Инсанияталъего дарс

 

 

    Бищун тIагIат-гIибадаталъул рахъалъ камилав, бищун Аллагь разилъулев, бищун кири цIикIкIун щолев бусурманчи ккола, кинаб амру, щиб жо ТIадегIанав Аллагьасулги Гьесул Аварагасулги рахъ- алдасан бачIун батаниги, калам тун гьеб тIубазабулев чи. Гьел ам- рабазулги шаргIиял ахIкамазул магIнаги хIикматги бокьанагIан цIехезе ресги буго бусурманчиясе. МагIнаги хIикматги гьечIеб жо ТIадегIанав Аллагьас нилъеда тIадги къаларелъул, цо-цо амрабазулъ ругел хIикматал нилъее рагьичIониги. Къурбан хъвеялда жанирги руго гIемерал магIнабиги, хIикматалги, пайдабиги.

 

КЪУРБАН ХЪВЕЯЛЪУЛ МАГIНАГИ ХIИКМАТГИ

       Къурбан хъвеялъул магIна буго ТIадегIанав Аллагьас нилъее боцIудалъун кьурал чIахIи-чIахIиял нигIматазе ва, гьединго, тIасияб сон бачIиналде нилъго чIаго теялъе Ал- лагьасе щукру гьаби. Гьелъ нилъер мунагьал чурила, гIибадаталъулъ ккарал гIунгутIаби рацIцIина. Къурбан хъвеялдалъун мискин-пакъирзабазе кумек, рукъалъул агьлуялъе лъикIлъи, цоцазе дугIа-алхIам гьабулеб буго бусурбабаз. РекIелъ къарумлъи-бахиллъиялъул унти бугев чиясе гьелдаса дару, гьеб квешаб унтиялдаса гьесул напс бацIцIалъи щолеб буго.

    Ибрагьим аварагасги гьесул вас ИсмагIил аварагасги гьабураб кIудияб, ракIал хIайранлъулеб, гIажаибаб иш ракIалде щола Къурбан къоялъ.

     Пикру гьабе, нусги кодоб ккун, рухIгIан хирияв, гьайбатав, жиндаго цеве вегун вугев васасул габуниб нус бахъулев инсулги, гьесда цевеги вегун, гьесие (Ибрагьимхалиласе (гI. с.)) нус бахъизе гьеб щекъер ккун чIарав мутIигIав васасулги. ХIисаб гьабе, гьев кIиявго хирияв инсанасе ТIадегIанав Аллагь вокьиялъул, Гьесул амру кIодолъиялъул кутак бихьизе. Гьел кIиязулго гьеб иш кколарищ къиямасеб къо чIезегIан тIолабго инсанияталъе бицинеги дарс босизеги гIураб вагIза. Гьев кIиявго хирияв илчиясул гьеб кIудияб иш халкъалда кIоченчIого букIине ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе шаргIлъун гьабуна къурбан хъвей. Гьелда жаниб нилъер хIалбихьиги буго. ТIадегIанав Аллагьас нилъеда абулеб буго: «Дир кIиявго хирияв аварагас (гI.с.) Дие гIоло гьабураб кIудияб иш нужеда бихьана, гьеб захIматаб иш Дица нужеда тIадкъалеб гьечIо. Дица нужедаса тIалаб гьабулеб буго Дицаго нужее кьурал нужер рукъалъул хIайваназдаса Дие гIоло, Дунги вокьун, Дир амруги цебе гьабун, къурбаналъе цо хIайвангIаги хъве», — ян. Гьедин хIалбихьизе гIоло ТIадегIанав Аллагьас нилъееги шаргIлъун гьабуна къурбан хъвей. Гьелъие гIоло ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Аллагьасухъе нужеца къурбаналъе хъурал хIайваназул гьаналги биялги щоларо. Кинниги гьесухъе нужедасан такъва щола», — ян. (Къуръан: 22/37).

   Аллагьги вокьун, нужер ракIазе хирияб боцIудаса Аллагьасул амруги тIаса бищун, къурбан хъвезе нуж тIамураб нужер ракIазул хIал щола Аллагьасухъеян абураб магIна ккола гьаб хирияб аяталъул.

 

ПАРИЗАЯБ ВА СУННАТАБ КЪУРБАН

    ШафигIияб мазгьабалда рекъон, къурбан хъвей паризаяблъун лъу- гьуна, цо чияс: «Дица къурбан хъве- зе назру гьабуна», — ян яги «Дица Аллагьасе гIоло къурбан хъвезе тIаде босана», — ян абуни. Гьединго къурбаналъе хъвезе бегьулеб жин- дирго хIайваналде ишараги гьабун, яги гьебги бихьизабун, гьелъул бетIергьанас: «Гьаб дир къурбан буго» яги «Гьаб дица къурбаналъе хъвезе буго», — ян абуни, гьеб хъвезе тIадаблъун лъугьуна. («Фикъгьул мангьажи», т. 1, гь. 232.).

   «Дица Аллагьасе гIоло гьаб жо къурбаналъе бихьизабуна», — ян абуни, гьебги тIалъула, батIалъи гьечIо цо балагь нахъе чIваялда яги нигIмат щвеялда хурхинабуниги хурхинабичIониги. «Гьаб жо къурбаналъе дица хъвезе буго», — ян абуни, гьебги тIалъула Аллагьасе гIолоян абичIонигицин. ЧIегIерхIайван хъвезе бугин тIаде босани, гьеб хъвезе тIалъула, гьелъул бакIалда гIиялъажо хъвезе бегьуларо. ГIиялъажо къурбаналъе хъвезе тIаде босани, гьелъул бакIалда чIегIерхIайван хъвезе бегьула. Амма, килищги битIун, гьаб гIиялъажо дица къурбаналъе хъвезе бугилан абуни, гьелъул бакIалда чIегIерхIайван хъвезе бегьуларо. «Гьаб жо дир къурбан буго» яги «Гьаб жо дица къурбанлъун гьабу- на», — ян абуни, гьеб хъвезе ният букIун батичIонигицин, гьебги къурбаналъе хъвезе тIалъула.

    ШафигIиясул мазгьабалда рекъон, къурбан хъвезе хIалкIолев чиясе гьеб хъвечIого тезе карагьатаб буго. Къурбан хъвезе хIалкIолевлъунги рикIкIуна къурбан къоялъги хадусел ташрикъалъул лъабабго къоязги кваназе гIураб жоги бугев, гьелда тIадеги къурбаналъе хъвезе бегьу- леб жо (чIегIерхIайван, гIиялъажо) босизе ресги бугев чи. Гьединав чи- ясе къурбан хъвезе суннатаб буго, хъвечIого тезе карагьатабги буго.

   «Дица гьаб хIайван къурбаналъе хъвезе назру гьабуна яги тIаде бо- сана», — ян абуни, яги «Гьаб хIайван къурбаналъе хъвезе босараб буго», — ян абуни, яги къурбаналъе хъве- зе хьихьулеб бугилан абуни, яги «Дица гьаб къурбаналъе хъвезе буго», — ян абуни, цадахъ «суннатаб» абураб рагIиги хIалтIизабичIони, гьеб хIайван къурбаналъе хъвезе тIалъула. Гьеб къурбан хъолеб гIуж щварабго, нахъбахъичIого хъвезе- ги ккола. Къурбаналъе тIалъараб хIайван хъураб мехалъ, кинабго садакъаде мискинзабазе кьезеги тIалъула. Гьелдаса щибниги жо жин- цаго кваназе хIарамлъула, жинца хьихьизе тIадал гIадамазе кваназе кьезеги хIарамлъула. Назру гьабураб, тIалъараб хIайваналъул щибниги жо бечедал гIадамазда кваназабизе бегьуларо, ай хIарамлъула.

ХIАЛАЛ ЯГИ ХIАРАМ

    Цо-цояз къурбан хъун хадуб гьан бикьиялъул кIварго гьабуларо, гьеб белъинеги гьабун байрам баркизе рачIараз кванараб гIолин абун чIола. ХIатта къурбаналъе хъураб гьан хадубккун бичулелгицин дандчIвала. ЛъангутIиялдалъун хIакъикье ккеларедухъ, къурбан хъвелалде нилъедаго лъалареб жо имамасда цIехани лъикI букIинаан.

    Къурбаналъул гьан капурчиясе кьезеги гьесда кваназабизеги хIарамлъула. Бечедал бусурбабазда кваназабизе бегьула, амма гьел бетIергьабилъун рахъинаризе бегьуларо (масала, гьезие чIобого кьун). Бечедалин абула жидее закат кьезе хIарамлъулел гIадамазда. Сайгъат хIисабалда бечедазе къурбаналъул гьан битIизе бегьула. Къурбан хъу- рав чияс къурбаналъул гьан, рокъоб течIого, бикьизеги суннатаб буго. Бищунго хирияб буго, баракаталъе цо чанго лукъмаги кванан, хутIараб мискинзабазе кьезе. Гьел лукъмабиги тIулалдаса кваназе хирияб буго.

     Гьединго хирияб буго, гьелъул лъабил бутIа рокъобги тун, цояб лъабил бутIаялъул мискинзабазе садакъа гьабизе, цоги лъабил бутIа – сайгъат гьабизе. КьучIаб рагIиялда бан, дагьабниги жо гьелдаса мискинзабазе гIатIгояб гьанал кьезеги гьел бетIергьабилъун рахъинаризеги тIадаб буго. ТIом, тIул, бакьал, хъвата, рачI, тIатIи гIадаб жо кьеялъ гIей гьабуларо. Мискинасе кьолеб бутIа гьесухъе рокъобе битIун тарабги гIоларо, «Дица мун гьалъул бетIергьанлъун гьавуна», — ян абизе ккола («Мавгьибату зул фазли»). ЦIакъго дагьаб жо кьуни, гьелъги гIей гьабуларо. Бащдаб кило яги цо килогIанасебгIаги жо кьезе ккола. Мискинчияс, бетIергьанлъун вахъун хадуб, гьеб кваназе, бичизе, цогидасе кьезе, ай жиндие бокьараб жо гьеб гьаналда гьабизе бегьула. Амма капурчиясда кваназабизе бегьуларо. Мискинчиясе гIатIгояб гьанал бутIаго кьечIого, къурбан хъурав чияс кинабго кванани, гьесда мискинзабазе кьезе кколеб гьанал къадар гьезие бецIизе тIадаб буго. Къурбаналъул нахъе хутIараб гьан нахъе цIунизеги бегьула, бакъвазабизеги бегьула. Суннатаб къурбанги, паризаябго гIадин, хъураб росулъа яги шагьаралдаса цоги бакIалде къватIибе босизе бегьуларо.

 

КЪУРБАНАЛЪУЛ БУТIА БИЧИЗЕ БЕГЬУЛАРО

    Къурбаналъе хъураб жоялъул гьан, тIом яги щибниги жо гIарцухъ бичизе хIарамлъула, мунпагIат босизелъун тIом жиндиего тезе бегьула, садакъаялъе кьезеги бегьула. ХIайван хъурав чиясе мухь хIисабалда тIом кьезе хIарамлъула. Гьеб хъурасе яги тIом ччукIарасе мухь бетIергьанчияс цоги бакIалдаса кьезе ккола, гьес гьеб мухьдахъ хъун батани.

    Дагьаб гьан мискинзабазеги тун, гIемерисеб яги лъабил бутIа, яги чамалиго лукъма жинцаго квананиги, тIубараб къурбан хъураб гIадин кири щола, амма садакъаде цIикIкIун кьурабгIан, гьелда рекъон, садакъаялъул кириги цIикIкIун щола, суннат тIубаравлъунги вукIуна.

    Хъураб бакIалдаса цогидаб росулъе яги шагьаралде къурбан босизеги хIарамлъула. Амма суннатаб къурбаналъул мискинчиясе кьезе тIадаб гIатIгояб гьанал бутIа хъураб бакIалда вугев мискинчиясе кьун хадуса, хутIараб суннатаб къурбаналъул гьан росу тун къватIибеги босизе бегьула. Къурбан хъураб росулъ мискинчиго ватичIони, закат гIадин, бищун гIагарда бугеб росулъа мискинчиясе кьела. ГIатIгояб, мискинчиясе кьолеб бутIа, цо мискинчиясе кьуниги тIубала.

     Жив бетIергьанлъун вахъараб гьан бичизеги, цогидазе кьезеги, кваназеги, цогидазда кваназабизеги мискинчиясул ихтияр буго. Бечедав чиясе сайгъатлъун битIараб къурбаналъул гьан жинцаго кваназеги цогидазда кваназабизеги гьесул ихтияр буго, амма цогидасе кьун, бичун, цогидав чи гьеб гьаналъул бетIергьанлъун вахъинавизе ихтияр гьечIо.

КъурамухIаммад-хIажи РАМАЗАНОВАСУЛ тIехьалдаса