РФялъул президент Владимир Путиница халкъалде хитIаб гьабуна Улкаялъул президентас халкъалде хитIаб байбихьана Россиялъул пенсионерал цIикIкIунел рукIиналъулги, гьеб рахъалъ хиса-басиял гьаризе цебего заман щвеялъулги, реформа гьабичIого тани, ккезе бегьулеб хIалкъаялъулги ва цогидалги масъалабазул бициналдаса. Реформа чарагьечIеб иш букIиналъе далилалги рачана гьес. Гьелдаса хадуб Владимир Путиница загьир гьаруна пенсиялъул реформаялъул хIакъалъулъ гьадинал пикраби.1. Законалъул проекталда абулеб...
