Муфтиясул хIаракат- нилъее баракат

 

 

 

 

МахIачхъала-Каспийск шагьранухда, ГIиса (гI.с.) аварагасул цIаралда бугеб рухIияб центр базе байбихьана 2015 соналда. Жакъа къоялде Дагъистаналъул Динияб идараялъул хIаракаталдалъун, халкъалъул кумекалдалъун балеб бугеб гьеб бакIалда гIемераб хIалтIи гьабунги гьабулебги буго. Амма кидаха гьеб бан лъугIизе кколеб, кинал хIалтIаби гьенир гьарун рагIалде рахъун ругел, гьабсагIаталда щиб гьабулеб бугеб? Гьел ва цогидал суалазе жавабал кьуна централъе кьучI лъуралдаса нахъе гьенир унел хIалтIабазе цебехъанлъи гьабулев вугев СултIан ГIусмановас.
— Мажгиталда гьабсагIаталда унел руго сендвич-панелалъ тIох бациялъул хIалтIаби, — ян бицана С. ГIусмановас. — Гьеб буго цIоройхинлъи кколеб, бакъудаса, цIадудаса хIинкъулареб материал. Какие чурулел бакIазул къадал сетка кьабун, грунтовка бахун, хIадур гьарулел руго рохьизе. Гьелдаго цадахъ, ралъдал рагIалда бан лъугIулеб буго кIудияб «ротонда» абулеб гургинаб мина. Гьенибго буго ралъдахъе хIухьбахъи гьабизе рачIаразе машинаби лъезе санагIатал бакIал, паркалъул чIабаралда лъун лъугIулеб буго плитка ва нухал руго къачIалел. Мажгиталдаса ралъдахъе щвезегIан, кIиябго рахъалдасан хъилги тIун гьабун буго лъикIаб, гIатIидаб шагьранух, тротуар, къаси тира-сверулезе канлъи букIине лъун руго чIахIиял ва берцинал чирахъал.

Гьединго ралъдал рагIалда балеб буго сахлъи щула гьабиялъул центр, гостиница. Гьезда сверухъ чIолел руго астмаялъ унтаразе цIакъго къваригIунел Крымалъул накIкIигъутIбиги. РухIияб централъул паркалда, аллеялда чIун руго батIи-батIиял берци-берцинал гъутIби. Цо-цоязда ккезе бегьула гъутIби чIей щибго захIматаб иш гурилан. Амма гьаб ккола бищунго захIматаб ва сурсат къваригIунеб хIалтIи. Гьаниб сверухълъиялда букIана хьуцI. Нилъеда лъалаха хьуцIилъ гъветI рекIунареблъи. Гьел ракъвачIого рукIине ккани, гьабизе ккана гIемераб хIалтIи. Мисалалъе, дренаж гьабун хьуцI бакъвазабуна,

гьениб букIарабги нахъе баччун чIегIерракьул цIезабуна сверухълъи. ГъветI бижизе ккани, хIажалъула лъим, гьебги бачана. Централда руго хасалил квач, гIазу-цIер хIехьоларелги гъутIби. Гьединал нижеца цIоролелде сверун хьуриги ккун рацулел руго.

Каспийскиялде унеб шагьранухда бана кьо. Дагьаб цебейин абуни, гьеб кьода гъоркьан гьабураб лъикIаб нухалъ цоцада бухьинабуна мажгитги ралъдал рагIалги. Ралъдал рагIалда рукIине руго волейбол, баскетбол, футбол хIалел майданал, тренажеразул бокIон. Аллеялда велосипед бачунезе гьабулеб буго хасаб нух. РакIалда буго гIолилал спорталде машгъуллъизариялъул мурадгун, цогидалги ишал гьаризе.

 

— Гьанир рукIине ругоха гостиницабиги коммерциялъулал объекталги. Гьениса щвараб хайиралда щиб гьабизе бугеб?

— Нилъеца бицанаха цо гъветI чIезе, гIезабизе, гьелъие хъулухъ гьабизе ккани кигIан захIмат-гIакъуба бихьулебали, сурсат къваригIунебали. ГъутIбиго гIадин, «хьихьизе» ккараб гIемераб магIишат буго централъул, щибаб жоялда хадуб букIине кколелъулха бербалагьиги тIалабги. Мажгит, нухал, паркал, ротонда, скамейкаби, чирахъал ва цогидабги цIунизе, бека-биххараб къачIазе, сверухълъи кьищни-къулалдаса бацIцIад гьабизе гIезегIан гIарац къваригIуна. Гьеб рахъалъ центр жибго жинцаго тIубан, бетIербахъи гьабизе бажарулеб хIалалда бугони, лъикIаб букIинаан.

 

— Ралъдал рагIалда балеб ротонда буго Дагъистаналъе хасиятаб гуреб архитектурияб къагIидаялъул объект. Мажгиталъул рахъалдасан балагьидал, стадионалда релълъун бихьулеб гьениб щиб букIине бугеб?

— Гургинаб ва борхатаб гьеб объекталъ диниябгун рухIияб централда ккола хасаб бакI. Ротонда хIухьбахъи гьабизе рачIаразегун туристазе диниябгун рухIияб централъул бищунго бокьулеб бокIонлъун лъугьине букIиналда щаклъи гьечIо. Гьениб ралъдал рахъалдехун гьумералда эхетулеб буго 35 метр борхалъиялъул, тIасан балагьидал сверухълъиго бихьулеб си. Ротондаялде тIаде болъого гIадин букIине буго инвалидал, коляскабигун улбул рахине санагIатаб хасаб нухги. Гьелда гъоркь рукIине руго, чIахIиял

гIисинал батIалъи гьечIого, тIад рекIине бегьулел гьулакал, гьенибго бакьулъ бан лъугIун буго фонтанги. Гьединго ротондаялда цебе гьабулеб буго 150 метралъул халалъиялъул пирс, ай хIухьбахъулезул рес букIине буго гьеб манзилалъ ралъдахъе жанирегIан ине.

— КьучI лъуралдаса нахъе центр балеб буго Динияб идараялъул хIаракаталдалъун ва халкъалъул кумекалдалъун. Пуланаб хIалтIи жидеца тIаде босун гьабилин аскIоре рачIунел чагIиго кколарищ? Бизнесменалги бечедал гIадамалги дагьал гьечIелъул республикаялда.

— Гьединалги камилищха. Мисалалъе, Сулейман Керимовас тIаде босун буго мажгиталъул къадал мармаргьецIо ккун берцин гьаризе, гьеб жаниса хинлъизабулеб система лъезе, лъим бачине ва гь. ц. Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаровасул нухмалъиялда гъоркь рехсарал ва цогидал хIалтIаби гьаризе байбихьизе руго мажгиталъул тIох лъугIидал. Гьал къоязда рухIияб централъулги Сулейман Керимовасулги вакилзаби тIад руссана Мадинаялдаса. Гьел гьенире ун рукIана Аварагасул (с.гI.в) мажгиталъул гордалнуцIби, тIох ва цогидабщинаб кин гьабун бугебали балагьизе. РухIияб централъул архитектурияб сипат ва дизайн гьелда релълъараб гьабулеб бугелъулха.

ТIох сендвич-панелалъ бацизе тIаде босана ДРялъул пачалихъияв секретарь МухIамад-СултIан МухIамадовас. Гьезие буго кIудияб баркалаги. Гьезулго гIадин бокьарал цогидазулги рес буго центр баялъул хIалтIулъ гIахьаллъи гьабизе. Амма бищунго аслияб кумеклъун ккола ишалъулъ квалквал гьабунгутIи. Гьединаздаса Аллагьас цIунаги.

— 2015 соналдаса нахъе централъе кумек гьабичIеб, гьаниб хIалтIичIеб росу-жамагIатго хутIун батиларо. Ахираб заманалда гьеб рахъалъ ахIвал-хIал кинаб бугеб?

 

— Гьаб анкьалъ гьаниб хIалтIулеб букIана Хьаргаби районалъул жамагIат. БачIунеб анкьалъ хIалтIи гьабизе тIаде босун буго Унсоколо районалъ. Хасалил хутIараб кIиябго моцIалъ централде хьвадизе руго МахIачхъалаялдагун гьелда гъорлъе унел поселоказда гIумру гьабулел гIадамал. ЦIорорал ва къокъал хасалил къоязда мугIрузул районаздасаги рикIкIад ругел росабалъаги гIадамал гьанире кинха рачIинел? Халкъалъ центр баялъулъ руго гIемерал лъикIал рахъал. Бищунго аслияблъун ккола щивав чи квалун, бихьун, гьелъухъ рокьи ккей, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъиялъул баракаталдалъун гIадан битIараб нухде вачIин, Аллагьасде гIагарлъи.

— Централъул гIатIилъи кинаб бугеб? Мажгиталда аскIобги буго чанго мина, гьениб щиб букIине бугеб?

— Диниябгун рухIияб центр эхетулеб буго 29 гектаралда. Гьелъул 80 процент ккола паркал, скверал, аллеяби. Мажгит сверун рукIине руго мадраса, школа, ясли-ах, спортивияб комплекс, «Инсан» фонд, Динияб идара ва цогидал учреждениялгун гIуцIаби. Киналго объектал рукIине руго цояздаса цоял берцинал ва цо архитектураги цIунун рарал. Мисалалъе, республикаялъул муфтияталъул хIежалъул отделалъул

букIине буго КагIбаялда релълъун бараб, тIад чIегIераб цIер ккураб мина. Гьеб бихьидал, гIадамазул хIежалде ине гъира ккеларищ, хирияб ракьалде щваразул рекIелъ хIузур цIикIкIинарищ?

ПалхIасил, кинабго буго халкъалъе пайда букIин, Аллагьасде гIагарлъи, нилъер ракьалда баракат рещтIин мурадгун гьабулеб. АбичIого гIоларо, гьаб ккола гьанжеялдаса чанго соналъ цебе Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандида гIумруялде бахъинабизе ракIалда букIараб амма ракь гьечIолъиялъ хутIун букIараб анищ.

СултIан ГIусмановасулгун гарачIвари гьабизе рухIияб централде щварал нижеда, гьенир гвай бан хIалтIулел ратана Хьаргаби районалъул Къудукь, Могьохъ ва ЧIалда росабазул жамагIатал. Чанго къокъаялдеги рикьун, мажгиталда цоял, ралъдал рагIалда цогидал, аллеялда лъабабилел бихьинал хIалтIулебгIан заманалда, богорокъор гьезие квен-тIех хIадурулел ругоан руччаби. Къудукьа ГIащат ГIабдулаевнаялъул рагIабазда рекъон, гьеб кири цIикIкIараб ишалда гIахьаллъизе щвей ккола гIадамасул талихI буголъи. «Ниж гьанире щведал тIоцебесеб иргаялда тира-сверана. Гьаб гьадигIанго гIатIидаб, кIудияб бакI батилин ккунго букIинчIо. Кутакалда рекIее гIуна централда бугеб берцинлъи ва рацIцIалъи, гIадамалги руго ракI рагьарал, лъикIал. Реццги щукруги Аллагьасе халкъалъ цолъун гьабулеб гьаб хIалтIулъ гIахьаллъизе нижееги рес кьуралъухъ. ГIарцудалъун букIа, хIалтIун букIа гьаб бакIалъе дагьабгIаги кумек гьабунщиназе гьарула сахлъигун рохел, Аллагь разилъаги киназдасаго», — ян тIадеги жубана ГIащатица.

 

Темирхан ХIАСАНОВ