Такъсир ва тамихI

ГIадлу гьабизе букIин бичIчIизабуна

 

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасги РФялъул генералияв прокурор Юрий Чайкацаги тIобитIана данделъи

Данделъиялда хIасил гьабуна республикаялда генералияб прокуратураялъ тIобитIараб халгьабиялъул. Аслияб мурад букIана Дагъистаналда закон цIуниялъул хIал лъазаби.

Юрий Чайкаца абуна улкаялъул президентас республикаялъул прокурорлъун тасдикъ гьавунин Денис Попов. «Россиялъул президентасул указалда рекъон, Денис Попов щуго соналъул болжалалда Дагъистаналъул прокурорлъун тIамуна», — ян бицана Чайкаца.
Дагъистаналда гьабураб халгьабиялъул хIасилазул хIакъалъулъ бицана РФялъул генералияв прокурорасул заместитель Иван Сыдорукица. Гьесул баяназда рекъон, республикаялда тIатана законалъул тIалабал хвезариялъул 2500 хIужа ва гьелъул хIасилалда рагьана 70-ялдаса цIикIкIун уголовнияб делоги. ГIемерисел такъсириял хIужаби тIатун руго ЖКХялдаги, цIатариялдалъунги токалдалъунги халкъ хьезабиялъул рахъаздаги, ракьул ва бакIал раялъул низам цIунунгутIиялъулъги. Гьел рахъазде республикаялъул прокуратураялъ цIикIкIараб кIваркьезе кколинги абуна Сыдорукица. Гьес рехсана гьадинал хIужабиги: «Законалде рекъонкколарел тарифал чIезарун руго гIадамазе. Токалъул кваразул 70 процент басралъун руго, гьединлъидал потребителасухъе щвелалдего гIадада унеб буго гIемераб ток. ЦIатариялъулгун энергетикаялъул комплексалъул (ТЭК) предприятиязул налъи гъоркьиса бахана 53 млрд гъуршиде. Гьеб рахъалъ низам цIунизе квербакъун гьечIо сурсатал чIезарулел идарабазги бакIалъул нухмалъиялъги. ТЭКалъул рахъазда бан къабул гьарурал регионалиялги муниципалиялги правоялъул актал гьарунго гьечIо, гьаруразулги гьел дандекколаро федералияб законодательствоялде.
«Газпром межрегионгаз Махачкала» абураб идараялъул хIалтIулъ руго закон хвезабиялъул гIемерал хIужаби. Гъоркьиса букIана 1,8 млрд гъуршил налъи газалъухъ, гьелда бан цониги хитIаб гьабун гьечIо судалъул приставазухъе. Гьелдалъун бахъичIого хутIана 900 миллионалдаса цIикIкIун гъуруш. Буго «Спецгазстройсервис» ГКУ абураб гIадамал газалдалъун хьезариялъу­л тIалаб гьабизе кколеб, ай газалъул рогIразул халгьабизе тIадаб регионалияб хъулухъ. Чамалиго соналъ щибниги гьабулеб гьечIо гьез, амма лъагIалие гьезие кьола 75 миллионалдаса цIикIкIун гъуруш. Сундухъ?»
Владимир Васильевас министерствабазулги ведомствабазулги нухмалъулезда лъазабуна рехсарал гIунгутIаби тIагIинаризе кколин. «ХIалтIизе ккола, гъуждулги гурун. Бажариларин ракIалде ккарав чияс, хIалтIудаса нахъе ине вугилан гIарза кье», — ян абуна гьес.
Республикаялъул бетIерас абуна, ишалде бербалагьиги махщелчилъиги кьочIое босизе бугин цIиял чагIи хъулухъалда толеб мехалда. «Миллиял бигьалъаби рукIине гьечIо. РишватчагIаздасаги жамгIияб мулкалда хъат бараздасаги эркенлъулел руго нилъ. Гьеб буго бажари бугезе, хасго гIолилазе, жалго рихьизаризе лъикIаб рес», — ан лъазабуна гьес ва гьеб рахъалъ СМИяз кумек гьабиялде хьул бугинги бицана.
Республикаялъул прокуратураялъ сунде кIварбуссинабизе кколебали бицунаго, Юрий Чайкаца рехсана бичун босараб яги администрациялъ кьураб ракьул хъвай-хъвагIай гьабулел идарабаз ришватчилъиялъе нух рагьулеб бугин. Цоги, кIваркьезе кколеб рахълъун рехсана социалиял субсидиял рикьулел идараби. «Кьварараб низам букIине ккола росдал магIишаталъулги, гIисинабгун гьоркьохъеб бизнесалъулги цебетIеялъул мурадалда гранталги субсидиялги кьеялъул рахъалъ. Гьединго балагье, хIакимзабаз минаби кин ран ругелалиги. Гьезул гIемерисел ран руго ралъдал рагIалда яги КОРалда аскIор – гьеб ккола законалъ гьукъараб иш», — ан бицана генералияв прокурорас.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ