— ЦебегIанго рагIун букIана ДРялъул гIолилазул ишазул министрасул заместитель ПатIимат ГIумаровалъ нужее Президентасул гранталъе гIоло проект хIадуризе кумек гьабулеб бугин абун. Щиб ккараб гьелъул?

— Гьеб букIана дица гIуцIараб «Стирая границы» абураб проект. Гьелъул мурадги буго жидедехун кIвар кьезе кколел, жидер кумекалде хIажатал канлъукъал гIадамалги жидеда сверухъ рукIин гIолеб гIелалда бичIчIизаби. Документал ракIарун рахъинчIого, гьеб нахъ бахъана. Исана цIидасан хIадурлъи гьабулеб буго.

Мажгит ва центр гIуцIараб район ккола беццазулин абулеб. Гьаниб аскIобго буго канлъукъал гIадамаз гIумру гьабулеб гIемертIалаял минабиги. Гьел хIалтIулеб цехги буго аскIобго. Гьаб районалда мажгитги Хархаровас, беццазул гьариялда рекъон, бан букIана. Гьаниса гIемер рикIкIад гьечIеб бакIалда буго канлъукъал цIалдохъабазе школа-интернатги. АскIобго буго гьезул клубги. Беццазул клубалъул гIахьалчагIаз нижер централъул цIалдохъабазе батIи-батIиял курсалги тIоритIула.

— «Эбелалъул школа» гIадаб проект Дагъистаналдаги гIумруялде бахъинабизе ракIалде ккечIищ? Нилъер ракьцоязул рес бугищ жидерго канлъукъал лъималазда гIумру гьабиялъе хIажатабщинаб малъизе?

— Гьанжесел гIалимзабазги психологазги абула лъимер гьабилалде цебе хIадурлъи гьабизе кколин лъимадуе тарбия кьезейилан абун. Цогидаздаса батIияб лъимер гьабураб мехалъ эбел-инсуда тIаде кколеб буго жеги цIикIкIараб жавабчилъи. Гьединлъидал лъимер цебетIезе ккани, канлъукъазул школалде яги централде цIализе ритIизегIанги эбел-инсул рахъалдасан рокъосанго букIине ккола хIадурлъи.

ГIадатияб лъимадулго гIадин, кан­лъукъаб лъимадулги буго щибаб ригьда лъазе кколеб хьвада-чIва­диялъул къагIида, ругьунлъизе кколеб жо. «Эбелалъул школа» проекталъин абуни 3-7 ва 16-20 сон барал канлъукъал лъимал куцазе малъула. Анкьго сон баралдаса 16 сон базегIан ригьалъул лъималгун хIалтIиялъе кумек букIинчIо «Эбелалъулаб школа» абураб проекталда рекъон.

Дун гьеб проекталъул гIуцIару­хъаналде аскIое ана, 7-16 сонил ригьалъул лъимал гьоркьор щай хутIизе кколелин абун гьикъизе. Гьелъ абуна гьеб хIалтIи гьанже дуцаго тIаде босеян.

Гьеб проект гIуцIиялъул иш гьоркьоб хутIана Дагъистаналде тIад руссиндал. Амма гьелда тIад хIалтIизе ракIалда буго.

 

ХадурагIи

 

Нижер накъиталъухъ гIенеккун чIалгIарай ПатIиматил яс, 10 сон барай Салима цо заманалда лъугьана жинцаго цIалулеб букIараб тIехь балагьизе. Испаниязул хъвадарухъан Мигель Сервантесил «Дон Кихот» цIалун лъугIулеб бугин, гьеб лъугIидал «Король Артур и рыцари круглого стола» абураб тIехь бугин цIализе иргаялдаян бицана гьелъ. Бищунго бокьулеб асар цIехедал, гьел гIемер ругин, амма бищунго вокьулев автор Кыр Булычев вугин бицана Салимаца. БатIи-батIиял авторазул тIахьазул ва гьезул аслиял бахIарзазул бицуней Салимахъ балагьун хутIарай дун, централъул цогидал цIалдохъабигун лъай-хъвай гьабизе ахIана ПатIиматица. КIарччанго, цин эбелалъул кабинеталъуе лъугьун, цинги централда хIалтIулезулгун накъиталда тана Салимаги. Беццазул библиотекаялъулгунги гьоркьоса къотIичIого бухьен букIунин, лъималазе хIажатал тIахьал гьениса росулин бицана ПатIиматица.

Ниж тIоцере раккараб кабинеталъув дарсал гьарулев ватана Салимал кIудияв вац, 14 сон барав Рамазан. Школалъул рикIкIадаса малъулел дарсазул заман букIана гьеб. Цогидал цIалдохъабиги ругоан дарсазде машгъуллъун. ЦIалул программаялдаго цадахъ Рамазаница Къуръанги рекIехъе лъазабулеб буго. Къуръан цIалиялъул ва рекIехъе лъазабиялъул рахъалъ республикаялъулал ва бакIалъулал къецазда призалъулал бакIазе мустахIикълъана Рамазан. Канлъукъал руччабазда гьоркьоб «Къуръан цIали ва исламалъул кьучIал» къецалда тIоцебесеб бакI ккуна Салимацаги.

Майкопалда цIалулелъул, Олимпиялъул резервалъул школалде, дзюдоялде ва тIадагьаб атлетикаялде хьвадулаан Рамазан. Гьенир щварал гIемерал медалалги руго гьесул.

Централда цIалулел, лъаялъухъ гIащикъал гьитIичал рихьаралдаса нахъе дица диего кьолел суалал лъугIулел гьечIо. Щай нилъеца Къуръан цIали, цIияб лъай щвезаби нахътIамун толеб? Щай нилъеда Аллагьасе щукру гьабизе кочIонеб? Заман гIолеб гьечIин, сахлъи загIиплъун бугин абун щай нилъеца багьанаби ратулел?

 

ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА