ХIижаб -намусалъул къолден

 

 

   ТIоцебесеб февралалда дунялалъул гIемерисел улкабазда кIодо гьабула хIижабалъул къо. Нилъер республикаялдаги, цебеялде дандеккун, гьеб парз кколеб къагIидаялъ тIубазе хIаракат бахъулеб буго. Чанго соналъ цебе хIижаб ретIарай чIужугIаданалъухъ ралагьулаан хъахIаб гъадихъ киниги. Эбел-эменцин дандечIун рукIунаан ясалъ хIижаб ретIиялда. Гьезул рахIатхвеялъеги гIиллаби рукIана доб заманалда. ГIицIго квералги гьумерги хутIизегIан черх бахчараб партал ретIарай гIолилалда берчIварабго гIемерисезда ракIалде кколаан динги багьанаде ккун, такъсирал гьарулел къокъабазулъе ккун ятилин пуланилан. Жакъайин абуни нилъ ругьунлъулел руго хIижаб ретIарай чIужугIадан парз тIубалей, гIадатияб пикруялъул гIадан йикIиналде. Гьедин букIаниги, цо-цояз нахътIамун толеб буго гьеб иш. Щайха нилъеца гьелъул кIвар гьабулареб? ХIижаб абураб рагIи кин нилъеда бичIчIулеб?

  Гьел суалал рорхун рукIана нижеца социалиял гьиназда. ГIемерисез хIижаб рикIкIунеб буго чIужугIадан квешлъиялдаса цIунилъун, санагIатаб ретIеллъун, къолденлъун, рацIцIалъилъун. Парзалда рекъон, хIижаб ретIине хIинкъулел руго циндаго ккараб «хиси» жамгIияталъ къабул гьабуларин абураб пикруялъги. Ругьунлъараб къагIида хисизабизе бажарулеб гьечIо гIемерисезда. Цо-цоял мукIурлъулел руго хIижаб ретIине бокьилаанин, амма иман загIиплъиялъ гьеб иш нахъбахъун толеб бугин. Цогидазин абуни хIижаб модалъун рикIкIуна.

  Какги балел, кIалалги кколел бусурбанал руччабаз ратIлил рахъалъ парз щайха гьоркьоб биччалеб? Сунца квалквал гьабулеб бусурманчIужуялъе чияр бихьиназдаса жийго яхчизаюлеб ретIел ретIине?

Парз тIубазе сунца квалквал гьабулеб?

МадихIат 33 сон: «Дида лъала хIижаб чIужугIаданалда тIадаб парз букIин. Дица какги бала, кIалалги ккола, Къуръанги цIалула. ХIеж борхизеги бокьун буго. Росасин абуни хIеж борхана. ХIижаб ретIине бокьун буго цебегоялдаса нахъе, амма я дирго я росасул хъизамалда гьедин ретIа-къарал руччаби гьечIо. Киналго светияб къагIидаялъ ретIа-къан рукIунелъул, дунги гьездаса ятIа яхъичIого чIун йикIуна. Дие бокьула лъикIаб, берцинаб ретIел. Парзалда рекъон ретIел ретIине кканиги, цIияб ретIел босулелъул гIемераб гIарац уна. Гьанжесеб къагIидаялъул лъикIаб ххамил ретIел хираго букIуна. Гьелда бан нахътIамун тун буго хIижаб ретIиялъул иш».

ПатIимат, 34 сон: «ГIемерисез абула нилъер умумуз хIижаб чIвалеб букIинчIин, гьеб ГIарабиялдаса бачIараб мода бугин. Умумуз ретIунеб букIараб къагIидаялъгIаги щайха ретIунареб ретIел, щайха чохтIо къалареб, кIаз, шал яги чаба чIвалареб? ЦеечIезаеха катIариги гьабун, расги гьурщун магIарул чIужугIадан. Нилъер умумуз хвалчад рахъаралъуб рагъ гьоркьоб къотIизабизе гурони чияр бихьиназда цебе ботIродаса кIаз бахъулеб букIинчIо. ГIемерал соназда нилъер гIадамазе диналъул бицинецин гьукъун букIана, гьединлъидал гIемерисел махIрумлъана динияб лъаялдаса. Гьанже нилъее бокьухъе рес буго шаргIги лъазабизе, парзалги тIуразе. Гьедин хьвадизе бокьичIез гIиллаби щай ургъулел?»

Рамазан, 27 сон: «БусурманчIужуялъ хIижаб ретIунгутIиялъе гIиллалъун дица рикIкIуна гьезул къавулъ къадруяв, хIурмат бугев бихьинчи гьечIолъи. Адам аварагасул (гI.с.) заманалда ролъул мугь букIун буго варанихIинчIалъул хоногIанасеб. Заман анагIан, дунялалдаса баракат дагьлъанагIан, ролъул мугь гьитIинлъун буго. Гьеб мехалда Адам аварагас (гI.с.) гьеб мугь тIубанго тIагIинаредухъ Аллагьасда гьарун, дугIа гьабун буго. Гьелдаго рекъон, бихьиналги «гIисинлъана», цо-цо исламалъул нухда ритIун хьвадулел бихьинал хутIизегIан. Нилъееги заман щун буго бихьинал «гIисинлъунгутIизе», унго-унгоял бихьинал ракьалдаса тIагIунгутIиялъе дугIа гьабизе. Унгоунгояв бихьинчиясул лъадуца, ясалъ ва яцалъ хIижаб ретIунгутIиялъул суал баккизе ресго гьечIо». АхIмад, 40 сон: «Дида бичIчIуларо росги лъималги ругей чIужугIаданалъ хIижаб ретIине инкар щай гьабулебали. ЧIужугIаданалъ хIижаб ретIунгутIи дида бичIчIула гьелъие росасул рахъалдаса тIалабагъаз гIунгутIилъун. Росас абичIел берцинал рагIаби, берцинлъиялда гIашикълъун гьабичIеб балагьи чияр бихьиназдасагIаги щолеб буго гьелъие, хIижаб ретIичIого, къачIан къватIие яхъани. Гурони, росасда гурони берцин йихьизе кколарей гIадан цогидал бихьиназда цее щай къачIан хьвадулей? ЧIужугIаданалъе бокьула жиндирго агъаз гьабизе, берцинаб рагIи абизе».

Хадижат 70 сон: «Жакъагицин рекIелъе хIинкъи бачIуна, чIегIераб ретIелги ретIун, гIицIго берал гурони рихьулареб хIалалъ ретIа-къарай чIужугIадан йихьидал. Жеги кIочон гьечIо диналъул багьанаги батун, жидерго нахъегIанал мурадазе гIоло гIайиб гьечIел гIадамал кьвагьизаризелъун къватIире рахъунел рукIарал руччабазул сипат. КIазалдаса гуро хIинкъулел, кIазалда нахъа бахчун бугелдаса хIинкъизе бачIуна. Гьеб сабаблъун цо-цо эбел-инсуца ясалъе кIаз базеги гьукъулеб буго. ЖамгIият тIубанго ругьунлъун гьечIо хIижабалде».

ШаргIалъул бихьизабиял

  Нилъеда лъала хIижаб парз кколеблъи, амма цо-цояз гьеб цо кидаялиго, букIинесеб заманалда тIубазеян тола. ХIижаб ретIиялъул кIваралъулги, гьелъ чIужугIаданалъул намус цIунулеб букIинги бицунеб буго МухIамад аварагасул (с.гI.в.) хIадисаздаги, ТIадегIанав Аллагьасул калам – Къуръаналдаги.

  ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, авараг, дуца абе муъминал руччабазда, балагьи гIодобехун буссинабеян ва жидерго жинсиял лугбал цIунеян. Жидерго берцинлъи гьез киназдаго бихьизабугеян абе, гIицIго кверал ва гьумер хутIизегIан» (сурат «Ан-Нур», 31). Гьаб аяталъулъ бихьулеб буго, руччабаз жидерго черх чиядаса бахчеян абун ТIадегIанас нилъеде амру гьабулеб букIин.

ХIижабалъул шартIал

  — ЧIужугIаданалъул ретIел букIине ккола квералги гьумерги хутIизегIан тIолабго черх бахчулеблъун. — Чияр бихьиназул бер тIаде цIаледухъ къачIараб, чIухIараб, гвангъараб букIине бегьуларо. — Гъорлъан канлъи бихьулеб ххамил бегьуларо. — Лугбал ратIа рахъизе лъаледухъ тIад къараб букIине бегьуларо. — Берцинал махIал тIаде гьарураб ретIел бегьуларо. — Бихьиназулалда релълъараб ретIел бегьуларо. Чияр бихьиназда цебе бегьулеб батичIониги, жиндирго росасда цебе чIужугIаданалъ ретIине бегьула бищунго гвангъараб, бищунго берцинаб ретIел. МухIамад аварагас (с.гI.в.) жиндирго яс ФатIиматида гьикъун буго: «ЧIужугIаданалъе бищунго лъикIаб жо щиб кколеб?» — ан. Гьелъ жаваб кьун буго: «Чияр бихьинал рихьичIого рукIин ва гьезда йихьичIого хутIи», — ян. Ва МухIамад аварагас (с.гI.в.) абун буго: «ХIакълъунго мун дир яс йиго», — ян.

   Гьединго, МухIамад аварагасул (с.гI.в.) хIадис буго: «Чияда берцин йихьизе берцинаб ретIел ретIун, гьумер-кIал къачIан хьвадулей чIужу юхIизе Гьавият абураб жужахIалъул цIа къачIаян ахIулила Аллагьас жужахIалъул рагьуялда тIад тарав Малик абулев малаикасде». ШаргIалъ муъминай чIужугIаданалъул цIакъ тIалаб гьабула, гьелъул намусги цIунула. ХIижабалдалъун гьей чияр чиясул хиянатаб бердасаги, мекъаб квердасаги цIунула ва гьелъул тIадегIанаб даража бихьизабула исламалъ.

 П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА