ШаргIалъул наибзаби гьаб дуниял тун индал…

 

ГIедегIун кIетIолеб буго гIумрудул сагIат. Къоял сардаца хисун, сагIтал минутаз рикIкIун, «къиркъидулеб буго къарнудал каву». РахIат гьечIеб гIасруялъул вакилзаби лъугьана нилъ.

 

Замана-техтеро, гъугъадулеб зоб…

 

  «Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал, Хваралги ракIалде щун шигIруялда кIалъазин», — абун хъвана Игьалиса Чупалас нусгоялдасаги цIикIкIун соналъ цебего. ГIасругун бащадалъ цере хъварал рукIаниги, гьел мухъал лъугьана жакъасеб нилъер хIакъикъат жанисан бихьулеб матIулъун, пашманлъиялде рагьулеб кавулъун. Аралъул хIисабги гьаб дунял тун арал рухIиял церехъабазул пикруги гьабизе нилъ тIамулеллъун руго шагIирасул гьал мухъал.

   Абухъего, хараблъун буго магIарухълъи, имамзабиги тIагIун, гIалимзабиги ракьулъе ун, рухIиял церехъабазда тIад къаналги чIван. Гьаб ракьалда нилъ хутIун руго цо къиматаб хазинаги билун, гьеб балагьулел пашманал лъимал гIадин.

  Щай дица гьабгощинаб жо хъвалеб бугебилан ракIалде ккезе бегьула нужеда. Халатаб цеберагIиги нужее цIалкIун, цо пашманаб темаялде нуцIа щай дица рагьизехъин бугеб?

Республикаялдагун дунялалда кколел ругел хIалуцарал лъугьа-бахъиназда хадуб хал кколелги рукIун, цо лъикIав чиясул хIакъалъулъ нужее бицине кIочон батана араб номералда. Дица бицунеб буго рахIимукуллагь, бергьарав гIалим, Бакълъухъа ГIабдулгъапурил ГьитIинамухIамадил.

23 марталда 10 сон сверана гьев шагьидлъаралдаса. Буйнакскиялъул аслияб мажгиталде рогьалил какде унев гьевги гьесулго росулъа гIолохъанчиги кьвагьизавуна исламалъул тушбабаз. Ахираб 2030 соналда жаниб гьел жанавараз анцI-анцI чи кьвагьизавуна. Гьеб ракIгъанцIизабулеб статистикаялде, гIадатияб жоялде гIадин, ругьунлъун ана нилъер гIумру.

10 сон сверана ГIабдулгъапурил МухIамад шагьидлъаралдаса. Амма гьеб анцIабго соналда жанибги хутIа-хутIарабги квешлъун, гIассилъун гурони, дуниялги заманаги лъикIлъичIо.

РахIимукуллагь, ГIабдулгъапурил МухIамад гьавуна 1960 соналъул 12 февралалда Шамил районалъул Бакълъухъ росулъ, гIелмуялда гIамал рекъарав гIалимчи, лъикIав мурид, Абдалил МухIумил ГIабдулгъапурил хъизамалда. МухIамад, эбелалъул ургьив вукIаго, Бакълъухъа СагIдухIажиясул МухIамадафандияс (къуддиса сирругьу) ГIабдулгъапурида абун буго: «Мун хъизанги ячун жеги устарасухъе инчIого щиб гьабулев вугев?» — илан. Устарас малъарабги гьабун, нахъисеб къоялъ радалго Лъахъа ХIамзатафандиясухъе уна ГIабдулгъапурил МухIамадил эмен.

МухIамадида гьитIинго Къуръан малъана инсуца. Дин гьукъарал со- налги рукIун, магIарулазул цогидал росабалъго гIадин, Бакълъухъги балъго балаан рузманалъул как ва цIалулаан хатму-салават.

 Гьеб кинабго тадбир ГIабдулгъапурил бетIерлъиялда гъоркь гье- сул рокъоб букIунаан. ГьитIинав чи вукIаниги, МухIамадицаги гьеб кидаго гьоркьоб толароан. Лъимерлъудаго ГIабдулгъапурил МухIамад вукIана гIажаибго тирияв, квер хехав, векеризе, кIанцIизе гьунар бугев чи.

 

 

Устарасул файиз рекIелъе тIурав

 

Жеги гьитIинав чи вукIаго, МухIамад инсуца гIемер витIулаан Бакълъухъа КIудиясухъе къваригIелалъ.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе СагIдухIажиясул МухIамад-афандиясухъ паналъарав, хIакъикъияб рокьиялъ гьев вокьулев ва сундулъго гьесда релълъине хIаракат бахъулев чи вукIана ГIабдулгъапурил МухIамад.

Цо къоялъ Бакълъухъа КIудияс ГIабдулгъапурида абун буго гьав вас назру гьабун жиндие кьейилан. Кьунилан ГIабдулгъапурицаги абун буго. Бакълъухъ росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, 1978 соналъ Буйнакскиялъул махщалил учили- щеялде цIализе уна ГIабдулгъапурил МухIамад. Амма цIалиги багьана- де ккун, хIакъикъаталда МухIамад вукIана гIелму цIализе къватIиве вахъарав чи. СагIдухIажиясул МухIамад-афандиги доб мехалъ гIумру гьабун Буйнакскиялда вукIана. КIудияс гIумру гьабун жиндирго рокъов тана гьев.

1979 соналъ СагIдухIажиясул МухIамад-афандиясда дандги бан байбихьана ГIабдугъапурил МухIамадица гIелму цIализе ва гьелдаса нахъе гIелму цIали гьоркьоб къотIизе течIо гьев хIикматав инсанас. Буйнакскиялдаса росулъе нахъ- вуссиндал, КIудияс МухIамадида абуна: «Малъун гурони, цIалун гIелмуги щоларин, гьанже дудаго лъараб жо цогидаздаги малъе», — йилан. Гьеб букIана 1984 сон. Гьелдаса нахъе динул-исламалде рокьи бугелщинал гIолилалги данде гьарун, гьезда балъго дарсал лъезе байбихьана ГIабдулгъапурил МухIамадица. 1988 соналдаса нахъе гьесул рокъоса гIелму цIалулел гIолохъаби камичIо.

Цере цIалараз хадур рачIунезда малъун, анлъго-анкьго соналда жа- ниб гIелмуялъе гьунар бугел мугIалимзаби гIуна Бакълухъ ва 1990 соналъ гьениб мадраса рагьана. Гьелдаса нахъе шагьидлъун живго хвезегIан, 30 соналъ гьоркьоса къотIизе течIого тIубазабуна ГIабдулгъапурил МухIамадица Бакълъухъа КIудиясул амру.

КигIан мутагIилзабаз цIураб рукъ бугониги ва къасиги къадги гьезда гъорлъ вугониги, ГIабдулгъапурил МухIамадица рогьалил как базегIан устарас жиндихъего кьураб вирд течIо. Бакълъухъа СагIдухIажиясул МухIамадие цIакъ хирияв инсанги вукIана гьев. Гьев мубаракас абулаан цо гIайиб бугин ГIабдулгъапурил МухIамадида – гьев цохIо вукIин.

ХIакъикъаталдаги цохIо гурони вукIинчIолъиялъ гIолев вукIинчIо гьев тIубараб республикаялъего. Исламалъул «хехаб кумекилан» цIарги лъун, къокъаб заманалда жанив анцI-анцI росабалъе, шагьаразде витIулаан гьев муфтияталъ. ВитIулаан бищун хIалуцараб ахIвал- хIал бугеб, исламалде гIадамал ахIизе хIажалъи ккараб бакIалде.

 

 

Дунялалъул рахIат дуца цIехечIо

 

 

Гьабулеб минаялъул тIохги жиб- го тун ана гьев баракатав гIалим КIаратIе хIалтIизе. Инеги, багъ- арун букIараб цементалъул рас- творги лъугIизабун, рокъовеги ун ретIелги хисун, дунял рукIкIунеб гIужалъ ана. Бакълъухъа КIаратIеги, КIаратIаса Бакълъухъеги кигIан цIорораб хасалоги лъелго хьвадулев вукIун вуго гьев. Накалде бахунеб гIазулъан нухги бахъулаго, мугIрул къотIун хьвадана гьев анкьго со- налъ. ГIахьвалазул цIорорал мугIруз ккезабунин жинда гьуъруздаги бох- дуздаги унтиян абулеб букIун гьес нахъа.

АнсалтIа, КIаратIа, Нечаевка, Гъизилюрталда, Генуб, Кокрекалда, Балахьуниб, Дилим, Хунзахъ, ГьоцIалъ, Буйнакскиялда — гьев щвечIевги гьес гIелму малъичIебги росу-ракьго хутIанадай республикаялдаян ккола цо-цо мехалъ, хIисаб гьабидал. Гьеб киналдаго гьоркьоб, бокьараб росулъ ялъуни шагьаралда гIалимзабазул мажлисазде, мажгит рагьулеб бакIалде инеги батулеб букIараб заман гьесда. Гьенир гьарурал, цоялдаса цоял камилал, ракIалдаса унарел гьесул кIалъаял. Щибаб хIарп рекIелъе бортуледухъ гьарулел вагIзаби. Аллагьас гIажаибаб, жиндирго нияталда рекъараб къуват кьун букIана гьев мубаракасе. Киве щваниги данделъаби гьарун, мажлисал гIуцIун, дарсал цIалун цо лахIзат гIадада ине биччачIо гьес гIумруялъул ахиралде щвезегIан

Гьединав чи вукIана рахIимукулллагь ГIабдулгъапурил МухIамадхIажи. Гьесул даражаялъул гIалимчи жакъа нилъер республикаялда гIемер гьечIолъи хIакъаб буго.

Азарго соналда жанив цо нухалъ вахъунев, къанагIатаб гьунаралъул чи вахъана гьесул. Нилъер заманалъул Имам Гъазалиян абизе бегьила гьесда. Гьес киданиги кодоса биччалареб тIехь букIана Гъазалиясул «ИхIяъал» абураб машгьураб тIехь. Шагьидлъараб къоялъги гьеб букIана МухIамадихъ кодоб. Рогьалил какдаса хадуб кидаго гьеб мажмугI цIалулеб букIун буго гьес гIадамазе.

Муфти СайидмухIамад-хIажидаса байбихьун, цояв цоясдаса берцинаб тIабигIаталъул гIалим камуна нилъее. Гьез цадахъ босун араб гIадин гьаб ракьалдаса дагь-дагьккун лъугIулеб буго берцинлъиги, лъикIлъиги, баракатги, адаб-хIурматги. РакIбохизабулеб хабарго рагIулеб гьечIо.

ХIамзатил Расулица абухъе: «Росулел кверазулъ, цебе букIинчIеб, рекIелъе лъугьунеб хинлъи дагь буго». Хинлъи дагьлъулеб буго ракьалдаса. «РакIалдещвеязул щенон балеб цIадалъ» риччизарун, цере рукIарал лъикIал гIадамазул бицун, рекIее парахат гьабулел хутIун руго нилъ.

 

 Ашахан Юсупов