ГIолохъанал гIалимазул ва хIафизазул къец

 

      СагIитбег Даитовасул цIаралда бугеб исламияб университеталда исанаги тIобитIана гIолохъанал гIалимазда ва хIафизазда гьоркьоб къец.

     Арал соназдаго гIадин, исанаги рачIана нижер гьанире иргадулаб конкурсалда гIахьаллъизе Москваялдаса, Грозныялдаса, Владикавказалдаса, Татарстаналдаса, Башкортостаналдаса, Владикавказалдаса гIалимал ва хIафизал.

    КIиго къоялъ халат рахъарал къецазул хIасилалда гIелму цIикIкIун лъаялъул рахъалъ бергьенлъи босана шайих ГIабдурахIман-хIажил цIаралда бугеб исламияб институталъул мутагIил, Шамил районалъул ГIасаб росулъа Рашид МухIамадовас. Гьев вахъана конкурсалъул бищун хирияб призалъул хважаинлъун. Рашидие щвана Къуръан ва автомашина. КIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана шайих МухIамад- ГIарифил цIаралда бугеб исламияб университеталъул мутагIил МухIамад Сайпудинов. Гьесие кьуна лъабазарго долларги ноутбукги. Лъабабилеб бакIалда гIей гьабуна шайих МухIамад-ГIарифил цIаралда бугеб университеталда цIалулев ГIаб­дулмажид ГIабдулмажидовас. Гьесие кьуна ноутбукги 1500 долларги.

 Гирай ХIайдаров