Анкьил хIасилал

ЛъикIаб хIалбихьиялдаса пайда боси

 

Араб анкьалъ Дагъистаналде щвана Татарстаналъул вакилзаби

Татарстаналдаса рачIарал гьалбадерида гьоркьов вукIана гьезул бетIер Рустам Миннихановги. Гьевгун дандчIвана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев. Гьел цадахъ щвана республикаялъулаб МФЦялдеги, ахирал соназда рагьарал предприятияздеги, Гьудуллъиялъул рокъореги.

Татарстаналъул вакилзаби Дагъистаналде рачIун рукIана республикаялъул промышленниял предприятиязул хIалтIул хIалбихьиялдаса пайда босизе. Гьезулгун гьарурал цадахъал сапараздаса хадуб кIиябго регионалда гьоркьосел бухьенал щулалъизариялъул мурадалда къотIабиги гьаруна.
Араб соналъул ахиралда дагъистаниязул къокъа ун букIана Татарстаналде. Гьениб бихьа-рагIаралдаса пайдаги босун, гьабураб хIалтIул хIасилалда Дагъистаналъул муниципалияб транспорталда кколел къварилъабазул къадар анлъго нухалъ дагьлъанин бицана Владимир Васильевас. Гьес абуна Татарстаналъул хIалбихьиялдаса хадубккунги пайда босизе ракIалда бугинги.

«Мараби» заводалда

Хъумторхъала районалъул Тюбе поселокалда буго индустриалияб площадка. Гьенире щварал Васильевги Миннихановги ралагьана «Каспиялъул цIорол завод» (КЗЛС) АОялъулги «Мараби» ОООялъулги предприятиязул хIаракаталъухъ. «Мараби» ООО ккола Россиялъулги Италиялъулги цадахъаб завод. Гьениб лъагIалида жаниб хIадурула щагIил къаназул кIиго млн квадратияб метр.
КЗЛС хIалтIизе байбихьана 2013 соналда. Гьениб мехелалъ хIадурула 600 тонна цIорол. Гьелъул дармие нухал гIатIид гьаризе ккеялде кIварбуссинабуна Рустам Миннихановас.

КIиябго республикаялда буго
Гьудуллъиялъул рукъ

Дагъистаналъул Гьудуллъиялъул рукъалъул директор Аида ГIалиева дандчIвана Татарстаналъул ишцояв Ирек Шариповгун.
Гьалбадерида бихьизабуна Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул музейги, Миллияб парталалъулги миллиял музыкалиял алатазулги лабораторияги. Шариповасе бокьана музеялъул этнографияб хасият букIин ва гьениб улкаялъул батIи-батIиял халкъазул тарихги, миллатазул бухьеналги, маданияталъул цогоял рахъалгун хаслъабиги хIисабалде росун рукIинги.
Ирек Шариповас баркала кьуна музеялъул хIалтIухъабазе. «Дун вохарав вуго гьадинаб къанагIатаб музей Дагъистаналда батиялдаса. Гьениве щварав чиясда бихьулеб буго нилъер улкаялъул батIи-батIиял халкъазул маданияб бечелъиги гьеб бечелъиялъул кьучIлъун кколеб гьудуллъиги. Гьединаб лъай чара гьечIого букIине ккола щивав чиясул», — ан абуна гьес.
Музеялъухъги лабораториялъухъги балагьун хадуб тIобитIана «Гьудуллъи» абураб жамгIияб советалъулги Ирек Шариповасулги дандчIвай. Рехсараб жамгIияб советалда гьоркьоре уна миллиял жамгIиятазулги «Гьудуллъиялъул рукъ» абураб ГБУялда цере гIуцIарал миллиялгун маданиял автономиязулги вакилзаби.
Аида ГIалиевалъ бицана Гьудуллъиялъул рукъалъул хIаракаталъул хIакъалъулъ. Гьелъ абуна, гьеб хIаракат гIуцIулеб бугин, миллатазул вакилзабазулгун дандги бан.
Ирек Шариповасги бицана Татарстаналда Гьудуллъиялъул рукъ рагьиялъулги гьелъул хIалтIулги хIакъалъулъ. «Гьеб рагьана миллиялгун маданиял жамгIиял гIуцIабазе пачалихъияб квербакъи гьабиялъул мурадалда. 2005 соналдаса нахъе гьелъие гIарцул кумекги гьабула Татарстаналъул бюджеталдаса», — ян абуна гьес.
ДандчIваялда къотIи гьабуна цадахъал тадбирал тIоритIизе.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрация­лъу­л пресс-хъулухъ