Журналистазулгун дандчIвай

ЦIияй министралъул цIиял ишал

 

Жий диналде дандечIарай гIадан гурин лъазабуна Е. Толстиковалъ

Екатерина Толстиковалъул цIар лъикIго лъала Дагъистаналъул учительзабазда. Гьелъ хIаракат бахъулеб букIана республикаялда лъайкьеялъул даража борхизабизе. Амма лъаларо щаяли, бачIинахъего къабуллъичIо гьей лъайкьеялъул жаваб кьолезе. Гьелъ хIалбихьун букIана, масала, учителасе хIалтIул категория гьабулаго, хиса-басиял гьа­ризе. Гьелъул нухмалъиялда гъоркь рагьана МахIачхъалаялда гIелмабазул гьитIинаб академия. Гьенибги гьелъул тIалабалдалъун кIвар кьезе лъугьана рахьдал мацIазде. ХIадур гьаризе байби­хьун рукIана 7 классалдаса байбихьун дистанциялъулаб къагIидаялда, дагьабги гъваридго лъималазда мацI малъиялъе программаби, тематикиял ва дарсил планал. Гьелги гьоркьор къотIана, лъаларо лъил гIайибалдалъунали.
Гьединго гьелъул нухмалъиялда гъоркь гIуцIана щибаб цIалул предметалъул учительзабазул цолъиял (магIарул мацIалъул хутIизегIан — Баху МухIидиновалъ гьеб гIуцIаралдаса унеб буго щугогIаги сон).
ЦIияб хъулухъалде гьей тIамуралдаса гIемераб заман гьечIониги, камулел гьечIо гьелъул цIаралда бан тIиритIизарулел харбал. Ракьул ва мал-мулкалъул министр Екатерина Толстиковалде гIайиб гIунтIизабулеб буго гьелъ министерствоялъул минаялда как базе гьукъулеб бугин, хIалтIул заманалда рузманалде хIалтIухъаби риччалел гьечIин, министерствоялъул минаялъуб букIараб как балеб рукъ раханин.
Амма гьелъ жиндего гIунтIизарулел гIайибал кьучI гьечIеллъун рикIкIунел руго.
— Дун Дагъистаналда лъагIалидаса цIикIкIун заманалъ хIалтIулей йиго. Дица адаб гьабула дагъистаниязулги исламияб диналъулги. Как балеб рукъги къачIазе буго, гьелдаса хадуб хIалтIизеги буго. Как базеги гьукъун гьечIо. Дица адаб гьабула Дагъистаналъул гIадатазулги. БичIчIизеги бичIчIула гьединал ишазе дир изну букIунареблъи, — ян абуна гьелъ, коллективалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ цIехедал.