МагIишат мискинлъараб, рухIияб рахъ бечелъараб лъагIел

2020 соналъ инсаниятго хIинкъизабуна, хIикмалъизабуна ва гьелдаго цадахъ гIумрудул къимат гьабизеги ургъизе тIамуна. ГIаламго къеркьезе ккана бихьулареб тушманлъун лъугьараб коронавирусалде данде.

 

 Коронавирусалъ бусурбабазе гьарурал заралазул цояблъун ккана унти цIикIиндал мажгитал къай, хIежалде риччангутIи. Гьедин бугониги гIадамазул иман загIиплъич, хIатта гьелъул гIаксалда, диналъул къимат борхана, диналъул вацасе гьабулеб дугIаги кумекги цIикIана.

 

ЖамагIат цадахъ данделъизе рес букIинчIониги, ракIал цолъун гьабуна рес къотIаразе кумекги.

2020 соналда экономикияб рахъ нахъе кканиги, рухIияб рахъалъ цебетIунин абизе бегьула республика.

 

 

Пандемиялъул заманалда лъугьарал захIмалъабазухъ балагьичIого, республикаялда мажгитал ва мадрасаби рагьана, цIиял тIахьал къватIире риччана, рухIияб тарбия кьеялъул хIалтIи гьоркьоб къотIичIо.

Республикаялъул рухIияб рахъалъулъ кIвар бугел лъугьа-бахъиназул цояблъун букIана ГIиса аварагасул цIаралда бугеб РухIиябгун лъай кьеялъулаб центр балеб ракьалъул киналго документазул иш мухIкан гьаби. Гьениб гьабулеб хIалтIиги гьоркьоб къотIизе течIо. ХIатта пандемиялъул заманалъул бахIарзал – тохтурзабазул цIаралда хIухьбахъиялъул ахгицин (аллея) рагьана.

РухIияб централдаса Каспий ралъдал рагIалде щвезегIан, 1,3 километр халалъиялъул манзилалда, батIи-батIиял гъутIбиги чIана гьеб хIухьбахъиялъул ахикь.

 

Гьединго Дагъистаналъул муфтияталъул квербакъиялдалъун МахIачхъалаялда рагьана «Шагьидзабазул ахги» (сквер).

Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадис буго: «Аллагь Жиндирго лагъасе кумек гьабулев вукIуна жиндир (диналъул) вацасе кумек гьабулев гьев вугебгIан заманаялъ», — абун.

РекIелъ гурхIел-цIоб цIикIкIараз диналъул вацазе кумек гьабулеб букIана «Инсан», «БацIцIадаб ракI» ва цогидалги гурхIел-рахIмуялъулал фондал гьоркьор ккунги. Цояз тIатун, цогидаз кваранаб квералъ кьураб квегIалда лъаларедухъ хIалкIвараб къагIидаялъ гьабуна садакъаги.

Унти тIибитIараб заманалда хIалтIиги магIишат-яшав гьабизе ресги гьечIого хутIарал гIадамазе «Инсан» фондалъ квен-тIехалдалъун гьабуна кIудияб кумек. Медицинаялъул идарабаздацин гурхIел-рахIмуялъул фондаз кверчIвай гьабуна.

«Инсаналъ» исана ресукъал гIадамазе кумекалъе 150 миллион гъурущ бакIарана. Цогидал гурхIел-рахIмуялъул фондазги гIемераб хIаракат бахъана гьеб халкъалъего гIаммаб къварилъиялъулъ цоцазе кумек гьабизе.

 

Республикаялда унти тIибитIараб мехалдаги муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевасул баракаталдалъун пачалихъалъул рахъалдаса кIудияб кумек щвана. РФялъул президент Путинилгун тIобитIараб онлайн-дандчIваялда хIукуматалъул вакилзабаз цIар бахъичIого тараб захIмалъиялъул хIакъалъулъ бицана ва коронавирусалъ бецун балеб бугеб халкъалъе пачалихъалъул ра-хъалдаса кумек хIажат букIин загьир гьабуна муфтияс.

Республикаялъего кIудияб ками ккана коронавирусалдалъун. Байбихьудаго унтуда божулел рукIинчIелги кантIана, рагьдухъе гьеб «тушман» щведал. Щивав чи унтичIониги, букIана рекIелъ хIинкъиги, метерисеб къоялда божилъи гьечIолъиги, васвасдиги.

Жинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв Аварагас абуна: «Жиндие цо гIузру яги захIмалъи, унти ялъуни пашманлъи, хIатта рекIел рахIат хвезабулеб къварилъи ккарав муъминчиясул мунагьал чурула», — ян. Муъминчи унти — гьеб Аллагьасул цIобги саламги бугин абун, рекIелъ иман бугез жидедагоги сверухъ ругездаги яхI гъолеб букIана.

Свалат-салам лъеяв аварагасул хIадисалда буго: «Цо къо нилъее пайдаяб бачIани, цоги къо нилъе-да данде бугеб бачIуна», — абун. Данде бачIараб захIматаб къоги бахIарчиго нахъа танин абизе бегьула нилъер тохтурзабазги, жамгIиял хIаракатчагIазги, халкъалъул рухIияб рахъалъул ургъалида ругел диниял церехъабазги.

 

Пандемиялъул заманалда нилъеда бичIчIана щивасда диниял гIадаталги шартIалги лъазе кколеблъи. Коронавирусалъ унтун къадаралде щварал гIагарал гIадамазул жаназа чуризе ва гьенир тIуразе тIадал шурутIал лъалев чи щоларого хутIарабги букIана заман. Рес къотIарал гьединал бакIаздаги ку-
мекалъе ратулаан диниялгун жамгIиял гIуцIабаз хIадур гьарурал малъа-хъваязул видео-материалал.

ГIемерисезда бичIчIана унтуда данде къеркьезе къуватги рекIее парахалъиги диналъулъ букIин.

Киназего захIматаб соналда республикаялъул динияб гIумруялъулъ цоги лъикIаб лъугьа-бахъинлъун ккана исламияб лъай кьеялде кIвар цIикIкIинабизе кIвей.

 

2020 соналда Дагъистаналда, шайих МухIамад-ГIарифил цIаралда бугеб ДИУялъул кьучIалда, муфтияталъул минаялда тIоцебе тIобитIана исламиял гIелмабазул рахъалъ докторлъиялъул диссертациял цIуниялъул тадбир. Цебейин абуни, республика тун къватIиб гурони гьеб иш гьабун бажарулароан. Гьанже республикаялда буго исламиял гIелмабазул докторантураги.

Жакъа Интернеталъ тарбия кьун гIолеб гIелалъе битIараб нух бихьизабулел исламиял гIалимзаби цIикIкIинги рухIияб тарбия кьолел тIахьал къватIире риччайги республикаялъего пайдалъун букIина.

Биччанте нилъее ЦIияб сонги баракатаблъун, рахIматазул цIураблъун, унтудаса, балагь-къварилъиялдаса цIунараблъун букIине.