ГIибадатищ яги нигIматалищ хиралъизе кколел?

 

   Гьале нахъа тана хирияб Рамазан моцIалъул бащалъи. Гьанжего кIалбиччанкъоялде хIадурлъизеги байбихьана. Гьеб къоялъ рикьизе росулел нигIматазул рахъалъги расги къварилъи гьечIо. Исанасеб кIалбиччанкъо аваданлъиялъул цIураб, киналго урхъараблъун букIинин абураб хьулги буго. Нилъеда кIочон гьечIелъул, гъоркьиса Рамазан моцIалъ мажгиталъул нуцIбиги рахан, цоцазда кIалбиччанкъо баркизе ва хабалазде ине гьукъараб пандемиялъул заман.

   ЛъикIал гурел гIамалаздаса ракIал рацIцIад гьаризе рес кьураб моцIлъун рикIкIуна Рамазан. КваначIого чIунин абун нилъер ракIал тIуранго рацIцIалъиладай? МоцIица квандаса инкар гьабунин абун жиндирго напс квегъизе киназухъаго гуро бажарулеб. Гьеб бихьула щибаб соналъ кIалбиччанкъоялде хира гьарун нигIматал ричулел базаргабазухъ балагьунги. Ургъунго гIадин хира гьарулел руго кIалбиччаялъул байрамалде бищунго хIажатал нигIматал. Дагъистаналъул муфтияталъги, щибаб санайил базаргабазде хитIаб гьабула кIалбиччанкъоялде кванил нигIматал хира гьаругеян.

 

ЦОГО ЖО БИЦУНЕЛ ХУТIУН РУГО

 

    Исана Рамазан моцI щвелалде Дагъистаналъул муфтияталъул председатель Шамил ГIалихановас республикаялъул предпринимателазде хитIаб гьабун букIана кIалбиччанкъоялъ гIадамаз росулел нигIматазул багьа бахинабичIого тейин абун. «Хирияб рамазан моцIалъ щивасул рес буго лъикIал гIамалал гьаризе, квешаздаса рикIкIалъизе. Щибаб соналда кIалккун моцIалъ нигIматал хира гьарулел рукIин бихьула нилъеда. Гьелда бан, Дагъистаналъул муфтияталъ гьарулеб буго, ритIухълъи цIунеян, багьаби рахинаругеян. Рамазан ккола жинда жанир гьарурал лъикIал гIамалазухъ кири цIикIкIинабулеб моцI. РачIа нилъее кьураб ресалдаса пайда босизе», — ян хъвалеб буго муфтияталъул хитIабалда.

    Рамазан моцI бачIиндал къайи бичулел гIемерисел тукабаз, кIалккун моцIалъул хIурматалда, багьаби учуз гьаризе ругин лъазабула. ГIемерисеб мехалда гьелги рукIуна мебель ва техника бичулел тукаби. Кванил нигIматазул абуни, гьелъул гIаксалда, багьа бахинабула.

    Садакъа гьабизе лъикIаблъун рикIкIунеб заманалда гIумру гьабиялъе бищунго хIажатал нигIматал хира гьариялъул магIна щиб?

 

 

БАГЬАБАЗ ХIАНЧIУЛЕБ БУГО

 

      ДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулухъалъ гьарурал цIех-рехазда рекъон, 2021 соналъул апрелалда, МахIачхъалаялда кванил нигIматазул гьоркьохъел багьаби гьадинал руго:

хIайваналъул гьан (кг) – 348 гъурущ;

гIиял гьан – 405 гъурущ;

гIанкIудал гьан – 186 гъурущ;

белъараб ва кIкIуйдулъ бежараб бакь – 362 ва 465 гъурущ;

 ччугIа – 202 гъурущ; щарил нах – 643 гъурущ;

семечкадул нах – 145 гъурущ; маргарин – 153 гъурущ;

 гIакдал рахь – 84-97 гъурущ;

 ханал (10 хоно) — 89 гъурущ;

чакар — 54 гъурущ;

чай – 904 гъурущ;

ролъул ханжу — 43 гъурущ;

пиринчI — 59 гъурущ;

гречка — 87 гъурущ;

макаронал — 90 гъурущ;

картошка — 37 гъурущ;

 хъапустIан — 20 гъурущ;

пер — 26 гъурущ;

ламадур — 40 гъурущ;

 охцер — 151 гъурущ;

 помидор — 146 гъурущ.

       ДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулухъалъ гьарурал цIех-рехазда рекъон, ахирал анкьазда нигIматазул багьаби рахана: чадихъ — 3,4 проценталъ, гIиял гьаналъухъ — 1,4 проценталъ, хIарараб чакаралъухъ — 1,4 проценталъ, гречкаялъухъ — 1,2 проценталъ, ханазухъ — 0,8 проценталъ, охцералъухъ — 9,2 проценталъ, ламадуралъухъ — 1,3 проценталъ, хъапустIаналъухъ — 0,6 проценталъ.

    Статистика гьединаб бугониги, базаразда бугеб хIал дагьаб батIиябги буго. Масала, тахшагьаралъул базаразда гIиял гьанал килоялъул багьа 420-460 гъурущ буго, хIайваналъул гьанал кило – 330-360 гъурущ, гIанкIудал гьанал кило – 170-200 гъурущ, ханал (30) — 250-270 гъурущ.

     Гъизилюрталъул базаралда хIайваналъул гьанал килоялъул багьа буго 320-340 гъурущ, гIиял гьан – 450 гъурущ, ханал – 270-300 гъурущ.

    Росабалъ хIайваналъул гьанал кило босизе бегьула 330 гъурщиде, гIиял гьан — 350 гъурщиде.

 

 

ЦОГИДАЛ БАКIАЗДА БУГЕБ ХIАЛ

 

   Гьал къоязда Ингушетия республикаялъул хIукуматалъ нигIматал хира гьариялда хадуб хал кколеб хасаб комиссия гIуцIана. Рамазан моцI байбихьидал гьенибги гIанкIудал гьанал, ханазул, хурдузул нахул, чакаралъул, крупабазул ва овощазул багьаби рахун руго.

   Ингушетиялда кванил нигIма­ тазул багьаби рахиналъе гIиллалъун рикIкIуна нигIматал мадугьалихъ ругел регионаздаса ричун росулел рукIин. Нилъер республикаялдеги ханал, гIанкIу, гIиял яги хIайваналъул гьан къватIиса босунищха бачIунеб? Нилъецаго къватIибеги бичулеб, республикаялдагоги гIезабулеб нигI­ маталъул багьа хира гьабиялъул магIна щиб?

   Гъоркьиса Дагъистаналда гIиял гьанал килоялъул гьоркьохъеб багьа букIана 350 гъурущ, исана — 420-460 гъурущ, гIанкIудал гьанал килоя­ лъул багьа букIана 130-140 гъурущ, исана – 170-200 гъурущ, семечкадул нахул литралъул багьа букIана 100 гъурущ, исана 145 гъурущ. Гьелде тIадеги кIалккун моцIалъги багьаби рахинарулел руго.

   РачIаха балагьизин аслияб куцалда бусурбабаз гIумру гьабулел цо-цо пачалихъазда рамазан моцIалъ кванил нигIматазул багьабазул рахъалъ щиб хIал бугебали. Масала, ОАЭялъул Экономикаялъул министерствоялъ лъазабуна Рамазан моцIалда 30000 кванил нигIматалъул багьа учуз гьабизе бугин. Улкаялъул 900 дармил централдагун тукабазда кванил нигIматал 25-75 проценталъ учуз гьаруна. Ханжу, пиринчI, чакар, гьан, ччугIа гIадал аслиял нигIматал бищунго гIодобегIанаб багьаялде ричулел руго.

    Нилъер республикаялда рамазан моцIалъ кванил нигIматазул багьаби рахинариялда хадуб халкквей букIунаро, гIицIго даранчагIазул намусалде тIамун тола.

    Жидеего бокьухъе багьаби рахинариялда щибха абулеб РФялъул законалъ? «Багьа чIезабиялъул низам хвезаби» абураб статьяялда рекъон, кьучI гьечIого багьаби рахинаруразде щуазарго гъурщил гIакIа къотIизе рес буго.

    Багьаби рахинаругеян даранчагIазда гьарани ва хитIабал гьарун гурони, нилъер базаразда гьединаб иш гьабиги щакаб жо буго.

 

 ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА