Инсанасул ихтиярал цIуни

Къварилъиялъ халкъ гъункизабуна

 

Дагъистаналде щвана РФялъул президентасда цебе гIуцIараб Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулгун инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул (СПЧ) вакилзаби.
20 февралалда СПЧялъул вакилзаби ана Гъизляралде. Гьез тIугьдул лъуна килисаялдаса къватIире рачIунаго, насраниял чIвараб бакIалда. Гьел данд­чIва­на хваразул гIагарлъигун ва гьезда зигараги бана.
Инсанасул ихтиярал цIунулел щвана килисаялде. Гьениб букIана Ма­хIачхъа­лаялъулги Грозныялъулги епар­хия­лъул епископ Варлаамилгун данд­чIвай. «Нижеца гара-чIвариял гьару­на насраниялги исламиялги рухIиял церехъабигун. Гьезда бараб буго Дагъистаналдаги Северияб Кавказалдаги парахалъи букIин. Террористазул хIинкъиялде данде къеркьеялъулъ хасал хъулухъа­лъулаздасаги низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазухъаги гIемер хIалтIи гьабун бажарула. Щайгурелъул гьез накъит гьабула щивасул рекIел тIиндеги раккун», — ан бицана дандчIваяздаса хадуб Михаил Федотовас.
Гъизляралда ккараб балагьалъ дагъистаниял жеги цIикIкIун гъункизарунин абуна Максим Шевченкоца. «ТIолго дагъистаниял – бусурбабиги насраниялги – цадахъ рекъон, гъункун руго. Гьеб къварилъи хъинтIана щивасул рекIеда. Шагьаралъул тIолабго халкъ бакIарун букIана килисаялда аскIоб», — ан абуна гьес.

Такъсиралъухъ – тамихI

«Черновик» газеталъул редакциялда тIобитIана данделъи. Гьелда гIахьаллъана СПЧялъул председатель Михаил Федотов, СПЧялъул членал Леонид Никитинскийги Максим Шевченкоги. Данделъи нухда бачана ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас.
Байбихьуда, СПЧялъул председатель Михаил Федотовас гьарана Гъизляралда накълулъаразул хIурматалда цо минуталъ сихIкъотIун чIаян. Гьелдаса хадуб гьес бицана республикаялде гьабураб сапаралъул мурадазул хIакъалъулъ.
«Ниж республикаялде рачIун руго, Дагъистаналъул нухмалъи хисулеб заманалда кинаб кумек нижехъа бажарулебали халгьабизе. Ришватчилъиялде данде къеркьей байбихьизе кколаан некIого, амма кинал къагIидаби гьелъие хIалтIизарилел абураб суалалда тIад ургъизеги ккелаан. Аслияб мурад буго, республикаялда гьабулеб гьеб хIажатаб иш пуланаб кампаниялде сверизабунгутIи. Нилъер улкаялъул тарихалда букIана заман, «рохь къотIула – чIухIтIи гъенола» абураб принципалда рекъон, халкъал репрессиязде ккараб. Гьеб такрарлъизе биччазе бегьуларо», — ян абуна Михаил Федотовас.
Максим Шевченкоца ракIалдещвезаруна такъсирчагIаз чIварал Дагъистаналъул журналистал. «Дун гьедун вукIана, ХIажимурад Камалов чIварав такъсирчи туснахъалде ккезавичIого чIезе гьечIин. Гьесие тамихI гьабизе ккола экономикияб такъсиралъухъ гуребги, журналист чIваялъухъги. Нилъеда кIочене бегьуларо цогидалги нилъер гьалмагъзаби: Загьир Аруховги, АхIмаднаби АхIмаднабиевги, ГIабдулмалик АхIмадиловги, ХIажи ГIабашиловги, цогидалги. ТIасалъугьине бегьуларо гьел чIварал такъсирчагIаздаса. Улкаялъул президентасе гьерсал рицана ДРялъул бетIерлъун вукIарав Рамазан ГIабдулатIиповас: журналистал чIваялда бан рагьараб 11 уголовнияб делоялъул цIех-рех гьабун бахъанин абуна гьес. ЧIвадарухъабазеги журналистал чIвайилан малъарал гIадамазеги тамихI гьабизе ккола. Жакъа журналистазе рес щун буго, нижер гьалмагъзабазде квер борхарал такъсирчагIи ралагьеян абун, цоги нухалда гьаракь борхун тIалаб гьабизе. Нилъеца гьеб ресалдаса пайдаги босизе ккола, дир пикруялда. Биччанте чIва­дарухъаби ратизе, гьалгощинал соназ кIваркьечIого тарал цIех-рехалъулал тадбирал цIигьаризе, гьел делаби кье Москваялъул следователазул къокъабазухъе», – ян абуна Шевченкоца.
Гьесул пикруялда тIадрекъана «Новая газеталъул» журналист, СПЧялъул член Леонид Никитинский. Гьес абуна, журналистал чIваялда бан рагьизе кколин РФялъул Уголовнияб Кодексалъул 277-абилеб статьяялде (пачалихъияб яги жамгIияв хIаракатчи чIвазе хиял гьаби) рекъонккараб такъсир гьабиялъул хIакъалъулъ уголовнияб дело. «Гьел чIвана журналистасул хъулухъ тIубалаго, гьеб ккола жамгIияб хIаракат», – ан абуна Никитинскияс.
«Свобода слова» ОООялъул директор Магьди Камаловас данделъиялда загьир гьаруна гьадинал пикраби:
а) РФялъул УКялъул 277-абилеб статьяялда тIаде жубазе ккола «СМИязул яги бухьеналъул вакил» абун;
б) РФялъул Уголовиябгун процессуалияб кодексалда хъвазе ккола, судалъул ихтияр бугин журналист пачалихъияв яги жамгIияв хIаракатчи кколин абураб хIукму гьабизе.
в) РФялъул УПКялда хъвазе ккола, жинца тIубалеб бугеб хъулухъалда бан, журналист, жамгIияв ва пачалихъияв хIаракатчи чIван вугони, яги гьев чIвазе хиял гьабун батани, гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабизе бугин ведомствабазда гьоркьосеб оперативиябгун цIех-рехалъулаб къокъабаз (гьезда гъорлъ рукIине ккола Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъулги, ФСБялъулги следователалги ФСБялъулги МВДялъулги оперативиялгун розыскалъул идарабазул хIалтIухъабиги).
«Черновикалъул» журналист МухIамад МухIамадовас абуна, пачалихъиял идарабаз кватIун кьолин журналистазе баянал. «Нижеца бихьизабураб заманалда кьураб суалалъе пачалихъияб идараялъ жаваб кьола «СМИялъул цIех-рехалъе» яги «пуланаб гIарзаялъе» жаваб хIисабалда, ай моцIил болжалалда. «Пачалихъияб хъулухъалъул» сайталдасан гьединаб жаваб щолеб къагIида гьабуни, ай гьелда бан законалда хиса-баси гьабуни, лъикI букIинаан», — ин абуна журналистас.
Кавсарат Сулейманова