Аятаз гурони сахлъуларел гIузраби

 

  Нилъее балъгояб жо гуро Аллагьас инсанги, малаикзабиги ва женалги рижун рукIин. Жундузда кIола инсанасул чорхолъе лъугьинеги. Кинха гьездаса цIунилел? Щиб нилъеда лъазе тIадаб бугеб? Ва кин гьел чорхолъа инарилел? Гьел суалазе баян кьезе кумек гьабуна Къуръан цIалун гIадамал сах гьарулев Будунов МухIамадхIабибил кумекчIужулъун хIалтIулей МухIамадова ГIаишатица.

— ГIаишат, Къуръаналъухъ гIенеккизе нужехъе рачIунел руччабазул гIарз сунда тIасан букIунеб?

   — Щияй кIиабилей чIужугIаданалъул гIарз буго рокъой росас къварид гьаюлей йигин абун. БукIинчIеб бакIалдасан хъизамалда дагIба цIикIкIин, тIаде руччаби рачин, щаян абуни, камулел гьечIо гьезул гьоркьоблъи хвезабулел цоги руччабиги. Цо чи берцин вихьани, масала, цо-цо чIужугIадан, сундухъго балагьичIого уней йиго «балъголъи лъалел чагIазухъе». Гьез женал мукIур гьарулел руго жидерго макрабазде. Масала, гьев чиясул ретIунеб ратIлил чIорто, рас, малъ, кун-квар, гьездаса гьарулел руго гIакълу сверизабулел жал, ракьулъ рукъун, бакI-бакIалда лъун ва гь.ц. ЦIакъго зарал цIикIкIараб ккола кваназе ва гьекъезе рокьукъаб жо кьей. Цинги рос лъугьуна лъадудехун хъачIав, рокъове вуссине бокьуларевлъун, бербалагьи дагьавлъун, ай гьев тIуванго хисула. Гьел гIадамазухъе арал ва гьезул палазда божарал чагIиги къосуна ва ширкалде ккола.

— Къуръан цIалиялъухъ гIенеккизе рачIунел руччабазулищ цIикIкIараб къадар бугеб, бихьиназулищ?

   — Дун хIалтIизе байбихьаралдаса буго лъабго сон. Гьеб заманалда жаниб къойидаса къойиде цIикIкIана руччабазул къадар. РачIуна рикIкIадал районаздасаги, шагьараздасаги, гIисинал-чIахIиял батIалъи гьечIого. Щай гIемерлъулел ругел руччаби? Щайгурелъул букIине кколедухъ исламалъул рукнаби тIуразарунгутIиялъ, лъазе тIалаб гьабунгутIиялъ. БитIун бицани, гIемер рачIуна бетIер, рас церелъурал, малъал релъарал, къаркъала бахчизе кколеблъицин лъаларел, как баларел руччаби. Ясаз, руччабаз социалиял гьиназда суратал лъеялъулги буго кIудияб зарал, масала, берккей, сураталда балагьун сихIру гьаби. Тохго чIаразда гьеб унти цIакъ хехго ккола. ХIатта цIунакъараздацин ккезе рес буго унти, нагагьлъун тохлъизе чIани.

— Кин лъалеб инсан женалъ ккун вугеблъи? Медицинаялъ щиб абулеб гьелда?

   — Гьеб загьирлъула как ахIулеб яги Къуръан цIалулеб рагIидал, инсан хIал хисун лъугьиналдалъун. Гьесие захIмалъула гьеб хIехьезе, гьев ахIдола, гIодула, велъула, гьаркьал гьарула, цо-цояз гIодоб бакI бухула, хIатта гIакълуялдасагицин уна.

Медицинаялда гьеб лъазе кIоларо, нилъеда рагIана чанги абулеб, хал гьабунила, щибго батичIилан. Амма щибго лъазе кIвечIониги, инсанасулъ ратула, дараби кьуниги, гIодобе ккезабизе кIолареб цIа-кан яги цоги санагIалъи гьечIел, нилъ хадур гъоларел гIаламатал унтаби. Гьеб кколаха женазул руккалилъе ккей.

— Кинаб батIалъи бугеб бер ккеялда ва женаз кквеялда гьоркьоб?

   — Бер ккуразул рукIуна гьадинал гIаламатал: Къуръан цIализе байбихьидал, гьезул магIу чвахула, бетIер унтизе ва сверизе байбихьула, жанисан каранда хIалуцин багъарула, рекIел кьаби хехлъула, гьакIкIадизе, гIодизе журала, мугъзада ва каранда хIенсолеб гIадинаб унти байбихьула. Гьеб кинабго унти тохтурзабазухъа диагноз лъун бажаричIони, гIемерисел рачIуна нижехъе ва, цIалидал, загьирлъула сундаса гьеб бугебали. Бер ккола ракI чIегIерав чиясул рос-лъадул берцинаб гьоркьоблъи бихьидал. Гьединлъидал лъикIаб буго цоцазул лъикIал гIамалал рахчун тезе, цоцаца цIунизе, тIадаб буго цIодорго рукIине.

    Бер букIуна жахIда цIикIкIун, чи рихун, ракI чIегIерлъун кколебги. Гьединго бер букIуна берцин рихьун, чIухIи-пахрулъи рекIелъе бачIун кколебги, масала, эбел-инсул лъималазда кколеб гIадин. Эбел-инсуда жидер лъимер цIакъго берцин бихьулелъул, гьезул берги букIуна гьелдаго рекъон захIматаб. Нилъер Аварагас (с.гI.в) абун бугелъул «Ахир заманалда жиндир умматалъул цIикIкIарасел гIадамал бералдаса хвезе ругин». Гьедин бугизеги буго – халкъ чIвалеб буго бералъ. Жиндир заманалда сах гьабичIони, гьеб нилъ хвезабулеб жоялде сверула.

Женазул заралги бигьаяб иш гуро. ЦIикIкIарасел руччабазе зарал бугеб ва руччабазда гьоркьоб тIибитIараздасан ккола рокьи ккараб жен. Гьеб ккола чIужугIаданалъ гIужда как бангутIиялъ, хIажатханаялде бетIер бахчичIого иналъ, кечI-бакъаналъухъ гIемер гIенеккиялъ, тIад ретIел гьечIого матIуялъуе балагьиялъ. Гьединал руччабазе бокьула бецIаб бакI, жалго жидедаго, цогидаздаса батIатIун чIей. Лъидаго кIалъазе бокьунгутIи, гьезулъ гIемерлъула ццим бахъин, зигарди.

    Жен букIин тIатуна кIиго батIияб куцалда: рорчIун рукIаго, къад заманалъ ва кьижидал, макьилъ. Къад тIатунел гIаламатаздасан ккола гьей гIаданалда жиндирго цIар ахIулеб рагIи, хIатта щивго чи аскIов гьечIониги. ЛъачIого, нуцIа рагьун бачIин, рокъор чирахъал гIемер рухIи, чиясул галабазул гIадаб сас чIвай ва гь. ц. Макьилъ бихьулеб ккола макьилъ къваригIел гьечIел жал рихьи, масала, гIадамазул гIицIал къаркъалаби, борхьал, гьаби, кутул, рокьукъал жанаварал ва инсан хIинкьизавулел батIи-батIиял макьаби. Гьелда ракIалде ккезе рес буго хIухьел цIалев чи аскIов вугев гIадин, гьечIонигицин. Рокьи ккараб жен (жинул гIащикъ) нахъе хъамизеги цIакъ захIмат букIуна: заман бала, халат бахъуна.

Гьединал женазул цоги кIудияб заралалдасан ккола гIолохъанал ясазе ригьин бухьин. Гьей яс яги чIужугIадан чIола росасе инарин, гьел лъугьуна тIубан бихьинал рихараллъун. Чан батIияв чи вачIаниги, гьез киналго нахъ чIвала. Гьел женаз ккурал руччабазул сахлъиги загIиплъула, гIамалги мекълъула, какие кIвахIаллъула, кьижи гIемерлъула. Бигьаяб жо гуро гьеб.

— Кин цIунилел ва сах гьарилел гьеб киналдасаго?

   — Лъазе ккола исламалъул рукнаби. Жиндир заманалда, гьоркьоб течIого, как бай, какичуриялда даимлъи, какичуриялда квен гьаби, Къуръан цIали (хасго цIикIкIараб къуват букIуна жинцаго цIалиялъул), салават битIи, Аллагь рехсеялда мацI даим гьаби – гьеле женаздаса цIуниялъе дару. Къуръан цIализе жиндаго лъалеб батичIони, гIенеккизеги бегьула. Радал-бакъанида азкарал гьаризеги лъикIаб буго. МатIуялъуре балагьулелъул, ретIел хисулелъул цIалулел дугIаби лъазе рихьизарун руго. ХIажатханаялде, хъублъи бугелъуре иналде цере «АгIузу» бахъизе ккола, тIокIаб жо лъалеб гьечIони. Къасимехалъ къватIире инеги лъикIаб гьечIо, хIал кIванагIан, хасго руччабигун лъимал. Гьедин ругони, цIунун рукIина.

   Нижехъе рачIаразде тIаде Къуръан цIалула, гьекъезе кьола Къуръаналъул аятал тIаде цIалараб Замзамалъул лъим, гъорлъе сидрги бан, бахине ва гьекъезе зайтуналъул яги ганзиралъул нах бихьизабула, аятал тIаде цIалараб. Щияй чIужугIаданалъул рекIел хIалалда рекъон букIуна гьабулеб даруги. Мадар гьабула ралъдал цIамул лъелъ чвердеялъги. ЦIакъ лъикIаб буго гьеб цIамул лъеца рукъалъул чIабар, рагьумахIу чуризе, рокъоб бахур, хIармала (могильник) абураб чIахI-хер бухIизе. ЛъикIаб буго сура «Бакъара», «Асс-сафат», «Жин», «Ясин» ва цогидалги аятал рагIиледухъ рокъоб цIализе яги гIенеккизе.

 Тамари ХIАСАНОВА