ХIамзат имамги къадизабиги

 

    Республикаялъул магIарул газеталъул редакторасул заместительлъун хIалтIулев вукIарав журналист ва хъвадарухъан Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа мунагьал чураяв ТIагьиров МухIамадица миллияб тарихалъулги тарихалда лъалкI тарал машгьурал магIарулазулги хIакъалъулъ гIезегIан асарал хъвана. Гьев вукIана миллатги хирияв, миллатчилъиги рихарав, гIагараб халкъалъухъги ракьалъухъги рокьи ккарав чи. Гьанжеялдаса 25 соналъ цебе ТIагьировас къватIибе биччан букIана «НурмухIамадил МухIамадил биценал» абураб рубрикаялда гъоркь, гIарабист, гIалимчи ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадица рицарал, нилъер тарихалъул цо-цо тIанчал регулел хIужабазул, лъугьабахъиназул хIакъалъулъ хъвараб асар.

   Дол соназда цо-цо макъалаби «ХIакъикъаталда» рахъунги рукIана. ТIехь бахъаралдаса арал соналги хIисабалде росун, жибго тIехьги къанагIатги кодобе щолеб гьечIолъиялъ, гьанжесеб гIелалъе рухIияб тарбия кьеялъе, тарих лъаялъе гьелъул кIварги букIун, хIукму ккана цо-цо биценал газеталда рахъизе.

 Пайзула ПАЙЗУЛАЕВ

 

     1994 соналда жив чIваралдаса 160 сон тIубарав Дагъистаналъул кIиабилев имам ХIамзатбегил хIакъалъулъ жеги дагьго лъала цIалдолезда. Гьесул имамлъи кIигогIан соналъ гурони халат бахъинчIо. Жеги дагьго гурони лъаларо гIахъущдерилги цIедехIдерилги къадизабаз гьесдехун гьабулеб букIараб балагьи. Цо заманалда ракIалде кколаан ЦIоралде гьабураб чабхъенги битIун ккечIого, аманаталъе гIурусазухъе Тифлисалде кьурав васги хун, ГъазимухIамад имамги чIван, ракI буссин лъугьарав гьев тIокIалъ кинаб бугониги хIаракатчилъиялде тIад вуссинарилан. МикьгогIан моцI жанив чIунцин бана гьес. Амма магIарулазеги гьезул бутIрузе – имамзабазеги хасиятал, сундухъго балагьичIого, бер къапичIого цере унеб къагIидаялъги, жалгоги жидерго ракьги цIунизе бугеб рагIа-ракьан гьечIеб шавкъалъги, шаригIаталъул цIилъиялъ диналдеги дунялалдеги бижизабураб хIасраталъги, ХIамзатбегида кIвечIо гьалаглъараб Дагъистаналъул гIумруялдаса ватIатIун чIезе. ТIадчIун гьаридал, гьев разилъана имамлъи гьабизе.

    Имамлъи гьабейилан гьесда гьардеялъе гIилла букIана доб заманалда, ГъазимухIамадидаса хадуб, гьесде вахунев пачалихъалъулаб гIуцIарухъанлъи лъалев ва рагъул устарлъи кодоб бугев бахIарчияв чи вукIинчIолъи. Шамил жеги гIолохъанго, ишазде ругьунлъулев вукIана. Цогидазул жеги гIураб хIалбихьи букIинчIо. ХIамзат – бегин абуни вукIана гIалимчи-рагъухъан гуревги, гьанже заманалъул рагIабаздалъун абуни, кутакав гIуцIарухъан, администратор. Гьес бачIинахъего имамат гIуцIизеги байбихьана. Гьанжеселги цереселги, нилъергоги чиярги историказ мукIурлъун бихьизабула пачалихъ гIуцIиялъул рахъалъ гьес бихьизабураб бажариялъ кьучI лъунин Шамил имамасул пачалихъалъейилан.

    Гьелъго батила Дагъистаналъул имамлъун ХIамзат вищидал, гIурусазул циндаго рахIат хварабги. Гьезда бичIчIана гIицIго ГъазимухIамад имам хисарав чи гуревги, жеги цIикIкIун кIудиял ишал гьаризе кIолев чи вахъун вукIин. Нахъаса къотIичIеб хвалил хIинкъиялда гъоркь гIумру гьабун ругьунлъарав ХIамзат къуркьизавизеги тIаса бищараб гIумруялъул нухдаса итизавизеги кIолеб къуват букIинчIо. ГIурусазул генералазда байбихьудаго бичIчIана гьеб.

     «ЗахIмат буго цебечIезабизе цIияв гьереси-аварагас бачIинахъего росарал бергьенлъабазул кIодолъи, — ян хъвана гьез жидерго цо кагътида.

– Гьес, гIицIго ГъазимухIамад имамас гIадин, лъикIаб бициналдалъун ва динияб вагIза-насихIаталдалъун гуребги гьабулеб буго иш — гьеб киналдего тIадеги гьес хIалтIизабулеб буго дагьабги цIикIкIараб хIасил кьолеб къуват – ярагъ ва гьесул хIинкъи гьечIолъиялъ гьесул рахъ кколел киназулъго бижизабуна гьев къуркьизавизе кIоларев чи вугин абураб божилъи».

   ГъазимухIамад имам шагьидлъаралдаса ва Дагъистаналда пачаясул аскаразул къуват цIикIкIаралдаса тушманасде дандечIей гьабизе халкъалъул хIаракатчилъи гIодобе буссун букIаниги, гIурусазда бихьана ХIамзатил цIаралъги гьев имамлъун вищиялъги хIал-хIукму хисизабураблъи. Имамлъун гьев вахъиналъухъ балагьун чIун букIараб гIадин, гьесда хадуб ине байбихьа- на халкъалъ. ГIурусазул биценалда рекъон, гьесие гIолаан кинаб бугониги росдал яги вилаяталъул ракьалде гIагарлъизе, гьебсагIаталъ халкъалъ гьесие мутIигIлъиги гьесул рахъ кквейги загьир гьабулаан. ГIемерисеб гIолохъанаб гIел гьесда хадуб унеб букIана шаригIаталъулги цевесев имамасулги асаралда гъоркь ва гьесул жиндирго гьунар бихьун. Гьайгьай, камулароан давлаялде хьулгун унелги. Кин гьеб букIун батаниги, къокъаб заманалда ХIамзат имамасул цIаралъги ишазги нахъеги Дагъистан гьалаг гьабуна. КватIичIого цIияв имамасе мутIигIлъана пачаясул аскарал чIарал ва ханзабазде цIакъго гIагарал бакIал хутIун Гъойсубулиналъул жамагIатал, Юждагъалъул тIолалго халкъазулъги нахъеги бижана эркенлъиялде хьул, киса-ки- бего цIикIкIана багъа-бачари. Пача- ясул аскаразул рагъул начальниказ гIедегIун ХIамзатил биографияги гьесул ишалги лъазаризе байбихьана.

    Гьез хIисабалде росана гIицIго ГъазимухIамадида цадахъ Таргъуялде, Дербенталде, Грозныялде ва Гъизляралде гьес гьарурал сапарал гурелги, имамасул тIадкъаялда рекъон ЦIоралъулги Белоканалъулги ракьазде жинцаго гьарурал рагъул сапарал, ахир мекъи кканиги, байбихьуда гьенир росарал бергьенлъаби. Гьеб киналдасаго гIурусаз хIасил гьабуна имамас Терекалдаса бахъараб Дербенталде, ЦIоралде щвезегIан жибго жиндаго чIараб пачалихъ гIуцIизе байбихьи гьабизехъин бугилан.

    Гьелъие квалквал гьабиялдаги имамасде дандечIеялдаги тIад ургъизе лъугьана пачаясул генералзаби. Аслияб къагIидаялъ гьелъие бакIалъулал ханзабаздасаги пайда босана. Махщалида хIалтIизабуна рикь-рикьизарун ханлъи гьабейин абураб колонизаторазул лозунг. Таргъуялъул шамхал, Мехтулиялъул АхIмадхан, аваразул ханзаби, гIахъущдерилги цIедехIдерилги къадизаби ХIамзатида данде гьусана. Гьесул муридзабазул аскарал, авлахъалде яги рехсарал бакIазде кIанцIани, гьезде дандечIей гьабизе бакIалъулал гIадамаздаса милициялъул къокъаби гIуцIана.

   Гьел бакIал цIидасан муридзабазул кверщаликье ккана. Гьединлъидал гьез тIаса бищана, халатаб бугониги, бигьаяб ва хIинкъи гьечIеб нух — хIукму гьабуна гIахъущдерил ва цIедехIдерил ракьаздасан Хьаргаби къварилъухъан эхедеги рачIун, АваргIорги бахун, гъоркьа тIаде Хунзахъе ине. Гьеб къасдгун, тIубараб бащдаб лъагIалидасан цIикIкIараб заманаялъ хIадурлъиги гьабулаго, гьез жидерго аскарал рехана гIахъущдерилгун цIедехIдерил ракьазде.

    1813 соналда, рекъон рукIине пачаясул аскаразе гьаги бан, гIахъущдерил ва цIедехIдерил эркенал жамагIатаз къотIи гьабуна гIурусазде дандечIарал ишазде гьоркьоре лъугьунгутIизе. 1819 соналда гьел тIубанго Россиялъ- ул къайимлъиялде ана ва гьелъие хъулухъ гьабизе гьа бана. Имамза- базул заманалда гьеб къотIи хвезабизе хIинкъарал гьел дагьалги пачаясул хIукуматалде гIагарлъана ва цо къадаралъ имамзабазде данде чIезе ккана. Амма гьез кIвараб жигар бахъулеб букIана жидерго эркенлъи цIунизе. Гьеб мурадалда, гIурусазулгун къотIиги хъвалаго, гьез тIалаб гьабун букIана пачая- сул аскарал гьел жамагIатазде тIаде рачIунгутIизе. Ва гIемерал соназ гьедин цIунунги хутIун рукIана. ГъазимухIамад имамасул зама- налда гIахъущдерил Мамедкъади- ца байбихьана имамасде данде чIараб кутакаб къеркьей гьабизе. ГIурусазде мугъчIвайги гьабун, жиндирго чухъбигун цадахъ, гьев киса-кивего лъарагIазул, гъумекде- рил, даргиязул росабалъ сверулаан имамги гьесул ишалги какулаго. ХIакъикъаталдаги имамасул би- щунго тушманал гIадамазул цояв вукIана гьев. ГъазимухIамад чIван хадуб дагьаб мехалъ гIодове виччан вукIарав къади ХIамзат имамлъун вищаравго гьесде данде вахъана. Имамзабазулгун цогояб дин, цого- яб улка ва эркен хутIиялъ цогоял мурадал, Мамедкъадица жиндаго хадув цIедехIдерил Асланкъадиги цIана. 1834 соналъул байбихьуда ХIамзатида данде рагъал гьаризе кумек гьабун, гIурус аскарал жи- дерго жамагIатазул ракьазде жани- ре риччазе къотIи гьаби гуребги, гьезда тIадги рекъон, кколеб багьаялде аскаразул чуязе ва хIайваназе кIалцIи ва рагIи-хер биччазеги къотIи гьабуна гьев кIиявго къадияс. Гьединаб къагIидаялъ 1834 соналъул риидал рехсарал жамагIатазул ракьалде ракIарана кутакалда яргъид гIуцIарал ва хIалбихьи бугел гIурусазул аскарал. КватIичIого ХIамзат имамасул аскар щущахъ биххизабизе ва ханзаби цIунизе къватIире рахъине кколаан гьел.

  Гьелдаги лъугIичIо кIиявго къадиясе щолел рахIматал. ХIамзат имамасда дандечIей гьабуралъухъ, гIурус пачаясул хасаб бихьизабиялдалъун, Мамедкъадиеги Асланкъадиеги цо-цо цакьабазул цIаказул хъубчулги нус-нус гъурущ гIарацги кьуна. Гьединго цIаказул хъубчулги нус-нус гъурущ хъахIаб гIарацги кьуна сверун бугеб ункъо росдал къадизабазе, къо-къо гъурущ гIарац кьуна жеги 24 чиясе. ГIахъущдерил халкъалъейин абуни кьуна гIараб мацIалдеги буссинабун Реццалъул грамота. Амма ХIамзатбег вукIана гIажаибго рагъул икъбал гьечIев чи. Жиндирго кIудияб гьунаралъухъ ва цIодорлъиялъухъ балагьичIого, цоцо мехалъ гьесул къасдал гIаксалда кколаан. Цо кинабалиго ахирисеб гьункьи, кверзул рагъари, гIакълупикруялъул дандебакIари гIолароан гьесие. ЦIоралде чабхъен гьабулаго тушманасда кьабиги щвезабун кинабго жо битIун кканин, бергьенлъи босанин ккарабго, ракIалдаго гьечIого къуна гьев ва асирлъуде ккана.

   ГIахъущдерил ва цIедехIдерил къадизабазейин абуни, кидаго икъбал кколаан. Гьанже гурони гьанже, бусурбабазул ишалъе квербакъиги гьабичIого, гIурус пачаясе хъулухъ гьабун кумекалъе чIаралъухъ рецIел босилин ккараб мехалъ, ГъазимухIамад имамги чIван, рохана къадизаби. Ва гьале гьаб нухалъги добго жо такрарлъана. Кинабго битIун кканин вукIарав ХIамзат имамги чIвана. Гьужумалъ рахъине къадизабазул ракьалда хIадур гьарулел рукIарал гIурус аскаралин абуни, ХIамзат чIваялъул хабар лъаниги, нухда ратанщинал росабиги рухIулаго ва щущахъ риххизарулго, мугIрузде ралагьун ана. Гьез хасго кIудиял балагьал гьаруна хьергебдерил ва гьоцIдерил росабазе.